Россиялъул жанубияб рахъалъул цо-цо гуребнаторазул лъудбузе щолеб хайир росазе щолелдаса гIемерго цIикIкIараб буго. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго исана тIоцебесеб маялде рос-лъадуе щвараб хайирлъул декларацияз.
Цо-цо мехалда Жанубияб ва Шималияб Кавказалъул федералиял мухъазда ругел хъулухъчагIазул ва гьениса депутатазул лъудбузе щвараб хайир росазе щваралдаса анцI-анцI нухалда цIикIкIунги батулеб буго. ГIадамазда бихьулеб бакIалда жиндирго декларация лъечIев цого-цо регионалъул бетIерлъун ватун вуго Чачанлъиялъул бетIер.
Гьанже россиялъул хъулухъчагIазда тIадаб буго лъагIалида жаниб жидее, жидер лъудбузе ва балугълъиялде рахинчIел лъималазе щвараб хайиралъул декларация гIадамазда бихьиледухъ къватIибе загьир гьабизе. Гьедин букIаниги коррупциялде данде цIех-рех гьабиялъул ва инициативаязул «Трансперенси Интернешнл – Россия» абулеб Централъ кIвар буссинабулеб буго регионалиял цо-цо хъулухъчагIазул декларациял кирго жидеда ратулел гьечIолъиялде.
Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазаница къватIибе загьир гьабураб декларациялда бихьизабулеб буго батIи-батIияб бакIалдаса гьесие щвараб хайир.
Республикаялъул нухмалъулесул официалияб сайталда кьунги буго гьеб информация.
Декларациялда рекъон, 2012 соналда ГlабдулатIиповасе щун буго кинабниги 2,597 миллион гъурущ. 2011 соналъул декабралдаса нахъе гьев вукIана Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун. ХIалтIул аслияб бакIалдасан гьесие щун буго кIиго миллионгIанасеб гъурущ, педагогикияб хIалтIухъ 84 азаргогIан, 420 азарго гъурущ пенсиядул ва банказда лъураб гIарцуде тIаде бачIун буго гьесие 83 азаргогIан гъурущ.
Гьеб декларациялда бихьизабун гьечIо ГIабдулатIиповасул рукъзал, ракьал ва автомашинаби ругищали баян ва гьединго гьечIо гьесул аскIосеб гIагарлъиялъул хайирги бихьизабун.
Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьоб цохIо чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзан хутIун вуго тIоцебесеб маялде декларация кьечIев чилъун.
Гьедин хъвалев букIана 30 апрелалда «Российская газетаялъ» . Гъоркьисаги гьес декларация кватIун гурони кьун букIинчIо ва гьелда рекъон, 2011 соналда хIалтIудаса щвараб мухь гуреб тIокIаб кинабниги хайир гьесие щун букIинчIо. Гьебги бахунеб букIун буго 4 100 000 гъурщиде.
Гьелде тIадеги Къадировасул рагIула Грозныялда 36 квадратияб метралъул кIодолъи бугеб цо рукъги. Гьеб соналъ Къадировасул букIун гьечIо живго бетIергьанаб автомашинаги. 2009 соналда абуни гьесул букIараб ВАЗ-2105 тайпаялъул автомашина тIокIал декларациязда бихьизабун букIинчIо.
Къадировазул гIагараб росу Центороялда бугеб чанго тIалаялъул рукъ эбелалъул бугин ва гьеб гьелъие республикаялъул бетIерлъун вукIарав Къадиров АхIмадхIажихъан хутIараб бугин лъазабун буго.
Чачанлъиялъул бетIерасул кортежалда ругел анцI-анцI хирияб автомашинаги, гьев бетIергьанаб зоопаркги, гьесул яргъил коллекцияги цоги гIемерабги лъазабун буго пачалихъияб ва чачан халкъалъул буголъилъун.
2009 соналда Къадировасул декларациялъе комментариял кьолаго Россиялъул ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулев Сергей Степашиница абун букIана «Рамзан Къадировасул буголъилъун тIубараб республика бугин ва гьесул ургъел гьабизе кколарин».
Волгоградалъул икълималъул губернаторасул лъадуе щун буго росасдаса анцI-анцI нухалда цIикIкIун хайир.
Губернатор Сергей Боженовасул лъади Ольга Боженова ккола икълималъул думаялъул депутат.
Ольга Боженовалъ бихьизабулеб буго гьелъул росасе араб соналда щвараб хайир лъабго миллионалдаса дагьаб цIикIкIараб гIарац бугин. Гьелъул жиндирго хайир бахун буго 55 миллион гъурщиде.
Гъабардагун-Балкариялъул нухмалъулев Каноков Арсение араб соналда щун буго цо миллионгун 500 азарго гъурущ, амма гьесул лъади Канокова Фатимае щун буго 31 миллион гъурущ.
