ХIалбихье цо..!

Инсанасул ихтирал цIуниялъул къоялъ Россиялъулги цогидал улкабазулги шагьаразда тIоритIана батIи-батIиял акциял, митингал, данделъаби. Амма гьел рукlинчlо Дагъистаналда.

Масала, Россиялда аслиял тадбирал рукIана миллатчилъиялда дандечIун тIоритIулел. Улкаялда ксенофобияги миллатазда гьоркьоб рокьукълъи цIикIкIунеб букIиналъе нугIлъи гьабуна миграциялъул хъулухъалъул нухмалъулев Константин Ромодановскиясги. Гьелъул гIайибги мигрантазда жидедаго бугин абуна гьес. Щайин абуни гьоболлъухъ рукIине лъалеб гьечIила гьезда.

Гьединго Россиялъул Генералияб прокуратураялъ загьир гьабулеб буго инсанасул ихтиярал хвезариялда рахъалъ исана гьаб 10 моцIида жаниб жидер идараялъ кинабниги 2 млн гъалмагъирниги гIунгутIиниги тIатинабунилан. Гьениб бицен гьабулеб буго аслияб куцалда гIадамал хIалтIудаса нахъе рехиялъул, гьезие харжал кьеялъулъ ритIухълъи цIуничIолъиялъул.

Информация тIибитIизабиялъе эркенлъи кьеялъул рахъалъ ахираб 10 соналда жаниб Россия дунялалда 121 бакIалдаса тIаде бахинчIин кIалъана Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда коммунистазул депутат Олег Смолин. Гьединго митингазулгун демонстрациязул рахъалъги Россиялда кутакалда кьварарал къанунал ругин, туснахъ гьарурал гIадамазул рахъалъги Россия дунялалда анкьабилеб бакIалда бугин, сахлъи цIуниялъул рахъалъ гьеб 120 бакIалда бугин тIадежубана депутатас.

Инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан кигIан ахIи балеб букIаниги, гьелда хурхарал киналгIаги тадбирал тIоритIичIо Дагъистаналда 10 декабралда.

КватIичIого Сочиялда Олимпиада тIобитIизе букIиналъищали лъаларин, ахираб заманалда Дагъистаналда баккун бугин къокъа-къокъаби ккун гIадамал полициялде рачун унеб гIадатин бицана ЭР-ялъе «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ.

Светлана ГIисаева: «Къануналда данде кколеб жо бугищха гьеб? Чи щив ва кисаяли лъазабизе къваригIун батани, килщазул расенал рахъизе, гьурмал суратал рахъизе кире букIаниги рехъерхъичIониги бегьула гурищ гьел? ТIадежоялъе ДНК лъазабизе биги бахъулеб буго. Гьеб киналъулго бакIалда цохIо паспорт бихьизабуни гIоларебищ? Амма гьаниб гьелъухъ гIенеккизе бокьун гьечIо. Гьале гьабсагIатги полициялда йикIана дун, жамгIий хIаракатчIужу хIисабалда.

Гьенире рачун рачIун ругоан цо гIолохъанчиги ясги. Гьев васас бачунеб автомобилалда щаклъи ккун рагIула низам цIунулезул. Гьебщинаб жо гьабичIого абеха гьесда дур гьаб автомобиль бикъараб жо бугиебищилан. Гьес жаваб кьелаан гурищ. Гуро, лъицаниги щибниги жоги гьикъичIого, чанго сагIаталъ чIезарун ругоан гьел гIолилал полициялда. Гьелда цадахъго гIемр руго полициялдеги рачун гIакъуба кьолел хIужабиги. Гьеб мехалда гIемерисезда гуро яхI гьабун чIезе кIолеб».

Россиялъул ва Дагъистаналъул конституциялда рихьизарурал ихиярал гIумруялде рахъинарун бажаруларин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи Руслан Расуловас.

Руслан Расулов: «ХIалбихье цо ХIалбихье цо митинг тIобитIизе, кигIан дандечIей нужеда дандчIвазе бугебали. ХIалбихье цо ракIалда бугеб жо, битIараб жо рагьун загьир гьабизе, нужеего бокьараб куцалда дин гьабизе. ХIалбихье цо нужеего бокьилин ккараб бакIалде хIалтIизе лъугьине. Масала, лъикIаб харжги щолеб пачалихъияб хъулухъалде лъугьине. Бугеб лъаялдеги хIалбихьиялдеги мугъчIвайги гьабун, кIолищ нужедаго гьеб хъулухъ бахъизеяли бихье цо.

ХIалбихье цо ритIухъаб куцалда диван гьабулищали бихьизе, ялъуни ургъе цо дуего хIинкъи гьечIолъи чIезабизе кIолеб бугищ пачалихъалдаяли бихьизе. Гьединал мисалал гIемер рачине бегьула. Дуца цIаланищ гIемер чи данделъарал тадбирал тIоритIиялъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул къанун? Гьениб хъваралда рекъон, мун кьвагьун хваниги кIоларо дуда дуе бокьараб бакIалда митинг яги цогидаб данделъи тIобитIизе, тIадчагIазе гьеб бокьичIони».

Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIуна-къаялда бан кьурал цIиял баянал гьечIо инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб вакиллъиялъул сайталда. Руго гIицIго 2012 соналда кьурал. Гьенибги бицунеб буго гIадамал хIалтIуде роси-росунгутIиялъул ва гьелда релълъаралъул.