Россиялдехун цIайи цIикIкIарал сепаратистаз Украиналъул машрикъалъул рахъалда контроль кьваризабулеб бугеб гIанасеб заманаялда украиналъулаз гьезие кьун буго «колорады» абураб тIокIцIар. Гьеб буго колорадаялъул хIутIазда гьезул символ релъун бихьиялъ лъураб тIокIцIар.
ТIолабго дунялалъул ахихъабазул ва хурухъабазул тушбаби колорадоялъул хIутIал руго гургиккарал, анлъго бохби бугел, курактIогьилабгун -чIегIерал мухъалги тIад ругел хIутIал.
Кьеразде балагьун гьел релъун руго Россиялда ахирал соназда гIатIидго тIибитIараб ва Россиялъул рагъулазул багьадурлъиялъул гIаламатлъун кколеб георгийил чIолоялда. Гьанже Украиналъул Донецк ва Славянск шагьаразда административиял минаби кверде росун ругел сепаратистазги хIалтIизарулел руго гьел чIалал.
Улкаялда тIиритIизаризе байбихьараб мехалда гьел чIалал рукIана Дунялалъул КIиабилеб рагъул ветераназул адаб гьабиялъул ва улкаялда патриотизм цIигьабиялъул гIадаматлъун.
РИА-Новости агентлъиялъ лъазабулеб буго 9 маялда кIодо гьабулеб Бергьенлъиялъул Къоялда цебе дунялалдаго 100 млн. гьединаб чIоло тIибитIизабун бугин.
http://ria.ru/gl/20140424/1005307101.html
Исана кIодо гьабулеб буго Дунялалъул КIиабилеб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 69 сон.
Украиналда ругел сепаратистазда ретIун буго кинал рукIаниги ишараби тIад гьечIеб аскариязул ретIел. Гьез тIубанго нахъчIвалеб буго Россиялъул хIукуматагун жидер кинал ругониги бухьенал рукIин. Амма гьез рухьун рукIуна Кремлалдехун ва гьелъул политикаялдехун жидерго лъикIаб бербалагьи бихьизабулел курактIогьилалгун-чIегIерал чIалал
Гьаб моцIалъул авалалда машрикъалъул Украиналде сепаратистазул аскарал лъугьараб мехалда гьезул цIикIкIунисез гъажалда рухьун яги каранда ран рукIана гьединал чIалал. Гьелдалъун гьезие абизе бокьун букIана Дунялалъул КIиабилеб рагъулъ фашистазде данде рагъараб гIадин гьанжеги Киевалда ва магърибалъул Украиналда, гьез абухъе, бугеб «фашистазул» асаралде данде къеркьолел ругин жалин.
Колорадоялъул хIутIал жалго заралиял хIутIал рукIиналъ рокьунгутIи гуребги гьезулъ империалистазул балъгоял къотIиялги рихьулел рукIана советиял гражданазда.
ТIоцере гьел хIутIал советияб территориялда раккун руго Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманаялда Европаялде америкаялъул аскарал рещтIараб мехалда гьезул къайи-цIагун цадахъ.
Варшаваялъул къотIи-къай гьабурал улкабаз, кванил нигIматал гIунгутIиялда хIинкъиялъ, гьел хIутIал лъазарун рукIана советияб росдал магIишат хвезабизелъун ЦРУялъ ургъунго тIиритIизарурал хIутIаллъун.
Цебе гьеб бахъулеб букIана советиял игIланазда ва гьезде данде балеб букIана кьварарагъ рагъ.
Гьанже «колорадыязул» хIаракатчилъиялъ рахIат хвезабурал украиналъулазги рахъулел руго гьел хIутIал интернет-плакатазда. Гьездасан гьез лъазабулеб буго Крымалда тIиритIарал «колорадоялъул хIутIазул» хIинкъи Харьковгун Донецкалъеги бугин.
http://www.kharkovforum.com/showthread.php?t=3670216
http://joyreactor.cc/post/1292550