Ткачевасул рахІат Кущевкаялъги Крымскалъги гуреб хвезабун бугеб - кавказалъулаз...

Дагьалъ цебе Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевас краялдасан кавказалъулал нахъе иналде ккезариялъе гьаризе ракІалда ругел тадбиразул бицунеб лъазабиялъ, россиялъул жамгІияталда жанир рагъаризаруна жигарал бахІсал. Гьанже информациялъул алатазда, интернеталда гьеб тема буго бищунго актуалияб.
Ткачевасул лъазабиялъ миллатазда гьоркьор конфликтал рижинаризе бегьулин риккунеб буго гІемерисел политологаз. Цогидазул пикруялда, Ткачев, экстремизмалъул ахІиял гьариялъе гІоло, диваналда цеве чІезавизе ккола. Лъабабилез абулеб буго, ТкачевасулгІадал лъазабиял россиялъул нухмалъиялъ кІвар кьечІого толин, щайгурелъул миллатчилъиялъул атмосфераялъ тадтаразе кумек гьабулин нухмалъиялда хутІизеян.

ГІемерисел инсанасул ихтиярал цІунулезул пикруялда, экстремистияб лъазаби Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевас гьабуна 3 августалда краялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул коллегиялда цеве вахъунаго. Гьесул планалда рекъон, шагьаразда ва ралъдал рагІаллъабазда «кавказалъул республикабазул гьалбазе» низам хвезабиялъул ресал къотІизаризе кколел руго полициялда цадахъго патрулалда гІахьаллъулел хъазахъаз. Гьеб 20-25-азарго гъурщил харжалъул хІалтІи букІине рагІула. Полициялъул коллегиялда гьединал пикраби загьир гьарулаго, гьес ризго халтІизабулеб букІун буго «халкъ» абураб рагІи, хъазахъал ракІалдеги росун. Ткачевас коллегиялда гьабураб каламалъул фрагмент.

Александр Ткачев, Краснодар краялъул губернатор

Александр Ткачев: "Нилъеца кидаго кавказалъул республикабазде, Европаялде щвараб мехалда гІамал гьабула бакІазда ругел гІадатазда рекъераб хьвада-чІвади гьабизе. Гьеб букІуна цивилизациялъул чиясда рекъараб хьвада-чІвади. Амма нилъеда бихьулеб буго нилъер гьалбазул хьвада-чІвади Кубаналдаги цогидал бакІаздаги. Гьез жидерго музыка биччала цогидазде балагьичІого, гьел ралъдал рагІалда гьукъарал бакІазда машинаби тІамула. Гьезул хьвада-чІвади букІуна гІамал кІудияб, вахІшияб.

Дица абила, халкъгун рагъиялдасан пайда щоларо. Киналго хІинкъула халкъалдаса. Гьединлъидал, хъазахъал полициягун цадахъ ругеб мехалда, нужгоги рукІине руго ракΙ чІараб хІалалда. Нужеца гьабизе бегьулареб жо бегьула гьабизе хъазахъазе. Дир ракІ чІараб буго, цогидаб нухги нилъер гьечІо, гьединаб къагІидаялда нилъеца гьел нахъе иналде ккезаризе руго, низам чІезабизе буго."

ГІицІго гьеб фрагменталда Ткачевас загьир гьарурал пикрабазде кІвар буссинабун, «Известиязул» сайталъул интернет-форумалда Ферз абураб никалда гъоркь чияс хъвалеб буго, губернаторас хъазахъал низам цІунизе гурел, полициялъулал цІунизе хІалтІуде росулел ругин. Кущевкаби рукІунеб краялда, полициялда низам цІунизе тоххалаги махшелги букІиналда жив божуларилан, жубалеб буго Ферзица.

Живго Ткачевас риккунеб буго, регионалда миллатазда гьоркьоб конфликтал ккечІого хутІуларин. Гьесул пикруялда, мадугьалихъаб Ставроль краялда кавказалъулал гІемерлъиялъ гІурусазул рахІат хвезабун буго, гьесул план гІумруялде бахъинабичІони, Краснодар краялдаги гІумру гьабизе гІурусазе захІмалъизе буго.

Александр Ткачев: Ставрополалъул край. Нилъер мадугьалзаби, нилъер вацал. Нилъеда бихьулеб буго кин гьениб жамгІияб цолъи биххулеб бугебали. Гьелдаго цадахъ талхулеб буго культурияб ирсги, хъазахъазул хаслъиги. Гьеб ракь бигьаго бахъулеб буго цогидал халкъаз. Узухъда, кавказалъул миллатазул вакильзабаз. Нилъеда бихьулеб буго гьезул къадар гьениб цІиккунеб бугеб куц. ГІурусазул рахІат хун буго гьениб гьанже. ГьанжелъезегІан дида кколеб букІана Кубаналдаги Кавказалдаги гьоркьоб пуланаб фильтр, цІалкІо бугилан. Амма гьанже дида бихьухъе, гьеб хутІун гьечІо. Хадусел нилъ ккола. Лъица жаваб кьезе бугеб гьаниб битІей байбихьараб мехалда? Дица абулеб буго гьанир миллатазда гьоркьор конфликтал рагъарун хадурила. Жакъа-метер гьел рукІуна."

