Дагъистаналда рагьулеб буго «Исламияб Кавказ» абураб гIуцIи. Багъа-бачарийищ гьеб букIинеб ялъуни Шурайищали жеги чIезабун гьечIо. ГьабсагIаталда гьелъие хъвай-хъвагIай гьабизе квал-квал гьабулеб буго юстициялъул министерлъиялъ. Гьеб идара рекъолеб гьечIо цIияб гIуцIи динияб гIаламаталда хурхинабулеб букIин.
22 июналъул маркIачIуда МахIачхъалаялда гьабуна «Исламияб Кавказ» гIуцIиялда тIасан тIоцебесеб данделъи.
Юстициялъул министерлъиялъ хъвай-хъвагIай гьабунгутIиялда цадахъго жеги цогидалги квалквалал ругин жидеда дандчIвалелин бицана гьениб МахIачев МухIамад-Пазилица. Гьев ккола Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб вакиллъиялъул нухмалъулев МахIачев ХIажил вац. «Исламияб Кавказ» абураб гIуцIиялъул хIалтIи кинан гьабилебали ургъулеб гьеб данделъиялде ахIарал цо-цо чагIи рачIинчIин абуна МухIамад-Пазилица.
Республикаялъул нухмалъиялъукьа нахъе къан ратизе рес бугила. РачIинчIезда гъорлъ гьес рехсолел рукIана Дагъистаналъул бусурбазаул идараялъул ва Агьлу Сунна ва джамагIат абураб гIуцIиялъул вакилзабиги.
МахIачев МухIамад-Пазил: «Нилъ ургъизе ккола кинаб нухдасан рилълъинеяли. ГIалимзабазухъги гIенеккизе ккола. Нилъеца дандбазе буго нилъее гьаб къваригIун бугищ, ялъуни гьабзаз тIутIун базе гьадингойищ телеб гьаб Дагъистан, халкъ».
Хадубги МахIачев Пазилица бицана буссурбабазул ихтиярал цIунунгутIиялъ гIуцIизе кколеб бугин жидеца гьеб Исламияб Кавказ. Гьелъие мисалалъе гьес рачана динияб гIаламатги багьанадуй ккун аскарияз дагъистаниязул рукъзал сверун кквейги гьел чIвайги.
Гьедин дагьалъ цебе Южно-Сухокумскалда гьабураб хасаб операциялда чIванин расги гIайиб гьечIев ункъо чи, тIадежоялъе гьезул жаназаби нахъе кьезарулагоги сваказавунин жив аскариязин бицана МахIачевас. Гьеб хасаб операция гьабулеб мехалда халкъ бакIарун букIарабани, хвасарлъизеги бегьулаанила динцоял.
Гьеб мехалда Хасавюрталдаса Байсултанов Маматханица ракIалде щвезабуна 2006 соналда гьединго сверунги ккун жиндир васасул минабгун гьез нус чIвараб куцги, вас лъукъиги.
Гьединаб заманалда мажгитазул дибирзабазулги тIири пайда гьечIин, щайин гьез аскариязул ишал какун, яги гьезулгун кIалъа-басаял гьарун церерахъунарелин абулеб бугоан Маматханица.
Байсултlанов Маматхан: « Конституциялда рекъон, я шаргIалда рекъон хIукму гьабизе ккола гIайиб батани диеги, цойгидазеги. Кколаребищ? Гьеб жо тIалаб гьабун къеркьолев вуго дун анлъго соналъ».
МахIачев МухIамад-Пазил: «70 проценталъ дибирзаби хисизе ккола Дагъистаналда. Рузманалда дибирас абуларо диналъул вацазе гьаб жо ккун бугин, бицунаро бусрбабазе бугеб къварилъиялъул. Гьез абула гьагъалейин гъоба цо ящик бугин лъун, садакъадуй гIарац рехейин гъобе».
Бащадаздаса цIикIкIун дибирзаби нахъе рахъизе кколин Маматханицаги МухIамад-Пазилицаги абураб пикруялъе гьадинаб баян кьолеб буго хас гьабун Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь ГIумаров МухIамад-расул.
ГIумаров МухIамад-расул: «Дун чанги щвана гьел хасал операциял гьарулел бакIазде. Дибирни киса гьел аскарияз гьениве къазе виччалев, Дагъистаналдаса министргицин виччаларо. Хасал хъулухъазги федералиял аскаразги гьарула гьел операциял. Кьвагьулеб-толеб жоялда гьоркьов чIей гуро дибирасул хIалтIи, вагIза-насихIаталги гьарун чи битIараб нухде тIовитIи буго. Гьаниб кутакалда захIматаб ахIвал-хIал буго - къануналда данде кколеб батичIони, шаргIалда рекъон гьабизе кколеб буго хIалтIи. ХIукуматалъул хIалтIуда гьоркьове къараб мехалъ ботIролъ жоги бан вухулев вуго дибир».
Исламияб Кавказ гIуцIиялъул бицунеб данделъиялда МахIачев МухIамад-Пазилица абулеб букIана Россиялъулгун кьалда рукIине кколин абулеб гьечIин жидеца, абулеб бугин жал жидерго рокъор жидеего бокьухъе гIумру гьабизе тейилан.