Цолъарал Штатазул Пачалихъияй Секретарь Гьиллари Клинтоница Кавказалде бухьулеб сапаралъул авалалдаго азирбижаназул ва эрменазул аскаразда гьоркьоб нахъеги тунка-гIусси ккун бугоан. КIиябго рахъалъ цоцазда чIвазабулеб буго провокация гьабиялъул гIайиб.
Азирбижаназулги эрменазулги тIадтараз цоцазда чIвазабулеб буго МугIрул Гъарабахалъул икълималда конфликт цIидахъан багъаризабизе къасд гьабиялъул гIайиб. Азирбижаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъ лъазабухъе 4 июналъул сардилъ эрменазул диверсантаз хIалбихьанин азирбижаналъул территориялде рачIине ва бахъараб кьвагIа-гIанхъиялъул хIасилалда азирбижаналъул щуго аскарияв чIван вугин.
Ереваналъ гьеб информация нахъ чIвалаго гьабулеб буго гIаксаб баян. Гьелда рекъон хасго азирбижаналъул диверсилонияб къукъаялъ эрменазул гIурхъи бахун букIанин, ва гьеб провокация бугин. Хасго гьадин абуна Эркенлъи Радиоялъе Ереваналдаса рагъул эксперт Арцрун Оганесяница.
Арцрун Оганесян: «Гьеб цIияб тактика гуро. Азирбижаналъул рахъалъ некIо гьеб хIалтIизабулеб буго. Рагъде жидерго хIадурлъи букIин азирбижаналъул тIадтараз къватIисел улкабазул политиказде ва жиндирго халкъалде бихьизабулеб буго жанисел проблемаби кIочон тезари ва кIвар цогидаб проблемаялде буссинаби мурадалда.
Гьеб цо. КIиабизеги Эрменистаналда гIолохъаби аскаралде ахIулеб мехалда азирбижаналъул рахъалъ ризго гьарулел руго гьадинал диверсиониял ишал - таде кIанцIиял, провокациял ва гь. ц. Гьилари Клинтон Эрменистаналде лъабго къоялъ сапаргун ячIиналъги гьениб бугеб ахIвал-хIалалъе асар гьабулеб буго, амма Эрменистаналда щивасда лъала нижер мадугьаллиъ бугеб улкаялъе ракълилаб къотIи-къай гьабизе бокьулареблъи. Гьез тIоцебесеб бакIалда тIамула рагъулал къагIидаби.
Гьадин бугони нижер рахъалъанги рукIине кколарищха данде кколел жавабал? Гьалеха гьадинал жавабал нижеца кьола кватIичIого. Нужеда рагIараб батила жакъа радал гьез гьабураб лъазаби».
Азирбижаналъул Милли Мажлисалъул вакил политолог Мусабеков Расимица жиндир иргаялда гьалго щинал гIайибал гIунтIизарулел руго эрменазул тIадтаразде:
Мусабеков Расим: «ТIад балагьани Гьиллари Клинтоница регионалде бухьулеб сапаралда гьеб лъугьа-бахъин хурхараб буго ян абизе бегьула. Амма гьал тунка-гIуссиял гьенир лъугьунел руго гьоркьоса къотIичIого. У, Америкалъул пачалихъияй секретаралъ бухьулеб сапаралда гьеб хIужжа базабизе бегьула, амма базабизе гьеб бегьула эрменазул рахъалъ азирбижаназухъа бахъараб ракьалда вархІáяб рагъулаб яравуллъи тIобитIиялдаги».
Аммаила, хIасил гьабулеб буго политолог Расим Мусабековас, батIа босараб хIужжаялъе кIвар кьечIого кIвар буссинабизе кколин гIаммаб ахIвал хIалалде. АхIвал-хIалийн гьадинаб буго – рагъ лъугIичIин. Гьелда разияв вуго эрменазул рагъул эксперт Арцрун Оганесянги.
Арцрун Оганесян: « Гьеб буго унго-унгояб фронт. Аскариял эхетун чIун руго гьенир хандакъалги рухъун. Нижерги гъозулги. Ва кIиябго рахъалъул аскариязда гьоркьоб бугеб манзил цIакъ къокъаб буго. КъогогIан метралъул».