Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ жиндирго реестралдаса нахъе гьабуралдаса жибго цIунун хутIиялъе гIоло къеркьолеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун машгьураб идара «Правовая инициатива». Гьеб идараялъ кумек гьабула россиялъул гражданазе жиндир улкаялда тIасан Европалъул диванханаялде гIарза хъвазе. Гьеб идараялъ кIудияб хIалтIи гьабуна Шималияб Кавказалда жанаварчилъи бихьизабурал федералиял къуватазул вакилзаби жавабчилъиялде цIазелъун.
Базоркинада Фатимада жиндирго вас вихьичlелдаса ана 12 сон. Гьев виллиялъул хIужа кканин абизе бегьула Чачаналъ гIадамаздехун гьабулеб вахIщилъиялъул ва къанунал хвезариялъул символин.
Фатимада жиндирго вас ахирисеб нухалда чIаго вихьун вуго 2000билеб соналъул февралалда россиялъул телевидениялдасан. Видеоялда вихьизавурав гIурус офицерас буюри кьолеб букIун буго чачаналъ яргъидгIуцIаразул къукъагун ккуравин абун гьелъул вас цевеса тIагIинавизе.
ГIемер валагьаниги вас ватичIей Фатимаца ахиралда гIарза хъвала гьев вилиялъул букIине кколеб цIех-рех гьабун бажаричIеб гIурус тIалъиялда тIасан ва гьей бергьуна.
Страсбургалда бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европалъул диваналъ хIукму гьабула гьелъие 47 азарго евро ай 63 азарго доллар Россиялъ бецIизе. Гьеб буго Чачаналъ чи тIагIиналда сверун рехсараб диваналъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда къотIараб хIукму.
Амма Фатимаца абулеб буго диванханаялда бергьиналъ жиндир къварилъиялъе дару гьабичIин.
Фатимае кумек гьабулеб букIана Правовая инициатива идараялъ. Голландиялъул хIукуматалъул гуреб идараялъ гьабулеб букIана Страсбургалде гIарза хъвазеги, вас валагьиялъулъги гьелъие кумек.
Гъалгъаялъан телефоналдасан гьелъ гьадин бицана ЭР-лъе:
Базоркина Фатима: Гьез кумекги гьабулеб букIана, дида цадахъ рахъун васги валагьулев вукIана, кIалъазе кканщинал идарабаздеги кIалъалел рукIана. Узухъда, гьез гьабуна цIакъ гIемераб хIалтIи. Цо дие гуребги, цоги жидерго васал, вацал, улбул ралагьулел рукIарал руччабазеги. Гьез моралияб рахъалъги гьабулеб букIана кумек, ракI батулеб рагIи абун. Бихьулеб букIана нижер къварилъи гьез рекIелъан биччалеб букIин. Нижер кIудияб баркала буго гьезие.
Россиялда хIалтIизе Правовая инициативалъе рес щвечIони, ФатимагIадал гIадамазе камизе буго гьезул рахъ кколеб идара.
ЛъагIел цебе юстициялъул Министерлъиялъ гьеб идара нахъе гьабуна жиндирго реестралдаса техникиял гIиллабазда банин абун. Министерлъиялъ бичIчIизабулеб буго бицен гьабулеб идараялъ жиндир заманала хIажатал документал жидехъе щвезаричIин. ЦIидасан регистрация гьабизе чанго нухалда хIал бихьаниги щибго ккечIеб Правовая инициативаялъ хIукму гьабула Москваялъул диванханаялде гIарза хъвазе.
Гьелда сверун хIукму къотIизе ккола 11 апрелалда.
Россиялда Правовая инициативаялъул ишал тIуразарулей директор
Ванесса Коганица рикIкIунеб буго гьезие гьарулел квал-квалал битIахъе гьезул хIалтIуда рарал ругин.
