«ГIолиласул горбодасан нус цIан буго. Хъазахъазул гIадат гуро гьеб...»

«Первомайский абулеб къотIнор кафеялда цебе гIодове виччан цоцалъ гаргадулев вукIана тIаде балагьун кавказиязул куц-мухъ бугев лъабго гIолилав. Гьезде аскIобе бачIана камуфляж ретIарал хъазахъазул къукъа. Цояс цо рагIи рехун, цогияс цоги рагIи рехун багъарана питна-палхIасил кавказалъулал чIарбиде ккана».- Гьедин кьолел руго «Московский Комсомолец» газетаялъ Кисловодскаялда ккараб гIемерав чи гIахьаллъараб кьаба-тункиялъул нугIасул рагIаби.
Цо-цо баяназда рекъон, травматикияб таманчаялдасан тIоцебе кьвагьун буго ерменасде, гуржиясул горбодасан цIан буго нус ва гъарачаясда нус кьабун буго. ТIоцевесев кIиягояв хун вуго, лъабабилев азарханаялъул реанимациялда вуго.
Гьединго руго доб цояб рахъалдаги камиял рукIине рес бугин абулел лъазабиял. НугIзаз бицун буго камуфляж ретIараз кьаба-тунки ккараб бакIалдаса жидерго лъабго чи ккун вачун анинги.

Кисловодскваялда букIараб гьеб гIемерав чи гIахьаллъараб ва кIиго гIолохъанчи чIвараб кьаба-тунки провокация букIине рес буго. Гьединаб магIнаялъул макъалаби кьолел руго гIагарал къоязда ккараб гьеб лъугьа-бахъиналда сверун россиялъул прессаялъ.

Интернеталдаса пайда босулезул форумазда хъвалеб буго гьеб кьаба-тункиялъул рукIа-рахъиналъул хасият букIанин. Гьеб гьедин букIараблъи кисан гьезда лъарабали гьез мухIкан гьабулеб гьечIо.

Жеги абулеб буго рукIа-рахъиналъул хасият букIун батичIони-гьеб провокация букIун батизе рес бугин.

Кисловодскаялда 21 июналъул бакъанида сагIат анлъго тIубараб гIужалда 15гIан чи цоцалъ вагъизе ккун вуго. Гьезухъ ярагъги букIун буго. Гьелъул хIасилалда лъабго чи лъукъун вуго, гьезулги кIигояв 19 сон барав гуржиявги, 25 сон барав ерменавги кватIичIого хун руго. 23 сон бугев гъарачаяв азарханаялда вуго захIматаб хIалалда.

«Нижеде ракIалдецин ккун букIинчIо гьезул дагIба-рагIи рагъалде сверизе бугин.-Гьедин бицун буго цоги нугIас "Комсомольская правда" газеталъе.-Цин цоцалъ вана кIигояв. Гьебго параялъ абухъе, гьеб дагIба сверана чIвадариялде. КIиябго рахъалъухъ рукIана нусал. Кьвагьи дида рагIичIо».
Гьениб ккаралъул нугIзаллъун рахъун руго рагъулел рукIаразул цояв ккурав полициялъул кIиго хIалтIухъанги. Гьанжеялде кквезе щун вуго вагъулев вукIарав лъабго чи.

Низам цIунулез рикIкIунеб буго гьеб къаба-тункиялъул рукIа-рахъиналъул хасият букIанин.

«Нижеца хал гьабулеб буго цо версиялъул: рукIа-рахъиналъул конфликт,-абурал Евгений Арнаутовасул рагIаби кьолел руго "Российская газеталъ". Гьев ккола Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Ставраполалда бугеб бутIаялъул информациялъул ва жамгIиятгун бухьенал гьариялъул идараялъул нухмалъулев. – Дида ккола гьеб версия аслияблъун букIине бугин. Кьаба-тунки ккана шагьар бакьулъ гIадамал гIемераб бакIалда. КIиго чиясда гьоркьоб ккун батизе буго дагIба, хадуб цогиязги хIукму гьабун батизе буго гьелда гIахьаллъизе».

Амма официалияб версиялда рекъолев гьечIо Кисловодскаялдаса журналист Эдгар Сироян.

