«КIудияб алия», ай ягьудиязул репатриация байбихьаралдаса 16 сон тIубалаго, жидерго некIсияб тарихияб ватIаналде тIад руссине бокьулел ягьудиязул бищун кIудияб къадар буго исана. 2014 соналда Россиялдаса ГIизраилалде гочана 4685 чи. ХХI-абилеб гIасрудул тIоцересел соназда гьединал гIадамазул санайил къадар кIиазаргоялдецин бахунеб букIинчIо.
1950 соналъул 5 июлялда ГIизраилалъул Кнессеталъ, ай парламенталъ, къабул гьабураб къануналда рекъон жидерго умумузул некIсияб ракьалда бараб ГIизраилалъул пачалихъалде рачIине рокьулел гIадамазе гIолеб буго документ бихьизабизе жиндирго кIудияв эмен ялъуни кIудияй эбел жугьутIал рукIин.
Жив лъабабилеб гIелалъул вакиллъун вукIине ккола гьединав чи. Гьеб ва ГIизраилалъул консуллъиялъ тIалаб гьабулел цогидал документал рихьизарун, валагьун чIезе ккола виза кьезегIан.
ГIизраил ккола дунялалда цохIого цо улка жиндирго гражданазе кIиго тайпаялъул паспортал кьолеб. Гьениве вачIун, лъабго моцI ун хадуб, гражданинасе кьола лессе-пассе абулеб заманалъулаб документ. Цо соналдаса нахъе кьола «даркон» абулеб – даимаб. Гьеб документалъ инсанасе ихтияр кьоле 40 улкаялде сапар бухьизе.
ГIизраилалъул абсорбациялъул министерлъиялъул гIакълучи профессор Зеэв Ханиница абулеб буго, ГIизраилалъул пачалихъиял хъулухъчагIазда лъикI лъалин Россиялдаса рачIунел цIиял репатриантазул унго-унгояб мурад. Гьеб умумузул ватIан бокьиялда гурин хурхараб – гьеб бугин жиндирго напсияб мурад.
Амма кин бугониги «КIудияб алия» абулеб багъа-бачариялда лъикIаб бербалагьи буго гIизраилалъулазул. Жакъа аслияб къагIидаялда гьенире рачIунел руго Москваялдаса ва Санкт-Петербургалдаса гIадамал.
«Коммерсант» абулеб басмаханаялъе кьучI лъурав ва «Сноб» абулеб проекталъул автор Владимир Яковлевас жиндирго алия тIобитIана анкьго моцIалъ цебе.
Жиндирго лъадигун цадахъ гьес гьанже гIумру гьабулеб буго тель-Авивалда. Гьес абулеб буго сверухъ балагьулеб мехалда жинда кколин, жив Москваялда вугин, щайин абуни - гьедегIан кIудияб къадаралда ругин гьенир лъай-хъвай бугел гIадамал, гьалмагъзаби ва гIагарал.
Левада-Централъул социалилгун-культуриял цIех-рехал гьарулеб бутIаялъул бетIер социолог Алексей Левинсоница гьабулеб буго баян:
Алексей Левинсон : «Эмиграциялда тIад ургъел гьабурал гIадамазда исана май моцIалда гьабураб гIатIидаб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъ бихьизабьулеб буго гьадинаб ищ: тIоцебесеб бакIалда руго къватIиб рукIа-рахъиналъул лъикIаб даража балагьулел гIадамал, кIиабилеб бакI кколеб буго экономикияб ахIвал-хIаладаса хIинкъулез, лъабабилеб бакI кколеб буго жидерго лъималазул тIалаб агъаз гьабулел, гьезул букIинесеб базе ресал ралагьун. Ункъабилез гIиллалъун лъазабуна Россиялда тIадтаразул ва пачалихъиял хъулухъчагIазул хIал-зулмуялдаса жал цIунизе лъиданиги кIолареблъи».
Амма Владимир Яковлев разияв гьечIо эмиграция абулеб рагIиялда. Гьес абулеб буго гьел гIадамал эмигрантал гурин, битIараб абуни гьел киналго кколин Россиялдаса тIурун, гьенир чIарал. Гьел Россиялдаса лъутана, доба гIумру захIмалъулеб букIиндал. Россиялда гIумру гьабулев чиясда лъаларин щиб метер букIинадай.
Гьев хIинкъула полициялдаса, паспорт-контролалдаса. ТIалъиялъ кепек багьа кьолеб буго гьенив яшав гьабулев чиясеги гьесул гIумруялъе, ян абулеб буго Владимир Яковлевас ва кIудияб баркала кьолеб буго ГIизраилалъул хIукуматалъе. Жинда гьениб цониги захIмалъи бихьичIо, ян абулеб буго гьес.