Хехго аукционги лъазабун аэропорт цо хважаинасухъе кьезе буго

Дагъистан-- Кубасаев Къурбан, Федералияб антимонополияб хъулухъаялъул Дагъистаналда бугеб бутlаялъул нухмалъулев

«Дагъистаналъул Авиамухъал» абулеб авиакомпаниялъул хважаинлъун «Нафта-Москва» компания букIине рес бугин лъазабуна гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламица.
«Жакъа «Дагъистаналъул Авиамухъал» абулеб авиакомпания рещтIун бугеб даража нижее рекIее гIолеб гьечIо. Гьединлъидал нижеца хIукму гьабуна хехго аукционги лъазабун аэропорт цо хважаинасухъе кьезе. ЛъикIал ресал руго «Нафта-Москва» компаниялъул ва гьебгун ниж хадурги рекъонхIалтIизе руго. Бицен гьабулеб дармида сверун цересел къотIиял гьанжеялде гьарун руго»,-гьедин лъазабуна МухIамадов МухIмадсаламица.

Гьес жеги абуна гьеб идараялъе приватизация гьабиялъул иш хехго цойидеги ккезабун, гьелъул финансазул рахъ рукIалиде бачине ва гьенир хIалтIулел гIадамазул проблемаби рагIалде рахъинаризе кколин.

Араб соналъул декабралда Росавиациялъ къуват гьечIеблъун лъазабун букIана «Дагъистаналъул Авиамухъал» авиакомпаниялъул сертификат.
Гьелъие гIиллалъун рехсон букIана компаниялъ хIалтIи хашаб бугинги, гьелъул аэропланазул техникияб рахъги пилотал хIадур гьариялъул хIалтIиги квешаб букIинги. Гьелдаса хадуб авиакомпаниялъул акциязул I00% республикаялъул боголъилъун лъугьун букIана.

«Нафта-Москва» инвестхолдингалъул хважаин ккола Дагъистаналдаса бизнесчи Керимов Сулайман. Жакъа республикаялда гьечIин абизе бегьула гьесул гIахьаллъи гьечIеб цониги кIудияб бизнеспроект. Амма нижер кIвар буссана «хехго аукционги лъазабун аэропорт цо хважаинасухъе кьезе» абурал республикалъул бетIерасул рагIабазде.

Щиб кколеб гьезул магIна? Аукцион гьадинго цIаруе гьабулеб жойищ кколеб яги гьеб Дагъистаналда бизнес гьабиялъул хаслъийищ? Гьеб суал нижеца кьуна Федералияб антимонополияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Кубасаев Къурбание.

Кубасаев Къурбан: «Президентас абуна жиндие бокьилаанин "Нафта-Москваялъ" аукционалда Дагъистаналъул Авиамухъал росизе. Аукцион лъазабизе бугинги абуна гьес. Гьениб бихьиларищха лъица гьеб босизе бугебали. Щиб лъалеб "Нафта-Москваялъулалдаса" лъикIал шартIал цоги компанияз рихьизаризеги рес бугогури. Президентас абичIогури гурин "Нафта-Москваялъ" бичун босизе кколин гьебан.

БитIун бицани, дида рагIичIо гьелъул бицунебго. Иш гьедин букIанин ракIчIун абизеги дида кIоларо. Амма буго пачалихъалъ чIезабураб низам. Улкаялъул буголъи бича-хисулеб мехалда Пачалихъалъул буголъиялъул фондалъ лъазабизе ккола аукцион. Гьелда гIахьаллъизе бокьарал компанияз изну босизе ккола регионалияб Антимонополияб хъулухъалъухъа. Гьезие изну кьей-кьунгутIиялъул иш бараб букIуна гьез рихьизарурал активазул къадаралда».

Эркенлъи Радио: «Нафта-Москваялде" дандеккун цоги кинаб букIаниги компаниялъул бугищ гьитIинабниги рес "Дагъистанулъул Авиамухъал" компания бичун босизе, республикалъул нухмалъулесул цIайи гьелдехун цIикIкIун букIин бихьулеб мехалда?

Кубасаев Къурбан: «Дида щиб лъалеб гьеб? Аукционалъ бихьизабиларищха. Амма абизе ккола бокьараб жо ккезе рес бугин. Керимовасдаса лъикIав чи ваккизеги рес буго. Аукционалда гIахьаллъизе бугеб ихтияралдасаги щивго махIрум гьавизе ихтияр гьечIо. Дида кIоларо абизе цохIо "Нафта-Москваялъул" гурони гьечIин гьединаб ресин".

Эркенлъи Радио: «Базаралъулаб экономика бугел улкабазда гIадатиял тендерал яги аукционал тIоритIиялъул иш кинаб даражаялда бугеб Дагъистаналда?

Кубасов Къурбан: «Аукционал Дагъистаналда гIатIидго тIоритIула».

Эркенлъи Радио: КIолищ дуда ракIалде щвезабизе ахирал соназда рагьарал аукционаздасан бичараб яги босараб кинаб букIаниги кIудияб объект?

Кубасаев Къурбан: «Дида лъаларо. Гьеб суал кьезе ккола Пачалихъияб буголъиялъул Фондалъе. Амма абизе ккола аукционал лъазариялъ контроль гьечIого щиб букIаниги лъица букIаниги бичиялъе ресал дагьлъизарунин РФялъул хIукуматалъ рихьизарурал сфераби хутIизегIан».

Эркенлъи Радио: Гьал къоязда республикаялъул Халкъияб мажлисалда борхун букIана жалго банкроталлъун лъазарурал пачалихъиял идарабазул къадаралъул суал. Араб соналда букIун буго гьединаб 12 идара, 2010 соналда ичIго. Гьезул къисматалъул дуда лъалеб щиб бугеб? Гьел къазейищ къалел яги учузго цоги лъие букIаниги ричизейищ ричулел?

Кубасаев Къурбан: «Буго банкротлъи лъазабиялда хурхараб хасаб къанун. Руго гьелъул тIалаб гьабизе кколел хасал идарабиги. Антимонополияб идараялъе кколаро битIахъе гьеб суал. Жидер ихтиярал хвезарунин, интересал къезарунин яги жидее квал-квалал гьарулел ругин абун нижехъе рачIарал гIарзабиги гьечIо.

Буго нижехъе бачIараб гIицIго цо гIараза ЦIумада мухъалда бугеб цо пуланаб заводалъул филиалалда сверун. Гьеб ижаралъе къануналде данде кколареб куцалдайищ кьун бугеб яги банкротлъунищ лъазабулеб бугебали цIех-рех гьабулеб буго».

Дагъистаналъул Авиамухъал росизе къачIалеб «Нафта-Москвая» инвестхолдингалъул хважаин Керимов Сулайманица кколеб буго Форбсалъул сияхIалда анлъабилеб бакIал I6,56 млрд долларгун. Араб соналъ гьезул хъизамалъе щвараб хайир бащалъулеб букIун буго цо миллиардгIан гъурщида.