Кинал къагIидаялъ исана гьеб кIудияб зиярат тIобитIилеб ва гьелда хурхарал цогидалги суалал дандразе гьал къоязда МахIачахъалаялда денделъун рукIана, «АхIулгохI» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабиги цогидалги гIадамал.
Исана 20 сон тIубалеб буго Кавказалъул рагъалъул бищун кIудияб рухIелазе нугIлъун бугеб, тарихияб бакIалде аза-азар бусурбабаз зиярат гьабизе байбихьаралдаса. Аза-азар муридазаби шагьидлъараб, Шамил имамасул ясги яцги къадарадле щвараб, гурхIел гьечIеб рагъулъ аза-зар чиясул би чвахараб АхIулгохIде щибаб санайил зияраталъ къокъунел руго 20 азаргониги дагъистанияв.
Гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицана араб рузманкъоялъ МахIачахъалаялда данделъун рукIарал АхIулгIохI абураб жамгIияб гIуцIиялъулги, Имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъулги вакилзабаз. РукIана цогидал жамгIиял хIаракатчагIи.
Гьеб данделъиялда гIуцIана АхIулагохIалде гьабулеб зияраталъул ва цогидалги тадбиразул жаваб кьолеб гIуцIиялъул комитет. Гьеб комитеталда гъорлъе унел руго АхIулгохI абураб жамгIияб г1уцIиялдаса, Республикаялъул рухIияб идараялдаса, батIи-батIиял жамгIиял хIарактачагIазул кинавниги 15 чи. ГIуцIиялъул комитеталъул нухмалъулевлъун вищана ГIабдулаев Гъайирбег. Гьев ккола «АхIулгохI» фондалъул вакил.
Авалалдасаго байбихьун бахIсал гIодорцинчIо гьеб данделъиялда.
ДагIба-къец байбихьана АхIулгохIалде зиярат гьабиялъул къо чIезабулаго. Фондалъул гIахьалчагIазда ракIалда букIун буго машгьураб магIарде зиярат гьабулеб къолъун 14 сентябрь лъазабизе. Амма данделъиялда вукIарав Шамилил фондалъул нухмалъулев ХIажиев ГIумар лъугьана 14 къоялда цересел къояз тIубараб республикялда рукIине ругин ХIамзатов Расул гьавуралдаса 90 сон тIубалъул тадбирал, 15 сентябаралда «Халкъалъул цолъиялъул къо» абун тIоритIизе ругин тадбирал. Гьеб кинабго ахIи-хIуралда гьоркьор АхIулгохIде гьабулеб зияраталъул тадбиразде регIун щивин вукIуневилан, цогидаб къо чIезабизе кколин зиярат гьабулеб къолъунилан бичIчIизабуна гьес данделъаразда.
Амма бищунго кIудияб бахIсалде нуцIа рагьарав чи ккана цо заманалда «ХIакъикъат» газеталда цебе гIуцIараб киностудиялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадбег СалтIинский. Аза-зар бусурманчи шагьидлъараб, зияраталъ уневщинав чи какичурун гурони ине изну кьолареб АхIулгохIде гIурусазул бищунго кIудияв Кашиш патриарх Кириллги ахIун, кьурдухъабигун кочIохъабиги дандегьарун кIудияб байрам къо хIисабалда тIобитIизе кколин АхIулгохIде тIаде рахунеб къойилан абулеб бугоан гьев чияс.
АхIлгохIалде гьабулеб сапар гьеб байрам гурин, зиярат кколилан чанго нухалъ гьесда бичIчIизабизе лъугьаниги жиндирабго ккун чIана гьев. АхIулгохI лъазабизе кколин тIолго Дагъистаналъул байрамкъолъун.
Дагъистаналъул бищун кIудияб шагьаралда Дербенталда, насраниязул хобал ругеб бакIалда цо дандеруссин тIобитIулеб бакIалдегицин вачIинчIев гIурусазул патриарх, пачаясул зулмучагIазде дандерагъулаго азар-азар мурид къанщарав бакIалде векерун вачIинин гьевилан рагIи рехана «АхIулгохI» фондалъул вакил ГIабдурахIманов Гъайирбегица.
ПалхIасил гьеб кколин цохIо СалтIинскияс загьир гьабураб пикру жинди-жиндир пиур загьир гьабизе кинавго чиясул ихтияр бугилан цо кIудиябго дандечIей гьечёеб гIадаб магIнаялад абуна гьелад тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго АхIулагохIалде гьабулеб зияраталъул хIадурлъиялъул рахъалъ гIуцIараб комитетатлъул нухмалъулев нухмалъулев ГIабдулаев Гъаирбегица
Зияраталъул аслиял лахIзатазул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес «Эркенлъи радиоялъе:
Г1абдулаев Гъайирбег: «Исанасеб зиярат киналниги сентябаралъул байрамкъоязад цадахъ гIадин дандекколеб букIун нижеца хIукму гьабуна гьеб гьаб моцIалъул 28 къоялъ тIобитIизе. ТIоцебесеб къоялъ букIине буго зиярат, кIиабилеб къолъ тIоритIизе руго спортивиял тадбирал. Нижеца рухIияб идараги гьоркьоб ккун киналго магIарулазда лъазабизе буго гьелъул.
Цересел соназ зиярат гьабулеб мехалъ рукIанищ гьединал спортивил тадбирал?
Гъайирбег: « Цересел соназдаги рукIана гьел. Исана цохIо зиярат тIобитIун гуребги рукIине руго батIи-батIиял чагIи церерахъун гьарулел кIалъаял. Тадбиралъул программа дагьаб гIатIид гьабизе ракIалда буго нижеда.
АхIулгохIалде зиярат гьабулеб цо къо чIезабизе кколин киналго соназеян абураб пикру загьир гьабуна гьаниб, бугищ гьединаб хIажалъи дур хIисабалда.
Исана лъагIан нижеца Кавказалъул рагъ лъугIараб къо августалъул ахирисеб шамат къо букIинги хIисабалде босун гьебго шамат къоялъ гьабулаан зиярат, къоябго соналъ гьедин букIинеги букIана. Исана пикру кканаха халкъалда дандги бан цохIо къо чIезабизе кколин зияраталъеян.