Тегераналда ракIалда буго космосалде маймалакал риччазе, цебесеб гьединаб хIалбихьиялъе икъбал щун букIинчIониги. Гьедин лъазабулеб буго ираналъул информалатаз.
Космосалда сверун Ираналъул идараялъул нухмалъулев ХIамид Фазелица информалатазе лъазабун буго маймалакал космосалде риччазе ругин 10 къоялъул болжалалда жанирин.
РакIалде кколеб буго гьел 31 январалда риччазе ругин. Гьеб къо данде ккола Ираналда 1979 соналда букIараб Исламияб инкъилабалъе 34 сон тIубаялде.
«Мегьр» абулеб инфорагентлъиялъул баяназда рекъон, маймалакал гьаб сагIаталда карантиналда руго ва гьел роржине риччазе руго Pishgam яги Pioneer абулеб капсулалда жанир. Капсула букIине буго Kavoshgar ракетаялда.
Суратал: Маймалакал космосалда
http://www.rferl.org/media/photogallery/24834993.html
Ираналъ гIисинал хIайванал ай хIапараби, щурункъверкъал ва гIункIкIал космосалде цереги риччан рукIана, амма 2011 соналда маймалакал риччазе бахъараб гьезул хIаракаталъе икъбал щун букIинчIо. Щаяли баянги гьабулеб букIинчIо.
Космосалде хIайванал ва хIутIал риччаялъул тIоцересел хIалбихьиял байбихьун рукIана 1947 соналдаго. Америкалъул гьединаб программаялъул гIурхъабалъ тIоцере роржине риччан рукIана хIутIал.
ЧIаго тIадруссун рукIана 1959 соналда 134 азарго километралъул борхалъудеги роржун Америкалъ роржине риччан рукIарал Эбл ва Бейкер абулел маймалакал.
Амма тIоцебе космосалде боржине биччараб хIайван букIана СССРалъул космосалъул программаялъул гIурхъабалъ боржараб Лайка абулеб гьой. Гьеб хола ракьалде тIадбуссунаго.
Ракьалъул орбитаялдеги щун, орбита чанго нухалдаги сверун тIоцере чIаго тIадруссун рукIана 1960 соналъул октябралда СССРалъ роржине риччарал Белка ва Стрелка абулел гьаби.
Маймалакал роржине риччалел руго гьезул гIадамазулгун гIаммаб гIемераб букIиналъ. Гьанже маймалакги биччан Иран хIадурулеб буго 2020 соналда космосалде воржине инсан виччазе.
Ираналъул космосалъулаб программа гIемерго рекIее гIолеб гьечIо гьелъ атомияб ярагъ гьабулеб батиялда хIинкъи бугеб Магърибалъе.
Амма Тегераналъ лъазабулеб буго гьелъул программаялъул гIицIго гIелмиял ва гражданиял мурадал гурони гьечIин.
Гьаб букIана Эркенлъи Радиоялъул цIиял харбазул хъулухъалъул баян.