Ращадал ругищ Шамилгун Путин?

Имам Шамилил сурат Россиягун Дагъистаналъул лидеразул сураталда гьоркьоб

Имам Шамил хваралдаса 145 сон тIубала 4 февралалда

4 февралалда 145 сон тIубала Имам Шамил хваралдаса. Гьелда бан республикаялда гьев ракIаледщвезавиялъул тадбир тIобитIана гьеб къоялъ. Амма «Эркенлъи» радиоялъ кIвар буссинабуна цогидаб хIужаялде. Мисалалъе жакъа гIемер дандчIвазе бегьула Дагъистаналда Россиялъул президент Владимир Путинилги, Имам Шамилилги суратал цоцада аскIор. Кинаб магIна гьелъул букIине бегьулеб ва щиб абулеб бугеб гьелда тIасан тарихчагIаз?

Имам Шамил хваралдаса 145 сон тIубаялда бан «Дом Дружбы» абураб кIалгIаялда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги гIахьаллъараб кIудияб тадбир тIобитIана Шамилил фондалъги «АхIулгохI» абураб жамгIияб гIуцIиялъги. Амма «Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана щив кколев Шамилил жакъасел наслабазе абураб суалалда сверухъ гьабизе гьаб материал. Щайгурелъул жакъа гIемер дандчIвазе бегьула батIи-батIиял хIакимзабазул кабинетахъ Имам Шамилилги Россиялъул президент Владимир Путинилги суратал аскIор къеда ран. Кин бичIчIизе бегьулеб гьелъул магIна? 25 соналъ Россиялъул империялде данде гъазават гьабулев вукIарав Шамилилги, гьеб империя хисун бачIараб Россиялъул хIукуматалъул бетIерги ращад гьарилъун кколиш гьеб? Тарихчи ГIамирхан МухIамаддадаевасда гьениб щибниги гIажаиблъи гьабизе ккараб жо бихьулеб гьечIо. Гьесул пикруялда рекъон, доб мехалда рагIа-ракьанде щун гIурус мацIги Шамилида лъалеб букIарабани, Россиялъул маданияталъулги, тарихалъулги кIварги гьесда бичIчIун букIарабани гьедигIан гIемераб би тIураб, 25 соналъ халат бахъараб рагъ ккечIого букIинеги бегьулаан. Гьеб пикру Кавказалъул халкъалда бичIчIизабизе рачIайилан гIурусазул пача Николай тIоцевесесда абунги букIун буго гьесул рагъул цевехъанас.

Имам Шамилил сурат

МухIамаддадаев ГIамирхан: «Гьес абулеб букIана пачаясда гьазул (дагъистаниязул) Шамалъулгун ва Туркиялъулгун дармил бухьенал ругин, гьелдаса пайда босизе бегьулин. Гьезул лъимал Россиялде цIализеги рачун, гьезда нилъер тарихги, маданиятги бихьун хадуб гьез абизе букIанин тIадруссун хадуб, Россия гьеб бугин кIудияб пачалихъ, гьебгун рагъун нилъ бергьунарин, гьелгун ракълида ругони нилъеего лъикI букIинилан. Гьедин гьабун букIарабани, гьеб рагъ букIинароанха букIараб, амма гьелъие гIемерал санал хIажалъизе рукIана».

Гьединлъидал Владимир Путинида аскIоб Шамилил сурат бай гьеб щивав чиясул жинди-жиндир иш бугилан рикIкIунеб буго ГIамирхан МухIамаддадаевас.

МухIамаддадаев ГIамирхан: «Дица Путинилги бала сурат къеда, гьесда аскIоб Шамилилги, Расул хIамзатовасулги, ХIахIаб росулъа МахIмудилги бала. Гьеб буго дир иш, гьелъухъ лъица дие тамихI гьабулеб. Путин вуго дун жанив вугеб пачалихъалъул бетIер, дица гьаракьги кьун гьениве вищарав. Шамилги вуго анцIила ичIабилеб гIасруялда хвалчадалъун Дагъистаналъул цIар дунялалалда рагIизабурав чи. Гьел цоцада аскIор къеда ран рукIине бегьуларел чагIийиш?».

Журналист Ильяс Тимиркъаевасул абуни тIубанго батIияб пикру буго гьеб хIужаялда тIасан. ТIубараб гIумруялъ гIурусазул пачаялде данже вагъулевги вукIун, гьанже Шамилги Владимир Путинги цого чагIилъун гьари гIадаб жо кколеб бугин гьел кIиязулго сурат цоцада аскIоб букIинилан абулеб буго гьес.

Тимиркъаев Ильяс: «Дун тIуванго дандечIарав вуго гьелда. ТIоцебесеб иргаялда Шамилие жиндегоги бокьилароан букIараб жиндир сурат гьел чагIазда аскIоб бан букIине. КIиабизе бугони Путин ккола Шамил жинде данде вагъулев вукIараб пачалихъалъул, гьанже бугеб хIукуматалъул бетIер. Гьедин хIисаб гьабуни гьеб кколеб бугоха Шамил имамасулги гьесда дандечIей гьабулев вукIарав пача Николай тIоцевесесулги сурат аскIоб бараб гIадаб жо. Гьанже ругел хIакимзабаз рихьдаего гIадин кIиязулго суратал къеда ралел руго, гъорлъе раккун тарихиял хIужабазул пикруги гьабичIого. Шамил имамги Владимир Путинги - гьел ккола масштабалъул рахъалъги, рухIияб рахъалъги, кинабго рахъалъан тIуранго цоцадаса батIиял чагIи. Гьел кIиязулго сурат аскIоб букIин гьеб пикруялъцин къабул гьабулареб хIужа буго».

Шамил имамасул заманалдаса тарихиял хIужабазул цIиял баяналги загьирлъулел руго жакъа. Мисалалъе ЦIумада мухъалъул Гьаквари росдада аскIоб ЦIцIуйди абулеб цо кIкIалахъ жакъаги цIунун хутIун руго Шамил имамас хIадурун рукIарал туснахърукъал. Гьел туснхъарукъазул чIвадал хутIун руго жакъаги гьенир.