Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росдал гIадамазулгун букIараб дандчIваялдаса хадуб республикаялъул жанисел ишазул министрас бакIалъул полициялда лъазабун буго тIад номералги гьечIеб, бецIал цIурдулги ругеб цониги автомобиль тогейин хадуб халкквечIого, нагагьлъун низам цIунулел гьел ратаниги, гIадлу гьабейила гьезиеги, цогидаздаса батIалъи гьабичIого.
Гьеб букIана жидер росуцояв Хайрулаев Адам вугеб бакI цIехон Комсомольское росдал гIадамал министрасда аскIоре араб мех. 3 августалъул рогьалилъ мажгиталдаса рачIунел гIолохъабазда гьоркьоса гIицIго гьев ун вуго вачун. Гьев вугеб бакI тIалаб гьабун гIадамаз 5 августалда къан букIана росда аскIосан унеб маххул нухги. Жанисел ишазул министрас къабул гьаризехъин ругин нужилан рагIи кьедал, гIадамал митингалдаса нахъе ана. Гьединго гIадамазда гьоркьоб хабар биччан букIана Адам вугеб бакI лъалеб рагIулин къанун цIунулезда. Гьелъ гьел дагьалъ гIодориччанги рукIана.
Министрасулгун дандчIваялде ун рукIана Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулевги, прокурорги, Комсомольское росдал чанго вакилги. Гьезда гьоркьов вукIана росдал мажгиталъул дибир ТIалхIатги.
ТIалхIат: «Министрас абуна хехлъи гьабун валагьизе кколила гьев вас, ретIун рагъулаб ретIелгун щал гьедин рачIине кколел рукIаралалиги лъазабизе кколила гьесда хадур. Жиндаги лъаларила гьев кив вугевали. Бокьани дове росулъеги вачIун гIадамалгунги кIалъалила жив. Нижеца гъосда бицана полициялда ццим бугин гIадамазул.
РетIун формагун, ххун маскабигун, яргаъги кодоб ккун гIадамал гIадамаллъун рикIкIунел гьечIин гъозилан. Гьел сабаблъунги унел ругин гIолохъаби рохьалъе, гьедин босулеб бугин гьез ярагъги кодобе. ЦIикIкIун гIадамазулгун кIалъа-басаял гьарейин абейин полициялда. Министрасги абуна битIараб бугила, ругила гьедин бокьа-бокьараб гьабулел полициялъулалги. Амма тIатун хадур жидеца гьезие тамихI гьабулила».
Дагъистаналда гIадатлъун лъугьун буго къойилго гIадин гIолохъаби тIагIин. Гьелда гъорлъ жал рукIиналдаса къанун цIунулез инкар гьабуниги, гIадатиял гIадамаз гIайибияллъун гьел рикIкIуна. Динияб гIаламатги багьанадуй ккун, вагьабиялин цIаралги лъун рачун унел ругила гIолохъаби. Гьединаб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Комсомольское росулъа Хадижатицаги.
Викъун арав Адамил мадугьал Хадижат: «Я гъарин, Аллагьас рижарал бусурбаби руго нилъ. Нилъеца какги бокьарас Къилбаялдехун вуссун бай, бокьани – нахъе вуссун бай. Жив-жив чияс жидее бокьухъе гьабила. Гьав васасул лъиениги зарал-зиян гьечIо гIадамазе. Гьаб жо гIазаб буго, гьаб чIезабизе ккола. ИчIго моцIалъ каранда гъоркьги лъун, жидей бокьун гIезарула улбуз лъимал. Амма кIудиял гIедал гьаб жо гьабулеб буго гьезие. Дир гьанив васги гьечIо, 20 соналъ Москваялда вуго гьев.
