«Хун лъикI, амма кинабго бицина!»

Анвар ХIусенов

20 июлалда Хасаюрт мухъалъул Байрам росулъ рикъун руго 21 сон барав Анвар ХIусенов ва 29 сон барав МухIамад Сулаев. Анварил чIужу ХIалимат МухIамадовалъ бицухъе, гьелъул росги гьесул лъалев-хъавлевги мажгиталда аскIоса рикъун руго маскаби гьурмада хурал ва камуфляж ретIараз.
Лъугьа-бахъин бихьараз абулеб буго, Анварги МухIамадги рикъаразул кIалъаялъухъ гIенеккидал бичIчIулеб букIанин, гьел Дагъистаналдаса гуреллъи, гьезул славяназул гIадаб кIалъай букIараблъи.

Рикъаразул гIагарлъиялъул цоял гIарзабигун рортана прокуратураялде, амма гьел гьениса къватIире гъуна, жидеда кинабгIаги кумек гьабизе кIолариланги абун. Лъалел-хъвалел низам-цIунулездасан гIагарлъиялда лъана Анварги МухIамади Хасавюрт мухъалъул жанисел ишазул идараялде рачун араллъи.

Рикъаразул адвокат Сапият МухIамадовалъ бицухъе, Хасавюрт мухъалъул жанисел ишазул идараялда абун буго Анвар ккунин такъсир гьабиялъул ишалъул тадбирал тIоритIулагоян. Полициялъулаз Анварда гIунтIизабулеб буго гIайиб уголовияб кодексалъул кIиго бутIаялдалъун – чияр магIишаталъе ургъунго зарал ккезаби, къануналда рекъечIого ярагъ цIуни.

Сапиятил рагIабазда рекъон, Анвар вихьизе гьей йиччалей гьечIо. Анвар гьелда вихьун вуго цохIого цо нухалъ – диваналъул хIукмуялда гьев цIех-рехалъул изоляторалде вачарав мехалъ. Гьев квешго вухун вукIанин абуна адвокаталъ ва тIаде жубана: «Анварие медикияб экспертиза гьабизе рес щолеб гьечIо, щайгурелъул гьесухъе тохтурзаби риччалел гьечIо»-ян.

Адвокаталда Анвар вихьун хадув, гьев диваналде вачун ун вуго полициялъулаз, гьев цо хlалхьиялда чIолев гьечIинги абун. Анварида ругел хъахIиллъарал бакIал (гематомаби) полициялъулазе гьедин берцин чlечlого щварал ругин бичIчlизабизе бокьун букIун батилин абулеб буго адвокаталъ.

Диваналде Сапиятги ун йиго. Гьелъ гьениб ахIи-хIур бахъинабун буго ва диванчияс къабул гьабун гьечIо полициялъулазул гьари. «Вухизе кколев вукIинчIо», - иланги абун диванчияс полициялъулал нахъе гъун руго.

Хасавюрталъулъ цIех-рехалъул изоляторалда вугев Анварица чанги гIарза хъвана батIи-батIиял идарабазде. Гьес гьарулеб буго жив вухарал полициялъулазе тамихI гьабеян..
Гьевгун цадахъ ккурав МухIамад Сулаев 21 июлалдаго нахъе виччан вуго, амма лъазабун буго кIалги къан чIайилан.

Амма Сулаевас жиндирго гIарзаялда мухIканго хъвана ккарабщиналъул. Гьесул рагIабазда рекъон, гьевги Анварги рухулел рукIарал низам цIунулел къокъаялъе буюрухъал кьолел рукIун руго майор Марат Имавовас, гьев ккола Хасавюрт мухъалъул жанисел ишазул идараялъул уголовияб цIехеялъул нухмалъулевлъун.

Сулаевас гIарзаялда хъвалеб буго живги Анварги квешго руханин. Щай жив ккуравали гьикъидал МухIамадица гьесда абун буго мун хъатикь кканилан. Рухун-кьабун гьевги Анварги каталажкаялде рехун руго. ГIемер вухиялъ Анварил гьумер гьорн букIана, цояб бер чIегIерлъун букIанилан бицана Сулаевас.

