Ордон кьераздалъун

Хвараб ралъдада радал гlуж.  

Хвараб ралъад буго дунялалъул бищунго гlобегlанаб бакlалда. Дунялалъул океаналдаса гьеб буго 402 метралъ гlодобегlан. Гьелъул лъимги буго дунялалда бищунго цlамхlалаб.  

Ордоналъул бищунго жанубияб шагьар Аккаба.  

Вади Рум гlоблъи.  

  Вади Румь

 Тlабигlияб пирамида.

Вади Румалда жидерго лъакlал тун руго гlемерал халкъаз ва цивилизацияз. Гьал руго Къураналда рехсолел Самудаз рахъарал петроглифал.  

Бедуиназул ясал 

Вади Румалда туризм цlебетlезабулеб буго нухмалъиялъ. 

Бедуиназ жеги цlунун руго жидерго гlадатал.  

Муса-аварагазе Набу магlарда лъураб зани.  

Талмуталда рехсараб мазгарул борохь.  

1932-соналдаса нахъе Набу магlарда гlагарлъухъ гlумру гьабун буго Францисканиял монахаз.  

Монахал ахикь

Каву рахалеб букlараб гамачl. 

Петра шагьаралда ругел хабалал. Петра буго мегlер борлъун бараб шагьар.

Петра бан букlана гlарабазул ракьазде гочарал набатеяз.   

Набатеял руго цlакъ диниял гlамал.  

Биценазда абулеб букlана гьаб магlарда жаниб фараонасул месед бахчун бугин. Гьелда рихьулел руго гулбузул лъалкlал.  

Петра шагьаралъул къватl.

Набатеяз базе байбихьараб театр бачlого хутlун букlана. Гьеб бан лъугlизабуна рималъулаз.  

Аттуф магlарде рахунаго уна бащдаб сагlат. Гьелда тlад набатияз ралаан какал жидерго диниял ишарабазе.   

Аттуф-магlарда къурбан кьолеб букlараб бакlал.  

Петра шагьаралъул некlсияб театр борхалъудасан.

Рималъулазул колоннабазул хутlелал.

ГIарабаз ад-Дейр абулеб мина. Гьеб бан букlана христианаз.   

Амман, Ордоналъул тахшагьар.

Машинаби ричулеб базар, амма гьел росулел чагlи гьенир дагьал руго.  

Хвараб ралъадалда тlад тlерхьунеб бакъ.