Амма дун гьал гIадамазда аскIой чIезе ячIун йиго эбел хIисабалда. Гьаб жо бегьулеб жо гуро, гьаб гьукъизе ккола. Полиция сундуе гIоло хIалтIулеб бугеб? АнцIго нухалда цIикIкIинабун харжги буго гьезие. Кив вугев тIагIарав вас? Кив вугев президент?!!! Сон-церекъад МахIачхъалаялда йикIана дун. Гъурун цабигун вухун гIодов ккезавуна I8 сон барав вас. Гьесие хIалае рахъинейин лъугьарал нижеде, руччабазде ритIизарун автоматалгун чIана, тIагIайила гьаниса, гурони нужедеги кьвагьилила».
Комсомольское росулъан ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, гьанже халкквей чIезабун рагIула гьатIан къоялъ маххул нухда гьез гьабураб митингалъул гIахьалчагIазда хадуб. Гьеб баян тасдикъ гьабулеб буго росдал дибир ТIалхIатицаги.
ТIалхIат: «Ниж министрасулгун дандчIваялдаса къватIире рачIунелъул, ахIун бачIана митингалда рукIарал гIолохъаби УАЗалде тIадеги рахинарун полициялде рачун унел ругилан. Хадуб нижеца ахIи-хIур бахъинабидал, риччана гьел. Митингалда рукIарал чагIазе гIадлу гьабейин абичIоха министрас нижеда цадахъ доб дандчIваялда вукIарав полициялъул нухмалъулесда».
Министрасулгун росдал гIадамаз бицухъе, полициялъ гIицIго къуват хIалтIизабиялда тIасан кьураб суалалъе, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица.
Заирбегов АсхIабгIали: «Хас гьабун цохIо къуваталдалъунги гьабуларо дица хIалтIи. Гьединаб пикру бижизабулеб буго дир рахъалъ. Ккараб бакIалда таваккаллъиги бихьизабула дица, хIажат бугони, жамагIатгунги данчIвала, гьелгунги кIалъала гурищ дун».
Гьеб бакIалда Заирбегов АсхIабгIалица ракIалде щвезабуна жив гIадатиял гIадамазе хIалае вахъараб мехги. Масала, росда аскIоб буго сали бахъулеб карьер. Гьенисан салулги цIун унел кIудиял автомобилаз хIурда босизабун букIунаан росу. Гьел унеб нухда хъил тIеян тIалаб гьабунила жидеца киназго дол карьеразул бетIербагьабаздаса.
Республикаялда дандеккун босани, жидер Гъизилюрт мухъалда такъсирал рагьиялъул иш кутакалда лъикI бугин бицана ЭР-ялъе гьеб мухъалъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица. 96 проценталъ рагьулила такъсирал. Амма захIматаб хIал бугила изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рахъалъ. Кироваул, Комсомольское, Чонтаул, Сулахъ росабалъ бугила гьединаб хIал.
Заирбегов АсхIабгIали: «Узухъда, гьенир руго дир къагIида, хIалтIулъ дир кьвари дандекколарел къуватал. Гьединлъидалин чи тIагIун вугин абун суалал лъезе гьез гьарулел митингалги цогидал тадбиралги. Дидаса хадув цодагьавниги загIипав чи гьаниве вачIани, гьезие бигьа букIинарищха жидерго ишал гьаризе».
Гьединго хасал операциязул заманалдаги жидеца кидаго рес кьолин изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазе къватIире рачIинеян бицана полициялъул нухмалъулес. Амма гьелъул кIудияб заралги кколила жидее - тIоцере долги кьвагьдезе лъугьун, жидеразул гIезегIан чи лъукъулила, чIвалила.
ПалхIасил, Комсомольское росдал гIадамазулгун жанисел ишазул министрасул дандчIваялъул хIасил гьабун абуни, гьес рагIи кьун буго комсомольскоеялъулазул тIалабал тIурай хадуббехъерхъани, кIалбиччанкъоялдаса хадув вачун росулъегун цойги нухалда гьоркьор лъезе гьезул суалал.