Адыгеялъул черкессазул жамгІиял гІуцІияз лъазаби бахъана. Гьелда Россиялъул нухмалъиялдаса тІалаб гьабулеб буго Ткачев губернаторасул хъулухъалдаса нахъе вахъи. Гьез гьесда гІайиб гІунтІизабулеб буго миллатазда гьоркьосел конфликтазе багьанаби гІуцІиялъул. ХитІабалъул автораз Кубаналда миллатазда гьоркьосел конфликтал рагъарани, гьеб букІине бугила Россиялъул Федерация биххиялъул байбихьиян.

Гьанже политологаз батІи-батІиял экспертаз ва жамгІиял хІаракатчагІаз къимат кьолеб буго Ткачевасул лъазабиялъе. Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъул нухмалъулезул цояв Къурбанов Русланица риккунеб буго гьединал лъазабиял гьарулезул жавабчилъи гьечІолъи кколин бакІалъулал хъулухъчагІи нахъе-цере балагьичІого гьединал галабазде иналъе багьанаян.

Къурбанов Руслан, Кавказалъул халкъазул росиялъул конгрессалъул нухмалъулезул цояв

Къурбанов Руслан: "Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул нилъер руго Кремлалъ гІагар гьаруралги, манзилалда чІезаруралги губернаторал. Ткачевин абуни ккола Кремлалъ гІагар гьарурал регионалиял нухмалъулезул цояв. Гьесда лъала, гьесул гІемер мунагьал рукІаниги, гьев жавабчилъиялде цІачІого хутІулеблъи. Гьелегури Кушевка букІана, Крымскалъул балагь букІана. ХутІанагури гьев жиндирго бакІалда. Гьединаб миллатчилъиялъул лъазабиги хутІула букІине кколеб къимат Кремлалъ кьечІого. Гьебин абуни ккола, гьев жавабчилъиялде цІачІого толин абураб жо. Щайгурелъул Краснодар край ккола президентасе хІухьбахъизе бищунго бокьулеб бакІ. Нилъер «нухмалъиялъул вертикалалъ» гьединал лъазабиязе гІологуреб тамихІ гьабулеб, тамихІ гьабула гьелъ нухмалъиялде, Кремлалде данде лъазабиял гьарулел гІадамал. БакІалъулал даражаялъул нухмалъулезул националистияб, ксенофобияб хасияталъул лъазабиязде кІвар буссинабулел чагІи Кремлалда дагьал руго. Гьез гьединаб жоялъе кІварцин кьоларо. Дида ккола, Кремлалда халкъ бихьулеб гьечІин жиндир пикру риккине, къабул гьабизе, ракІалде босизе мустахІикъаб халкълъун. Кремлалъе бищунго аслияб жо ккола, регионазул хъулухъчагІазул мукІурлъи, талъиялъул рахъ кколеб букІин. Халкъалъул хІалалъул, гьеб хІакъир гьабулеб букІиналъул хъулухъчагІазул кинабгІаги ургъел гьечІо. Гьединлъидал кавказалъулазул миллионал хІакъир гьарулеб лъазабиялдеги Москвалъул кинабгІаги реакция букІине гьечІо."

Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул нухмалъулев ГІабдулатІипов Рамазаница хитІаб гьабун буго Ткачевасухъе, гьесул миллатчилъиялъул лъазабиялъе къимат кьун. Нижер программаялъе комментариял гьарулаго, гьес абуна, гьеб суал гьоркьоб лъезе кколин Россиялъул президентасда цебе гІуцІараб миллатазда гьоркьосеб мажлисалъул тІоцебесеб данделъиялдагиян.

Ткачевасул галиялъе квешаб къимат кьолезул гІемерисез риккунеб буго, гьеб лъазаби кколин жиндирго гъалатІал рахчизаризе, краялда ругел кІудиял проблемабазул жиндаго ругел гІайибаздасан кІвар цогидаб рахъалдехун буссинабиялъе гьабулеб хІалбихьиян. Гьединаб пикруялда разилъулев вуго ГІабдулатІиповги.


ГІабдулатІипов Рамазан:

Your browser doesn’t support HTML5

Ткачевасул рах1ат Кущевкаялъги Крымскалъги гуреб хвезабун бугеб - кавказалъулаз...