Ванесса Коган: «БичIчIизе ккола, 2006 соналда къабул гьабураб пачалихъиял гурел идарабазда сверун къанун нижехъан рорчIаралгIадал гъалатIаздаса пайда босизе къабул гьабураб букIин. Нижеда ккола, нижер идараялъе регистрация гьабизе инкарги гIураб гIиллаги гьечIого гьабун бугин. Нижеца рикIкIуна министерлъиялъе нижер хIалтIи рекIее гIолеб гьечIин ва ниж гьезда бадир къан ругин».
Коганил рагIабазда рекъон,
Россиялъул диванханабазда къануназда рекъон хIалтIизе бажарулеб гьечIебгIан ва гьел коррупциялъулъ къан ругелгIан хIалтIи цIикIкIунеб буго Европалъул диванаханаялда.
Гьеб диваналде рачIунелщинал гIарзабазул 20 процент Россиялдаса бачIунеб буго, гьезулги цIикIкIунисел чачаналъа ва гьелда сверухъ ругел республикабаздаса.
Россиялда хIалтIулеб Правовая инициативаялъул кумекалдалъун Европалъул диваналде гIарза кьурав 100 чи бергьун вуго гьанжеялде. Аслияб къагIидаялда гIарзаби рукIана Россиялъул хIукуматалда тIасан хъварал.
Шималияб Кавказалда федералиял къуватаз гьарурал вахIщилъабазухъ Россиялъ бецIизе ккун буго 10 миллион евро, гьебги улкаялъул гIадатияб халкъалъе заралги гьабун.
Россиялъул нухмалъиялъ бахчуларо Европалъул диваналда жиндирго разилъунгутIи.ХъулухъчагIаз гьеб диваналъул хIукмуял какула гьел политикиял ругин абун. Диваналъул хIалтIи хехлъизабизе хIажатал кIвар бугел реформаби Россиялъул Думаялъ къабул гьаричIого унеб буго ункъго сон.
Европалъул диваналъ тIад къотIараб гIакIа бецIулеб бугониги, Россиялъ щибго гьабулеб гьечIо гьел такъсиразул гIайиб бугел тамихIалде цIазе ва гьединал такъсирал тIокIал риччачIого рукIиналъе.
Базоркина Фатимал вас хIакъикъаталдаги чIвазе буюри кьурав офицер генерал-полковник Александр Барановасе гьелдаса нахъе кьун буго Россиялъул БахIарчи абураб цIар ва 2008 соналде щвезегIан гьес нухмалъи гьабулеб букIана Шималияб Кавказалда рукIарал россиялъул киналго аскаразе.
Ванесса Коганица абулеб буго гьезул Правовая инициативаялъе цIидасан регистрация гьабиялда хьул гьечIин. Жидехъе гIарза хъваразул мурадал цIунизелъун гьанже жидеца гIуцIизе кколеб бугин цIияб цIаргун цIияб идарайин.
Правовая инициативаялда сверун Москваялъул диваналъ кинаб хIукму гьабуниги, гьезие гьабулеб административияб дандечIеялъ цоги нухалда бихьизабулеб бугин Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезаруралъухъ жаваб кьезе Кремлалъе бокьун гьечIеб куцин рикIкIунеб буго Базоркина Фатимаца.
Базоркина Фатима: «Гьеб киналъго цоги нухалда бихьизабулеб буго нижер ихтиярал гьечIолъи. Ниж ритIухъал рукIинцин чIезабизе кIолеб гьечIо нижеда. Нижеда гIайиб батани, биччанте гьез гьеб тIад чIезабизе. Гьеб идара къаялъул бакIалда, тIалъиялъ гьезул хIалтIуе кумек гьабизе, ритIухълъи чIезабизе ва гьереси тIатинабизе ккола».

Россиялъул диванханабазда къануназда рекъон хIалтIизе бажарулеб гьечIебгIан ва гьел коррупциялъулъ къан ругелгIан хIалтIи цIикIкIунеб буго Европалъул диванаханаялдаWrite your quote footer here...