Гъанкъилалде цеве тlаса лъугьарав
Балал чlвазе хlукму къотlун буго анкьго сон цебе цоги гlолилав - Гlабдулла чlваралъухъ. Доб мехалда гьел кlиязего букlун буго 17 сон.
Балал гъанкъизе цо къо хутlараб мехалда гьесул эбелалъ абуна гьесда тlаса лъугьиналда жиндир хьул къотlун бугин.
Мазендаран провинциялъул Нур шагьаралда гlадамал ракlарун рукlана гъанкъулев чи вихьизе.
Шаргlалда рекъон, чlварасул гlагараз бегизабизе ккола хlукму къотlарасул хlатlазда гъоркьа бакl.
Балалил гlагарал
Чlварасул гlагарал Балалил горбоде квар рехулаго.
Ахирисеб лахlзаталда чlварасул эбел ячlуна Балалиде аскlое ва бала гьесул гьурмалъ хъат, хадуб гьесда тlаса лъугьуна.
Балал хвасар гьавун вуго. Чlварасул гlагараз гьесул горбодаса квар бахъулеб буго.
Хlинкъигьечlолъи цlуниялъул идараялъул вакилас баркала кьолеб буго чlварасул хъизамалъе Балалида тlаса лъугьаралъухъ.
Чlварасулги чlвазе вукlарасулги эбелал цадахъ гlодулел.
Балалил гlагараз баркала кьолеб буго Гlабдуллал инсуе жидер васасда тlаса лъугьаралъухъ.
Рохарал Балалил гlагарал. Чlвазе хlукму нахъе бахъи кколаро гьев туснахъалъуса къватlиве виччалев вугин абураб.
Чlварав Хlоссейнзаде Гlабдуллал эбел-эменги яцги. Гьесул 11-сон барав гьитlинав вац хун вукlана авариялда.
Гlабдуллал эбел-эмен гьесул хабада.