Нахъисеб къоялъ МухIамад нахъе виччана. Гьесул рагIабазда рекъон, мухъалъул жанисел ишазул минаялда гьев дандчIвана росулъан лъалев-хъвалевгун. Чехьги ккун гьев кIусун вукIанин бицана МухIамадица ва тIаде жубана гьев васасда Маратица абунин 50 азарго гъурущ кьуни нахъе виччалин.

Живго Сулаевасдаги гьикъулеб букIун буго магIишаталъул рахъалъан кинаб хIал бугебин, щай гьесда хадув эмен вачIинчIевин, щай эбел ячIарайилан. Гьезие гIарац бокьун букIанин абулеб буго Сулаевас ва тIаде жубалеб буго эбелалъ: гьезда цIех-рехалъул комитеталда гIарза хъвараблъи лъазабун хадуб, жив нахъе виччанин.
Гьезда хадубго дов майор Марат Имавовас ахIун буго Сулаевасда ккарабщиналъул лъиданиги бицани, жанив тIамизе вугин.

МухIамад Сулаев вуго лъабго лъимадул эмен. ГIагараз гьев гьанже вахчун вуго. Щайха МухIамад вуцIцIухIун чIечIев, щай гьес гIарзаби хъварал? Гьесул рагIабазда рекъон, гьев бабадулаго кIалъалаан цебегоялдаса нахъе. Низам цIунулез вухун хадув, гьев жеги бабадун кIалъалев вуго, макьу гьечIо, кваназе кIолеб гьечIо.

«Дие бокьун гьечIо низам цIунулез цогидал гIолохъабазе гIакъуба кьезе. Хун лъикI, амма кинабго бицина!, - илан абуна МухIамадица.

Адвокат Сапият МухIамадовалъ бицухъе, МухIамадил хIал квешаб буго. Азарханаялде гьев вачине хIинкъун руго, щайгурелъул гьев гьенив ватизе бегьула. ГIагарал къоязда Сапият дандчIвазе ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовгун. Гьесда цебе лъезе руго Сапиятица Сулаевасулги ХIусеновасулги гIарзаби.

МухIамадова Сапият: «Дица гьев жанисел ишазул жалго цIуниялъул идараялде вачун вукIана. Идараялъул нухмалъулес, Сулаевги вихьизабун, абуна гьевги ХIусеновги такъсирчагIи ругин, гьелдалъун полициялъулазул бербалагьи бичIчIизе кколин. Такъсир Сулаевас гьабун букIун батани, щай гьев нахъе виччаравилан гьикъидал, гьев нухмалъулес дида абуна гIарза хъвайилан, жица щибалиго гьабилин.

Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIунулей вакилалъул кумекалдалъун гьал къоязда дун дандчIвазе ккола жанисел ишазул министргун. Сулаевги вачун ина дун гьение. Кин-щиб ккарабали бицина гьесда. Гьев намусав чи вугин рагIун букIана дида. Балагьила гьес кинаб къимат гьелъие кьелебали. Гьел лъугьа-бахъиназда хурхун, дида кколеб буго, гьесухъе батIияб информация щвезабун бугилан».

Гьал къоязда РИА «Новости» агентствоялъе низам цIунулезул тIасан ккараб хIалтIуда хурхун баян кьолаго жанисел ишазул министрас абуна «къваригIел гьечIел бакIазда къуватги хIалтIизабун маски-шоу гьаризе мекъаб бугин». «Полициялда руго зани бегизабулел хIалтIухъаби, гьединал хIужжаби ругеллъи лъала», - ян къокъаб баян кьуна МухIамадовас.

Министрас мухIканго хал гьабилин гьеб лъугьа-бахъиналъулин абураб хьул буго ХIусеновасулги Сулаевасулги адвокаталъул.