«Гьединал киналго лъазабиял нухмалъиялъул рахъалдасан раккула, жиндаго регионалъул халкъалъул социалиялгун экономикиял рахъал, культура цебетІезабиялъул ва цогидал масъалаби тІуразаризе бажарулареб мехалда. Гьединаб мехалда гьез абулеб букІуна гьелъул гІайиб бугин гьал цяозда, гьал цогидазда. Гьеб ккола ургъунго социалиялгун культуриял проблемабазул этнополитизация." – ян халат бахъинабуна ГІабдулатІиповас жиндирго пикру.

Дагъистан ккола бищунго гІемерал миллатазул республика. Нилъеда цогидал ричІун рукІиналъеги, цогидазда нилъ ричІун рукІиналъеги кинаб букІине кколеб жалго регионазда жанисеб миллияб политика, гьедин абизе бегьулеб батани?

ГІабдулатІипов Рамазан:

Your browser doesn’t support HTML5

Ткачевасул рахІат Кущевкаялъги Крымскалъги гуреб хвезабун бугеб - кавказалъулаз...



Ткачевасул лъазабиялъ россиялъул жамгІияталда жаниб гьедигІан кІудияб резонанс баккизабун бугеб мехалда, щай Кремль чІун бугеб сас къотІун? Нижер программаялъул гьединаб суалалъе жаваб кьолаго машгьурав бизнесмен ва политик Константин Боровояс абулеб буго, жиндир пикруялда, Кремлалъе гьеб бугила данде кколеб хІужжайила.

Константин Боровой, бинесмен ва политик

Константин Боровой: "Дида ккола, Москва сас къотІун чІун гьечІин. Москваялъ гІуралъ жигарго квербакъи гьабулеб буго миллатчилъиялъул кампаниялъе. Ткачевас кинабагІаги лъазаби гьабулароан, Путиница, Кремлалъ гьесул рахъ кколеб букІин лъалеб букІинчІебани. Гьеб ккола Кремлалъул политика, гьеб ккола изоляционизмалъул политика. Гьеб ккола нацизмалъул, фашизмалъул гІорхъабазде аскІобе щвараб радикалияб рационализмалъул политика. Гьеб политика халат бахъунеб буго цебего. Гьеб политика билъанхъизабиялъ Путинги, гьесда сверухъ ругелги хутІулел руго нухмалъиялда. Гьеб ккола конфронтациялъул, рагъулаб къувалъиялъул рахъалда хурхинабураб политика.

Гьеб национализмалъул политика информациялъул алатазул кумекалдалдалъун тІибитІизабулеб ва щулалъулизабулеб буго, гьелъул пропаганда къувалъизабулеб буго. Гьедингурони "силовиказда" бажаруларо нухмалъиялда хутІизе. Гьез, цебеги Кремлалъ Совет Союзалда хІалтизабулеб букІараб, «кІудияб вацасулин» абулеб схемаялъул реконструкция гьабулеб буго. Гьеб ккола миллатчилъиялъул, демократиялде кинабгІаги хурхен гьечІеб схема. Гьелда рекъон букІана «пачалихъалъул кьучІлъун кколеб аслияб миллат», хутІарал миллаталин абуни рукІуна кІиабилеб сорталъул нацияби. Гьеб ккола басрияб позиция, басрияб политика. Гьеб жакъаги хІалтІулебги буго. Щайгурелъул гьеб къваригІун буго нухмалъиялъе, Кремлалъе."

Боровоясул пикруялда, жакъа Европаялъги Россиялда загьирлъулел вахІшиял хІужжабазде берал къанщулел руго. Гьелдасан гьелъие пайда бихьулеб гьечІо, хасго жибго россиялъул халкъалъул реакция гьединал хІужжабазда хурхун загІипаб букІиналда бан.

Константин Боровой: "Европаялъул гьечІо реакция, гьелдаса гьелъие пайда гьечІо. Россиялъул халкъазги гьеб хІехьолеб бугелъул. Чачаналъ ва цо-цо цогидал регионазда, мисалалъе Татарстаналда загьирлъараб дандечІей гьедигІанго кІудияб букІун батиларо. Россиялде револицялъул экспорт гьабизе лъиданиги ракІалдаги гьечІо. Россиялъул гражданаз гьеб хІехьолебги бугони, европаялъулаз лъицаниги гьеб хисизабизе гьечІо. Россиялъул гражданаз гьеб хІехьолеб буго, щайгурелъул гьезде асар гьабулеб буго цІакъ къуватаб миллатчилъиялъул, империялъулаб хасияталъул пропагандаялъул машинаялъ."