Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичиялде данде чIараз къеркьей лъугIизе толеб гьечIо. Итни къоялъ тIобитIараб митинг гIечIого, анцIго къоялда жаниб жидер тIалабал тIурачIони, жидеца дагьабги кIудияб тадбир тобитIизе бугин лъазабулеб буго гьеб акция гIуцIараз.
Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичиялде дандечIараз жидерго суалал тIуразе Дагъистаналъул тIалъиялъе 10 къо кьун буго. Гьеб заманалда жаниб завод бичиялъул иш ва гьенир нухмалъиялда гьарурал хиса-басиял лъугIизе течIони жидеца цIидасан, цебе букIаралдасагицин кIудияб митинг тIобитIизе бугин лъазабулеб буго акция гIуцIараз.
Гьеб тадбиралъул гIахьалчагIазул рагIабазда рекъон итни къоялъ тIобитIараб митингалъулъ 1000 ялдаса цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабун буго.
Цин коньяк гьабулеб заводалда цереги данделъун гьел гIадамал кодор «Кизляралъул коньяк гьабулеб заводалдаса кверал нахъе росе»! «Нуж нечоларищ нужерго ишаздаса?» «Дагъистаналъул парламенталъул депутатаздаса нечон руго ниж»! ян тIад хъварал игIланалги росун Гъизляралъул аслияблъун кколеб Советская къватIчIван ун руго митингалъул гIахьалчагIи.
Гьединан шагьар чIван аниги цониги Гъизляралъул администрациялъул вакил вачIинчIин жалгун дандчIвазе, гьез жидехъ кинабгIаги гIин тIамулеб гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Нижне-Терское абулеб хъазахъазул гIуцIиялъул бетIер Владимир Старчакица.
Гьесулго рагIабазда рекъон митинг тIобитIилалда цебе Гъизляралъул нухмалъи гьеб тIобитIугейин абун хъазахъал мукIур гьаризе лъугьун рукIун руго, амма жибго тадбир тIобитIулелъул гьезул рахъалъан щибго квалквалги букIун гьечIо.
Владимир Старчак: «Гьаб нухалда Гъизляралъул мэр Кулешовги нилъер республикаялъул шималияб рахъалдв вугев Дагъистаналъул бетIерасул вакил Вячеслав Паламарчукги митинг тIобитIугейилан абун тIаделъун рукIана нижеде. Нужее гьеб щибизейила, хъазахъал гьоркьоре лъугьине кколарила гьеб суалалдейин рукIана гьел.
ТIоцебе нижеца митингалъул цIар бахъарабгоги гьез абун букIана кIиго-лъабго къоялдасан нужгун Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвазе вугин, гьес нужер киналгIаги суалалги тIуралин, гьединлъидал митинг тIобитIугейин. Амма гьеб хабаралдаса нахъе 10 ялдасаги цIикIкIун къоги ана, ГIабдулатIиповги нижеде регIичIо гьединлъидал митингги тобитIана нижеца».
Хъазахъазул кIудияс бицухъе акция тIобитIулелъул полициялъул рахъалдасанги кинабгIаги квалквал букIун гьечIо гьезие. Акция лъугIизегIан жидеда цадахъ рукIун гуреб, щибниги дандечIей букIинчIин низамцIунулезулин бицана гьес.
ЦохIого-цо гьеб акция лъугIун хадуб полициялъул вакил вачIанила жидеда аскIове нужеца гьаб митинг къануналда рекъон тIобитIулеб букIинчIелъул жидеда тIадаб бугила цониги гьаб гIуцIарав чиясда тIад протокол гьабизе, нужеца вихьизавурав бокьарав чияда тIад гьабилила гьебилан.
Жидеца хъазахъазул кIудиясул кумекчи Василий Наумочкин вихьизавунила , гьесда тIад протоколги гьабунилан бицана Старчакица.
Гьел митингалги тIоритIун нужеца щибин тIалаб гьабулеб бугебилан абураб суалалъеги Владимир Старчакица гьадинаб жаваб кьуна.
Владимир Старчак: «Нижеца лъабго жо тIалаб гьабулеб буго: тIоцебе завод бичиялъул суал къай, кIиабизе ниж рази гьечIо гьеб заводалъул нухмалъи хисиялдаса, лъабабилебги нижеца абулеб буго гьеб завод бичичIого гIолареб батани, гьеб бичиялъул иш къануналда рекъон, гьеб иш лъалел специалистаз гьабизе тейин.
Дербенталдаса рачIарал гьениб бугеб чогърол заводалъул бетIергьанасги гьесул къокъаялъги гьабичIониги, коньяк гьабулеб заводалдаги руго гьеб бичиялъул суалал роцIцIинарун бажарулел махщелчагIи».
«Новое Дело» газеталъул журналист, экономист Андрей Меламедовасул пикруялда рекъон хъазахъал Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичизе теларин чIун хадуб гьеб бичизе цIакъ захIмалъизе буго.
Андрей Меламедов: «Гьеб заводалъул суал федаралияб даражаялда тIубазе буго. Гьаб сагIат Россиялъул тIалъиялъ Кавказалда гIумру гьабун ругел гIурусазул ихтиярал цIуниялде кIудияб кIвар кьолеб бугелъул тIалъиялъ гIинтIамизе буго хъазахъазул дандечIеялъухъги. Хъазахъаз жидерго хьулал рухьинарулел руго завод цIигьабиялда ва гьениб гIадамазе хIалтIизе бакIал щвеялда.
Совет Союз биххизегIан Гъизляр мухъалда хIалтIи гьечIого щивгIаги хутIун вукIинчIо, гьел мухъалъул гIадамал хIалтIилел рукIана я заводалда яги гьелъул цIолбол ахакь.
Гьединлъидал хъазахъаз тIалаб гьабулеб буго завод бичичIого гIолареб батани гьеб букIине кколеб багьаялде бичийилан. Рамазан ГIабдулатIиповас абураб 4 миллиралдаалде гуреб гьелъул букIине кколеб багьаялде, дагьалдаса 20 миллирадалде гьеб завод бичейилан, гьеб мехалда заводалъул бетIергьанас гьеб цебетIеялде кIвар кьезе бугилан рикIкIуне буго хъазахъаз.
Гьеб заводалъул багьа ургъунго цо чиясе данде кколеб хIалалъ гIодобегIан кьабун букIинги хIакъаб жо буго», - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Андрей Меламедовас.
Гьевго экспертас Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичизе щибго хIажат гьечIин, гьеб республикаялда ругел предприятиязда гьоркьоб бищунго лъикI хIалтIулеблъун бугин абулеб буго.
Гьеб цониги Дагъистаналдаса гурев цойгидаб бакIалдаса чияс босани заводалъ бюджеталде кьолеб 1,5 миллиард гъурущидасаги батIалъизе бугин республикайилан абулеб буго Меламедовас.