Инесса Яхиэль: «Освальд вукIана паракъатав чилъун»

Ли Харвельд Освальд

22 ноябралда тIубала 50 сон Цолъарал Штатазул президент Джон Кеннеди чIваралдаса. Гьеб такъсир гьабуравлъун рикIкIуна Ли Харвельд Освальд абурав американияв. Инесса Яхиэль Освальдгун дандчIван йикIана Минскалда гьес Марина Прусакова лъадилъун ячун хадуб. Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда Инессаца ракIалде щвезарулел руго дол сонал.

Инесса Яхиэлица абулеб буго, балагьараб мехалда гьев вихьулаанин паракъатаб инсанлъун ва лъилниги шаклъи букIинчIин гьев гIантав чилъун вукIиналда.

Доб тIоцебесеб нижер данделъиялда Освальд гIурусалъ кIалъалев вукIана, ян абулеб буго Инессаца.


Инесса Яхиэль: «Гьев кIалъалев вукIана кутакаб акцентгун. Амма дида гьесул калам бичIчIулеб букIана. Гьесдаги бичIчIулаан нижеца абулеб щинаб.

ГьабсагIаталъги официалияб къагIидаялъ абулеб буго гьес Кеннеди чIван вугин.

Амма дир ракIалда буго гьадинаб интересияб хIужа. Цо къоялъ гьев нижехъе вачIараб мехалда, телевидениялдаса бихьизабулеб букIана Хрущевасулгун Кеннедил данделъи.

МухIканго абизе кIоларо гьабсагIат, кида доб данделъи букIарабали, нужедаго
гьеб лъалеб батила.

Гьалеха, телевизоралъухъ балагьун гьес абуна Кеннеди вугила вищунго гIакъилав президент. Гьадинал рукIана гьесул рагIаби».

Инесса Яхиэлица гьадин абулеб буго Освальдил хасияталъул хIакъалъулъ.

Инесса Яхиэль: «Лъалищ нужеда, лъадигун гьесул гьуинаб гIумру букIанин дида кколаан доб мехалъ. Ва гьев гIантав, гIадалав инсанлъун вукIанин абуралда кинха божизе бегьулеб. Гьев кидаго гьимулаан, гьев вукIана лъикIав чилъун.

ЦохIого-цо жо буго ва доб заманалд гьесул хIакъалъулъ хъвараб ва гьелдалъун щаклъи баккизабураб. Гьес цIалъулаан Карл Марксилги Фридрих Энгельсасулги асарал. Дида рихьана гьел тIахьал гьесул рукъор».


ЭР: Гьедин батани Карл Марксил хIакъалъулъ хабар ккун батилин нужер, жиндирго идеологиялъулаб бербалагьи гьес загьирабун букIанищ дуе? Капитализмалъе ва социализмалъе кинаб къимат кьолаан гьес?


Инесса Яхиэль: «Нижер рукIана батIайисел бухьенал, харбалги рукIана гIадатиял, рукъосел. Гьединлъидал гьадинаб хабар ккечIо цониги нухалъ.

Дица гьединал суалалги кьечIо гьесие, гьесги хъинтIичIо гьеб темаялда. Къойидаса къойиде нижер гьоркьоблъи букIана гьуинаблъун ва хинаблъун».

ЭР: Цо-цояз абулеб букIана Освальдил лъади Маринал балъгоял бухьенал рукIанин советиял хасал хъулухъазулгун. Дуда кин кколеб? Гьеб битIарабищ?


Инесса Яхиэль: «Йохъ, гьадинаб пикру букIинчIо дир. Дида гьей Марина лъалаан гьей Освальдил лъадилъун йIикIинегIан. Дие гьабсагIат бокьун гьечIо Ленинградалда букIараб захIматаб гIумруялъул хIакъалъулъ бицине.

Гьей йикIана къо бихьарай бесдал яслъун. ИмгIал Валяца гьей гьение ахIун хадуб гьесда бихьана гIумрудул гьуинлъиги, инсаниятлъиялъул хинлъиги. Алекил (ай Освальдил) хIакъалъулъ бицани, дида мухIканго лъаларо киб гьезул лъай-хъвагIай ккарабали.

Гьей аптекаялда хIалтIулей йикIана гIадатияб гIумру гьабулаго».


ЭР: Гьес Джон Кеннеди чIван вукIиналда божулей йиги мун?


Инесса Яхиэль: «Байбихьудасанго божулеб букIинчIо дун гьеб хабаралда. Дида ккола гьедегIан гучав чилъун гьев вукIинчIин. Божулеб гьечIо гьанжеги. Нижер цониги гьалмагъ-гьудулги божулеб гьечIо. Дида гьев лъикIалан лъалелъул».