ГIарабазул гIалимзаби гьаб нухалъ Дагъистаналде рачIин щакаб буго

Россия -- Къурбан Къоялъ как балел бусурбаби, Москва, 2011 соналъул ноябрь

Жидерго сурукъал ишал ритIухъ гьаризе цо-цо бусурбабаз «жигьад», «такъфир», «халифат» гIадал терминал хIалтIизари гъалатI ва лъавукълъи кколин абулеб букIана исламияб 23 улкаялдаса гIалимзабаз, экспертаз ва ислам лъазабулез дагьаб цебе Москваялда тIобитIараб конференциялда.
Гьединал терминал мекъса ричIчIиялъ ва гьезие батIияб магIна кьеялъ рачунел ругин Шималияб Кавказалда ва исламиял улкабазда бусурбабазда гьоркьор гIемерал конфликтаздейин абулеб букIана гьениб. Амма гьеб гIелмияб конференциялда тIасан разилъи гьечIолъи загьир гьабуна Дагъистаналда цо-цо диниял хIаракатчагIаз ва журналистаз.

Гьединлъидал гьединабго данделъи жидеца цIидасан Дагъистаналда гьбаизе бугилан лъазабуна 18 июналда республикаялъул миллияб политикаялъул, диниял суалазул ва къватIисел бухьеназул министр Б. БекIмурзаевас.

Хас гьабун Юсуф Къардави гьаниве ахIи цо-цояз хурхинабулеб буго Москваялда къабул гьабураб декларациялда гъоркь гъулбасал гьес нухмалъи гьабулеб ассоциациялъул вакилзабазги лъун рукIиналда. Мисриялдаса гIалимчи Къардавица нухмалъи гьабула исламиял гIалимзабазул халкъазда гьоркьосеб ассоциациялъе.

Москвалда къабул гьабул гьабураб декларациялда какана радикализмги экстремизмги. КъваригIел гьечIого «жигьад», «такъфир», «халифат» абурал рагIаби хIалтIизаризе бегьиларинги абуна гьениб гIалимзабаз. Амма гьебго заманалда Юсуф Къардавица нухмалъи гьабулеб гIуцIиялъул вакил Аль-Карадагица абуна Катаралда гIумру гьабулев чи хIисабалда жиндир ихтияр букIунарин Россиялда бугеб цо пуланаб масъалаялда хурхун фатва кьезе.

Гьедин гьабилалде цебе жинда камилго лъазе кколин гьенир ругел суалалги гьелдехун бакIалъул гIалимзабазул бугеб пикруги. Амма гIемерисез – гIолилал ратаниги, диниял вакилзаби ратаниги – сан гьабуларила гьелъул, гьедин кьалде унила кIиябго рахъги.

«Черновик» газеталъул журналист ХIажиев ГIабдулмуминицаги университеталъул мугIалим Зухумов Зухумицаги жидерго макъалабазда ва МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялда тIобитIараб пресс-конференциялда тIири пайда гьечIеблъун рикIкIана гьеб конференция. Амма министр Б. БекIмурзаевас жаваб кьуна гьеб бугин щиб гьабунги Дагъистаналъул тIалъиялда гIайиб чIвазе къваригIиналъул гIаламат.

Пресс-конференциялда республикаялъул хIакимзабазги бусурбабазул идараялъул чагIазги бицунеб букIана Москваялда гIараб улкабаздаса гIалимзабаз Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе кьураб къиматалъулги цогидалъулги. Амма ГIабдулмуминил пикруялда рекъон, гьениб Дагъистаналъул хIакимзабаз рагIа-ракьанде щун бицун гьечIо гIолилал рохьоре ун чIеялъе гIиллаги, къокъабго заманалда жаниб къанун цIунулез 30 гIан гIолохъанчи викъун инги, Дагъистаналда гIолохъаби экстремисталлъун щай рахъунелалиги.

Гьединго дагъистаниязул цо къадаралъ дагIба балеб буго Москваялда диниял гIалимзабазул данделъиялда тIадчагIи гIахьаллъуниланги. Диниял суалазда гьоркьоре къалеб даражаялде рахун гьечIила гьел.

Гьелъие гьадин баян кьолеб буго Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналдаса динияв гIалимчи Мангуев МухIамадхIажияс: «ХIакимзабаз нилъеда абулеб бугони нужеца дин гьадинан гьабеян, гьеб мехалда нилъеца гьезда хIакъаб рагIи абизе ккола. Диналда гьоркьоре гъол чагIи лъугьунаро.
ЦIикIкIа-цIикIкIарал чагIи нилъехъего ахIизе къваригIун бугони, нилъеца ахIун гьел рачIунаро. Гьелъие къваригIуна дол хIакимзаби. Цере, гIалимзаби къанагIатаб заманалда гурони, гьанже гьел диналда гьоркьоре лъугьунаро».

МухIамадхIажияв живго гIахьаллъун гьечIоан Москваялда тIобитIараб данделъиялда. Амма гьенир рукIараз бицунеб хабар рагIидал, жиндир рекIее кутаталда рахIат лъугьанин, щайгурелъул гьенив чи вихьун рагIи бицунев цониги гIалимчи вукIун гьечIолъиялъин абуна гьес.

Мангуев МухIамадхIажи: «Къуръаналъул аят гьадинаб бугин, ялъуни аварагасул хIадис гьадинаб бугиланищ эл энир кIалъарал? Гьез гIицIго абулеб жо буго дин цебетIеялъе кIвараб кумек гьабилин жидеца. ГIадамаз бокьараб жо бицуна, амма бица-бицараб жо гурелъулха букIунеб».

Дагъистаналдаса динияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадил рагIабазда рекъон, Москваялда гьабураб конференциялда гIахьаллъарал гIараб улкабаздаса гIалимзаби гьанжесала Дагъистаналде рачIин щакаб жо буго. Щайгурелъул дунялалда цIар арал гьезул щивас тIалаб гьабула жидер къадру-къиматалъул. Дагъистаналде рачIиналде гьел гIезегIан ургъула нилъер тIадчагIазе бокьухъе фатвабиги цогидаб изнуги кьуни жидер къадру-къимат гIодобе кколеб жо лъугьиналда тIад. Абулеб буго Москваялда гьездаса тIалаб гьарулел рукIун ругин гьединал фатваби.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Дозда бичIчIана гьазул тIаса-масагояб бербалагьи букIин, гьединлъидал гьел гьанире рачIин щакаб буго. Долгуниял гIалимзабиги гIахьаллъун Москваялда гьабураб доб данделъи нилъеего пайдаялъе буссинабизе бегьулаан. Амма, жидеда рарал чагIи кинигин, гьел гIалимзабаздасан цо жидеего къваригIарал жал тIалаб гьаризе лъугьана нилъер хIакимзаби. Гьединлъидал гьеб тадбиралъул гIадлуги хисизабуна».

МахIмудов ХIажимухIамадица рикIкIунеб буго лъица щиб бицаниги, гIисинлъималаздаги бичIчIулин хIакимзабаз хIалел жал. Республикаялда лъугьараб ахIвал-хIалалъулъ церехъабилъун жал рукIине бокьун бугин БекIмурзаевасеги цогидазеги. Гьебги гьабулеб бугин рихьдае, хIалуцин лъугIизабиялъейин абуни тIири ургъел гьечIин гьезие шапакъаталги цIаралги щваралдаса.