ГIайиб гьечIел чагIи чIвай чIезабе!

Saudi Arabia -- An aerial view shows Muslim pilgrims walking around the Kaaba in the Grand Mosque of the holy city of Mecca, 06Aug2012

ГIайиб гьечIел чагIи чIвай чIезабеян буссурбабазде хитIаб тIибитIизабуна Хасавюрталъул имамазул Шураялъ. Бищун хIакъ бугел мунагьазда гьоркьосан кIиабилеблъун ккола чи чIвайилан ракIалде щвезабулеб буго имамаз ва тIаде жубалеб буго диналъул тIалабал тIуралел ругиланги абун гIадамал чIвай чIезабизе кколин.
«Жиб-жиб къоялда нилъеда бихьулеб буго гIодобе тIураб гIадамазул би. Нилъ гьединал вахIшиял такъсиразда ругьунлъун руго, гьел нилъеда гIадатияллъун рихьулел руго. Нилъер гIагаразда гьеб къо бихьун гурони, нилъеца ахIи-хIур бахъинабуларо. Амма балагь чияраблъун букIунаро, балагь – киназего гIаммаблъун ккола. Нилъеда гьоркьоса бокьарав чIван ватизе рес буго метер», - гьедин хъван буго Хасаюрталъул имамазул Шураялъ тIибитIизабураб хитIабалда.

ХитIабалда гьединго хъван буго, Исламалъ гьукъулеб бугин кинаб-букIаниги зулму, хас гьабун чи чIвай. Бусурбаби гурелги чIвазе бегьуларин лъазабулеб буго имамаз.
«Киналго мажгитазул имамаздаги, нухмалъиялда ругел чагIазадаги, киналго бусурбабазда гьарулеб буго магIна гьечIел чIваял чIезариялъе кIванагIан хIаракат бахъаян». Гьедин хъвалеб буго бицен гьабулеб хитIабалъул ахиралда.