Гьелде тIадеги Каноковасул буго ракьул 64 гектарги 725,7 кв. метралъул кIололъи бугеб рукъги, гаражги «Мерседес-Бенц» автомашинаги. Гьесул лъадул буго ракьул ункъго кесек. Гьезул гIаммаб кIодолъи бащалъула ичIго гектаралда, кIиго рукъги (78,1 ва 97,02 кв. м) «Ауди» ва «Мерседес-Бенц» маркабазул кIиго автомашинаги.
Кубаналъул губернаторас къватIибе загьир гьабун буго декларациялъул къокъ гьабураб вариант.
Краснодаралъул ракьалъул губернатор Александр Ткачевас загьир гьабураб декларациялда рекъон, 2010 соналдаса нахъе гьесие щолеб хайир цогогIадин хутIулеб буго ва бащалъулеб буго цо миллионгун 700 азарагогIан гъурщида. Гьеб хайир кисаяли ва цоги хайир щолеб бакIал бугищали Ткачевас декларациялда рехсон гьечIо.
Гьес гьединго бицен гьабулеб буго ижараялъе босараб ракьул 10 гIанасеб гектаралъулги, жаниб гIурму гьабулареб минаялъулги. Гьелъул кIодолъи бащалъулеб буго 435,5 квадратияб метралда.
Ткачевасул лъади Ольгае 2012 соналда щун буго 5,145 миллион гъурущ. Гьединго гьелъул буго цIар рехсечIеб компанияги. Гьелъул капитал бахунеб буго 23,338 миллион гъурщиде, гьединго гьелъул рагIула жиндир капитал 41,484 миллион гъурщиде бахунеб цоги компаниялда бутIаги.
Ткачевазул хъизамалъул буго 903 кв. метралде кIодолъи бахунеб рукъги кIиго гектар гIанасеб ракьги.
Бищунго цIикIкIараб хайир щун буго Ставрополалъул думаялъул депутатасе.
Гьеб регионалъул бетIер Валерий Зеренковасул хайир бащалъун буго 2,6 миллион гъурщида, гьесул буго 558 кв.метралда бащадаб рукъги, 700 кв.метралда бащадаб ракьги. Жиндирго автомашинаги рагIуларо гьесул.
ХIукуматалъул хъулухъазда гьечIел депутатазда гьоркьоб бищунго кIудияб хайир щун буго «Арнест» абулеб Невиномысскалъул компаниялъул вице-президент ва «Цогояб Россия» партиялъул гIахьалчи Владимир Гурьяновасе. Гьесие щун буго 47,9 миллион гъурущ.
Бищунго дагьаб хайир щун буго Гъалгъайлъиялъул лъайкьеялъул министрасе.
Гъалгъай республикаялъул бетIер Юнус-Бек Евкуровасул лъагIалил хайир бащалъун буго 2,114 миллион гъурщида.
Лъадуе кигIан щварабали гьеб декларациялда бихьизабун гьечIо. Евкуровасул хъизамалъул гьединго буго 247 кв.метралда бащадаб рукъги, 420 кв.метралда бащадаб коттеджиги. Жидерго автомашинабиги гьечIо гьеб хъизамалъул.
Декларациял кьурал хъулухъчагIазда гьоркьоб бищунго дагьаб хайир бихьизабун буго гъалгъаязул лъай кьеялъул министр Руслан Кодзоевас – 148 370 гъурущ. Жиндир тIокIаб кинаб букIаниги буголъи бугинги гьес бихьизабун гьечIо.
Гъарачайгун-Чергессиялъул бетIер Рашида Темрезовасе ва гьесул хъизамалъе араб соналъ щун буго 830 902 гъурущ.
Гьесул гьединго буго 450 кв. метралда бащадаб рукъги. Гьесул лъадуе щун буго 117 азарго гъурущ. Гьелъул гьединго буго лъабго рукъги (96, 83 и 48 кв. м.), гаражги (57 кв.м.) кIиго складги (131 и 68 кв.м.), ракьул 1028 кв.метрги, «TOYOTA Ландкрузер 200» автомашинаги.
Калмыкиялъул бетIер Алексей Орловасе щун буго 1,027 миллион гъурущ.
Гьесул руго Mercedes-Benz, Land Rover, «ГАЗ-21» автомашинабиги, 380 кв. метралда бащадаб рукъги.
Адыгеялъул нухмалъулев Аслан Тхакушиновасе щун буго 1,8 млн. гъурущ.
Гьесул лъадуе араб соналда щун буго 340 азарго гъурущ. Гьезул буго лъабго гектар ракьалъулги, жидер гIаммаб кIодолъи азарго квардраталдаса цIикIкIараб кIиго рукъги цогидабги.
Астраханалъул икълималъул губернатор Александра Жилкиние щун буго 2,5 миллион гъурущ, гьесул лъадуе – 7 азарго гъурущ.
Гьединго гьезул буго гIаммаб кIодолъи 400 кв.м. гIунтIараб лъабго рукъги, лъабго гектаралда бащадаб ракьги, цогидабги.