Бечедазе кунчlулел «цIваби» (видео)

Лос Анжелесалде баскетболалъухъ балагьизе рачlарал рэпер Kanye West ва ТV «цIва» Kim Kardashian, Калифорния, 12Maй2012

Лъазабиязда рекъон, машгьурав кочIохъан Kanye Westие арал гIодор къояз кIал цIураб гIарац кьун буго Алматыялда Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевасул лъимадул васасул берталъ кечI ахIаралъухъ. Гьебго заманаялда шагьараялъул рагIалда гIадлу-биххиял ккун рукIана бакIалъул «поп-цIвабзазул» гIайибалдалъун.
Kanye Westица кучIдул ахIулел рукIана Алматыялда Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевасул лъимадул васасул бечедаб берталъ.

АйсултIан Назарбаевасул ва Алима Боранбаевалъул бертин гьабулеб букIана щуго цIва кьураб Royal Tulip абулеб петералда.
Гьенир рахъарал видеоязул ва суратазул цIун букIанин абизе бегьула
Instagram ва YouTube сайтал.

http://www.youtube.com/watch?v=m9xn8LSyYZM





Kanye West In KAZAKHSTAN by PaperChaserDotCom

Диктаторазул режимазул лидераз гьарулел дандеруссиназда магърибалъул артистазул церерахъиналъухъ дунялалъул информалатал бищунго цере ралагьула моралияб рахъалдасан. ГIадатияб куцалда инсанасул ихтиярал цIунулел идарабаз гьел какула, щайгурелъул гьезие кьолел гонорарал цIакъго кIудиял рукIун ва гьезие кьезе гIарац киса босарабали бихьизабулареб букIун.
Гьеб рахъалдасан балагьун букIана британиялъул Dailymail газета Канье Уэст АйсултIан Назарбаевасул ва Алима Боранбаевалъул берталъ Алматыялда цевевахъиналъухъ. Цо-цо баяназда рекъон, президент Назарбаевасул руго «миллиардал» ва коррупциялда гьесул хурхенал рукIиналъул баяналги цо ккурал ва тIокIкIарал гьечIо.

Казахстаналъул интернет-жамгIияталда гьеб темаялъул бицен батIияб буго. Гьениб щивниги гIажаиблъулев гьечIо америкалдаса машгьурав рэпер ва гIолеб гIелалъул гIемеразул кумир гIемераб гIарцухъ берталъ цевевахъиналда.

Амма лъазабулеб буго Бейонсе берталъе ячIун йикIинчIинги.

Казахазул интернет-жамгIияталда хъварал цо-цо баяназда рекъон, гьелъие ва цогиязе мисаллъун букIине ккола Дженифер Лопесие ай Джей Лое ккараб. Туркмениялъул президент Гурбангулы БердымухIамадовасда гьавураб къо баркун цее яхъаралъухъ дунялалъул инсанасул ихтиярал цIунулез гьелда гIайиб гьабун букIана. Цинги гьелъул агентаз лъазабун букIана Туркмениялда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIин лъалеб букIарабани Джей Ло гьение ине йикIинчIин.
Гьелдаса хадуб британиялъул Guardian газетаялъ кьун букIана «Централияб Азиялъул улкабазул деспотал-бутIурузда» цере рахъинчIого рукIинелъун щиб гьабизе кколебали хъвараб макъала.

Магърибалъул прессаялда бицен гьабулеб буго Казахстаналъ улкаялда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналдаса магърибалъул кIвар цоги жоялде буссинабизе ва имидж лъикIлъизабизе хIаракат бахъулеб букIиналъул ва гьелъие кумекалъе гьез Британиялъул вукIарав премьер-министр Тони Блэр ахIун вукIиналъул. Амма цо-цо баяназда рекъон, Блэрица Казахстаналъул хIукуматгун 13 млн. долларалде къотIи гьабун буго. Amnesty Internationalалъги какулеб буго Казахстан лъидаго рачIел информалатал экстремистиял ругинги лъазарун къаялъухъ.


Гьебго заманаялда тахшагьаралъул цоги рагIалда гIадлу-биххиял байбихьун рукIана казахазул эстрадаялъул цIва Кайрат Нуртас цин концерталде кIватIидал ва хадуб цо кечIги ахIун сценаялдаса араб мехалда. Хадуб ракIараразда лъазабула гьеб концерт тIобитIизе ихтияр гьечIин. Гьеб лъугьа-бахъиналъул баянал жеги тIокIкIун гьечIо, амма гьенир ккарал тунка-гIусиязда лъукъун вуго 26 ва полициялъ ккун вукIана 165 чи.

http://www.rferl.org/content/concert-kazakhstan-violence-/25092356.html





Гьел лъугьа-бахъиназул цоцалъ бухьен гьечIониги, абизе бегьула 2012 соналдаго «ГIалхулаб тIабигIаталда килиса гьечIо» абураб Westил видеоклипалда гьелъул бицунеб букIанин. Гьелда бицен гьабулеб буго гIолилазулги полициялъулги дандечIеялъул.



http://rapgenius.com/Kanye-west-no-church-in-the-wild-lyrics



КIиго сон цебе Британиялдаса рок-цIва Стингица нахъе бахъун букIана Казахстаналда гьабизе букIараб концерт. Гьес гьедин лъазабун букIана Жанаозеналда протесталъул акциязда ругел тIурчIчIи бахъулезул рахъ жинца кколеб букIиналъул. Щуго моцIидасан 16 декабралда демонстрантазде полициялъ кьвагьараб мехалда гьел тIурчIчIи бахъулезул 17 чи чIван ва нус-нус чи лъукъун вукIана.