«Махщалил лъай кьолел цIалул идарабазул букIинесеб кIудияб буго»

Советияб заманалдаго нилъер улкаялда рагьун рукIарал хадур цIигьабун гIуцIиялъул заманалда цадахъ къазе байбихьараб мехалдацин къачIого хутIараб Каспийскалъул №6 Профессионалияб техникумалда жакъаги цIалулев вуго 800 саги цIикIкIун чи. 1940 соналдаго рагьараб гьеб цIалул идараялда кIвана бищун захIматал соназдаги улкаялъе жиндирго хадубккунисеб хIажалъи къваригIунеблъи тасдикъ гьабизе.
Техникумалда цIалулел гIолилал васалги ясалги жакъа ругьун гьарула чанго батIияб махщалие. Гьезда гъорлъ руго ралел бакIазул, автомобилазул, маххул къебелъиялъул, гьединго ратIлил устарлъиялъул махщелал. Гьеб цIалул идараялъул махщелчагIи жакъа дандчIвазе бегьула цохIо Дагъистаналда гурелги гьеб тун къватIирехунги батIи-батIиял магIишаталъул бутIабазда хIалтIулел.

Жакъа гьеб цIалул идараялда цIалулел руго киналниги 800-саги цIикIкIарал гIолилал васалги ясалги. Жидер гьаниса къватIире риччалел махщел чагIазул бищунго лъикI хIалтIуде къабул гьарулин ралел бакIазул хIалтIухъабиян бицана Эркенлъи радиоялъе техникумалъул нухмалъулев Таибов Калабегица.

Жакъа гьениса къватIире арал гIолохъаби хIалтIулел ругин Дагъистан бахун къватIир гьединго къватIиса хIукуматаздагиян бицана гьес.

Мисалаъе Таджикистаналда лъел электростаниция ралел бакIаздеги ахIун анин жидер гьаниса цIалун къватIире арал гIолилал, гьединаго Индиялдасаги бугин гьединабго хабар махщелчагIи хIажат ругилан.

ПалхIасил хIалтIи гьечIого жидер гьаниса къватIиве арав чи хутIуларилан абулеб буго Калабег Таибовас.

Гьелъул магIна кколищин жакъа Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идарабазада цIалун къватIире арал чанги чи хIалтIи гьечIого ругеб мехалъ бачIинахъего нужер гIадаб цIалул идараялде цIализе лъугьинго гIакълу бугеб иш кколилан кьураб суалалъе жаваб кьолагоги техникумалъул нухмалъулес абуна жинца тIадеги абилин тIадегIанаб лъайги щварал чанги гIолохъабигицин ругел жидер гьаниса цIалун къватIире арал чагIазда цадахъ хIалтIулел, гьединлъидал хIукуматалъе хIажалъуларев хъулухъчи жидеца къватIиве виччаларин:

Калабег Таибов: «ХIисаб гьабураб мехалъ баяналъулеб буго нилъеца гIарацги кьун гIадада цIализарулел руго тIадегIанал цIалул идарабазда лъимал. Мисалалъе дир гьанир цIалулел гьечIо медицинаялъул хIалтIухъансул, гьединго бухгалтерал, филологал ва гьел гурел цогидалги гьеб тайпаялъул махщелалъе.

Щайин абуни жакъа дагъистаналъул медикияб академия лъугIарал чагIи женжелел руго хIалтIиги гьечIо, гьединабго къисмат буго экономистазулги ва филологазулги, гьебмехалъ щибизе дие хIукуматалъе хIажат гьечIел гьединал махщелчагIи хIадурун.

Жакъа хIажат руго гIицIго жидерго махщалиде улка хIажатал махщелчIаги, гьелде бищунго кIвар кьола нижер идараялъги».

Профучилищеялъул нухмалъулев Калабег Таибовас хадубги бицана жидеда гьединго ракIалда бугин Советияб заманаялъго гIадин нилъерго материалалъул хIадур гьабураб лъикIаб ретIел-хьит букъулел цехал рагьизе, гурони щибжойин гьаб кколеб Китаялъулги Турциялъулги щибго гуреб учузаб материалалъул ретIелги ретIун хьвадулел рукIин жакъа гIакълуяб жо гурин:

Калабег Таибов: «БитIараб бицани квеш букIуна жакъа нилъер мактабазда цIалулел ясазул формаялъухъ балагьидал, Турциялда гьабураб гьеб ретIел нилъер гьаниб бичун босула 600 гъурщиде, амма жибго гьеб ретIел гьабизелъун хIажалъулеб хамм балагьизе лъугьани гьеб жибго буго 600 гъурщидаса хирияб. Гьеб киналъуго щиб бицунеб бугеб? гьелъ бицунеб буго доб 600 гъурщиде гьабураб ретIел лъикIаб гьечIеб материалалъул гьабун букIин.

Жибго материалги нилъер гьаниб чанго чиясул квердасанги ун, чанго нухалъ хиралъун гурони щоларо нилъехъе. Лъабабизеги нилъер гIадамазул менталитет буго гьединаб гIемераб къайи бичун гуреб чанго жоги бичун гьелъухъ гIемераб гIарац щвезе бокьулел. Гьеб киналъго бицунеб буго нилъер унго–унгояб конкуренция гьечIеблъи».

Профессионалияб цIалул идараялда цIалулел гIолохъабазулгун гьабураб гара-чIвариялда гьезул гIемерисел рази ругоан гьенир цIализе рес щвеялдаса. Мисалалъе Лаваша мухъалъул Урмаса Шамсудинов МахIачица бицана школалда ялъуни тIадегIанаб цIалул идараялдаса бигьаяб бугин жиндие гьениб цIализеян:

Шамсудинов МахIач: « ХIисаб гьабураб мехалъ гьаб заманаялъ ТIадегIанал цIалул идарабазад цIалиялъул мукагIалъи гьечIо, жакъа дица гьанив цIалулаго тIасабищараб махщел жакъа ралел бакIазад гIемер хIажалъулеб махщел гьелъ тIаса бищана дицаги гьеб».

ЭР. Хадувккун хIалтIизе киб ракIалда бугеб, гьанивгойиш, ялъуни Дагъистан бахун къватIивищ?

МахIач: «Балагьилаха, гьаниб дандеккани гьанивго чIела хIалтIун, къватIибехун рес рекъани довеги ина».
Училищеялъул азбаралъурго батIи-батIиял махщалие гьел ругьун гьариялъул дарсал кьолеб жаниб хIажатаб къайи цIаги чIезабурал чанго мастерскаяги. МагIарухъа рахъарал гьанире щвезегIан цIализе рачиIнчIого гьеб цIалул идараялъул чанго бутIа гьединго рагьун буго республикаялъул чанго мухъаздаги.