Боингалда хвезе къотIи букIун буго кIиго дагъистаниязеги

Казаналда авиакатастрофаялда хваразул гlагарал

Казаналда унеб буго гьатIан къоялъ бортараб Боинг 737 тIад вукIарав ва хварав 50 чи чIезабиялъул процедура. Цересел баяназда рекъон, гьелда тIад вукIун вуго Дагъистаналдаса кIиго чиги.
Аэропланалда тIад вукIун вуго вуго Татарстаналъул нухмалъулев Рустам Миннихановасул вас Ирекги. КъватIиса хIукуматалдаса кIиго чIужугIаданги. Татарстаналъул аэропорталъул майданалда хвезе къотIи букIун буго кIиго дагъистаниязеги.
Гьел ккола Археолагиялъул ва этнографиялъул институталъул гIелмияй хIалтIухъан ХIажиева Дианаги, монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан Гужиев Рустамги.
Авария ккараб бакIалда хвасар гьабиялъул хIалтIи гьабулеб буго I200 чиясдасан гIуцIараб къукъаялъ.
Авария ккеялъе гIилла жеги мухIкан гьабизе бугилан абулеб буго баяналда, щаклъи буго аэороплан кьвагьиялъе гIайиб гьелъул экипажалда букIин. Казаналда гIодоб рештIине бачIунаго квал-квал кколеб бугин гIодлоб чIелалде цебе цоги нухалъ гьаваялда свери гьабизе изну тIалаб гьабунин гьеб бачунев вукIаразул цоясилан бицунеб буго Татрстаналъул авиадиспетчер Корнишин Кириллица. Жинца гьесда малъанин кин гьеб гьабизе колебали, гьес абунин бичIчIанин, амма цогин нухалда свери гьабизе щаяли инчIин гьев, кинабго кканин цо чанго лахIзатазда жаниб. Гьеб параялъ ккун буго авария. ГIодоб рештIине унаго аэропланалъул цояб кваркьи кьабун буго гIодоб, гьелдаса хадуб кьвагьунги буго гьеб. ГьатIан къоялъ къалъул гIужалда Казаналдаса Москваялдеги гьабун букIун буго гьелъ роржен.

Гьелдаса хадуб ун буго гьеб кIиабизеги тIадбуссун Татарстаналде. Казаналдаса Москваялде гьеда тIад воржарав Григорий Бусаревас хъвай-хъвагIай тун буго фейсбукалда. Мосвкаялъул аэропорталда рештIунаго дагьалъ хутIанин гьеб кьвагьун инчIого. Гьебго баян тасдикъ гьабулеб буго цогидав пассажир Татарстаналдаса Руслан Калимуллиница. Мосвкаялде воржине билет босулаго жинца мухIкан гьабунин кинаб аэропланалда воржинвхъин вугевали. «Боинг 737» аэроплан гьеб букIин лъайдал жиндир ракI гIодобе биччан букIанин, амма гьеллда жанив гIодов чIараб сагIаталъго жиндир рекIее лъикIаб гуреб асар гьабунин, Москваялда гIодоб рештIунеб мехалъ квешго рахъа-рахъалде хьвагIезе лъугьун буго аэроплан, амма гьеб бачунесухъа бажаранин щибго къварилъи ккечIого гIодор рештIине.
«Боинг 737» аэропалананлъ бан букIун буго 23 сон, тIоцебесеб роржен гьелъ гьабун буго I990 соналда.
Балагьаб рорженалъул хIасилалда хварай дагъистанияй ХIажиева Диана хIалтIулей йикIун йиго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда бакъбаккул рахъ лъазабиялъул факультеталда. 2008 соналда лъагIан гьей хIалтIулей йикIанин дагъистаналъул гIелмияб централъул этногарфиялъул ва тарихалъул бутIаялдаян бицана гIемерал соназ гьейгун цадахъ хIалтIарав гIелмияв хIалтIухъан Мусаев МахIачица. Жидер гьений хIалтIулей йикIаниги аслияб хIалтIи гьелъул бухьараб букIанин бакъбаккул рахъалъул литература лъазабиялда тIадилан бицана гIалимчияс
Мусаев МахIач: «Татаразул некIсиял хъвай-хъвагIаязул рахъалъ цIех–рех гьабизе гранталда рекъон гьабураб сапар букIана гьелъул гьеб. Цо дагьалъ цее гьебго гранаталда рекъон Бакуялдеги ун йикIана».
Э.Р «Кинаб грант гьеб, президентасулищ?
МахIач: «БитIараб бицанин лъаларо, лъиалали, гранталад рекъон ун йикIин гурони
Хъизанги букIинчIо гьелъул, лъабкъойиле гIагарал сонал рукIаниги, кинабго гIумру цIохIо гIелмуялъе гIоло кьуна гьелъ, хIатта гIелмияб диссертация цIунизецин инкар гьабуна гьелъ, жинде цIар хIажат гьечIин, гIелму цебетIзабизе гурони батIияб мурад гьечIиланги абун».
Монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан Гужиев Рустамица нухмалъи гьабуле букIун буго УФАСалъул хIукматалъул хъулухъачагIазда ва пачалихъиял заказал гьариялда хадуб халкколеб бутIаялъе. Гьесул нахъе хутIана лъадиги кIиго лъималги.