Эдгар Сироян: «Официалияб баян буго кьаба-тункиялда гIахьаллъиялъул щаклъи бугев лъабгояв ккун вугин. Амма бицунеб гьечIо гьел щалали. Хъазахъалищ гьел, такъсирияб къукъаялъул чагIийищ-щибниго абулеб гьечIо. Абулеб буго рукIа-рахъиналъул хасият букIанин гьеб кьаба-тункиялъулин. Шагьар бакьулъ нусалгун кодор ракIарун руго рукIа-рахъиналъул суал гьоркьоб лъун рагъизе. Релъизе бачIуна гьелда тIад».

Гьебго заманаялда Сирояница абулеб буго гIадлу-низамалъул хал гьабулелин яги унел-рачIунезул документазул хал гьабулелин абун хъазахъазул къукъаби жинда шагьаралда цониги нухалда рихьичIин.

Эдгар Сироян: «Шагьаралда тира-сверулаго дида цониги нухалда дандчIвачIо документазул яги цогидалъул хал гьабулел хъазахъазул хасал къукъаби. Гьел рукIингицин къануналде данде кколищали лъаларо дида. Полиция букIунаха. Хъазахъазул ретIелги ретIарал, жал хъазахъазул къукъаби ругинги абулел чагIи дида цониги нухалда рихьичIо шагьаралда».

БатIи-батIиял миллатазул гIолилал цоцалъ рагъун ругин информация рагIарабго ракIалде щола Москваялда гьединабго кьаба-тункиялъул заманалда Свиридов абулев гIолилав чIварав Черкасов Аслание туснахъалъул 20 сон къотIун букIинги, дагъистаналдаса спортмент Мирзаев Расулица цо нухалда кьабидал гамчIида бетIер кьабун Агафонов абулев гIолилав хвейдал диваналъ хIукму къотIизегIан лъагIалидаса цIикIкIун заманаялъ гьев жанив тIамун вукIинги, гьесие туснахъалъул 15 сон кьезе рес букIинги.

«ГIолиласул горбодасан нус цIан буго. Хъазахъазул гIадат гуро гьеб»

Амма интернеталда кIудияб ахIи-хIур багъарун буго гьеб кьаба-тункиялда сверун. Гьениб гIемерисез абулеб буго гьеб провокация букIанин. Цо-цоязул ракIчIун буго кIиго чи чIварал хъазахъал рукIинчIолъиялда.

ПАН абулеб агентлъиялъ кьолеб буго форумалдаса босараб гьадинаб баян: «Абулеб буго цо васасул горбодасан нус цIан бугин. Хъазахъазул гIадат гуро гьеб. Рагъул заманалдацин чияр рахъалде информациялда хадур унел хасал къукъабазцин (пластуны) горбодасан цIалароан нус, гьез ракIалда кьабулаан нус».

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула Лев Толстоясул «ХIажи-Мурад» абулеб къисаялдаса цо кесек.

Хъвадарухъан Лев Толстой

«... Иван Матвеевичасда хадур ритIун рукIана. ВачIана мехтарав гьев жеги гьединго мехтарав кIиго офицергун цадахъ ва жувана Каменевасда къочизе.
- Дица духъе, -ян абуна Каменевас. – ХIажи-Мурадил бетIер бачIун буго.
- Гьереси! ЧIванищха?
- ЧIвана, лъутизе къачIалев вукIана.
- Дица абуна букIана нужеда гьес махсароде кквезе ругин. Кибха бугеб бетIер? Бихьизабея!
АхIана хъазахъ, гьес бачIана жаниб бетIергун таргьа. Бахъана къватIибе бетIер.
Иван Матвеевич жиндирго мехтарал бераз гIемераб заманаялъ балагьун чIана гьелъухъ.
- Щиб абуниги бихьинчи вукIана, - ян абуна гьес. – Кьеяцо дица гьелда баилин.
- ВукIана валлагьги багьадур,-ян абуна офицеразул цояс.
Киназго бихьун хадуб, бетIер кьуна хъазахъасухъе. Гьес гьеб лъуна нахъеги таргьида жаниб чIарбида кьабун гьаракь бахъинаредухъ...»