Инсанасул ихтиярал цIунулей Наталья Эстемирова Чачаназул Республикаялда йикъизеги йикъун чIван ятаралдаса лъабго сон тIубала 2012 соналъул 15 июлалда.
Амма жеги гьеб ишалда бан тIобитIулеб цIех рехалъул кинаб букIаниги цебе тIей гьечIо.
Наталья Эстемирова чIваравниги, гьей чIвазе буюрухъ кьуралниги, щалани лъазабизе тадбирги гьабулеб гьечIо. Гьелда бан, Чачаназул республикаялда ругел цо чанго пачалихъиял гурел идарабаз лъазаби тIибитIизабун буго.
Лъазабиялда абулеб буго: «2012 соналъул 15 июлялда лъабго сон уна Грозный шагьаралда нижер гьалмагъзаби рикъизеги рикъун чIваралдаса ва инсанасул ихтиярал цIунулей Наталья Эстемироваги чIваралдаса.
Гьеб чIвай хъвай букIана цIакъго нич гьечIеб ва квешезе гьабураблъун. Гьей йикъана гIемераб халкъ бугеб шагьаралда, гIадада къад, гьей ячун ун йиго чанго блокпосталдасан Ингушетиялдехун ва чIечIого автомобилал хьвадулеб нухда чIван йиго. Гьеб чIвай хъваялъухъ балагьун абизе бегьула такъсирчагIи хIинкъулел гьечIин лъалкIал теялдаса абун. Лъабго сон анна гьеб такъсир гьабуралдаса.амма гьеб гьабурал жеги ратун гьечIо. РакIалде кколеб буго такъсир гьабун бугин жалго тамихI гьечIого хутIиялда ракIги чIун».
Наталья Эстемирова чIван лъабго сон тIубаялда бан Интерфакс агентлъиялда кьураб прессконференциялда, гьеб, Чачаназул республикаялда хIалтIулел инсанасул ихтиярал цIунулезул лъазабиялдасан, бай бихьана жиндирго калам Human Rights Watch идараялъул Москваялда бугеб бюроялъул нухмалъулев хисулей Татьяна Локшинаца.
Татьяна Локшина: «ТокIаб лъикI гьеб такъсиралъул хIакъалъулъ лъицаниги абизе батиларо.Гьеб такъсир гьабун 3 сон аниги цIехрех бугеб бакIалдаса кьурун гьечIо.Наталья Эстемирова чIван хадусан Чачаналъ ва Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазда ахIвал-хIал циндаго хIалуцана. Цоги цоги гьединалго чIвай хъвеялги гьаруна.
Наталья Эстемирова чIван лъабго анкь иналдего чаначаналъ жидерго офисалда жанисан рачунги ун инсанасул ихтиярал цIунулел Зарема Сайдулаева ва гьелъул рос Алик ДжабрагIилов чIван ратана. Гьеб хIалтIиги Наталья ЭстемировалъулгогIадин кинаб букIаниги хIасилги ккечIого лъугIана.
Зарема Сайдулаеваги гьелъул росги рикъулел вихьарав чи офисалда вукIаниги, гьев бералда бихьарасухъ такъсирчагIазул цоясул телефон букIаниги, гьединал нахъ чIвазе рес гьечIел хIужжаби кодор рукIунги цIехрехалъе кIиго сон къваригIана такъсирчагIи ралагьизе. Ратизарун хадусанги гьел Курчалой мухъалъул жанисел ишазул хIалтIухъанги, гьесда цадахъ вукIаравги хун ратун руго хъулухъ тIубалаго, ай хасаб операция тIобитIулаго чIван руго».
Гьедин 2009 соналдаго чIварал Зарема Сайдулаевалъул ва гьелъул рос ДжабрагIиловасул ишалда бан кинаб букIаниги тамихI гьабурав чи гьечIо Татьяна Локшинал рагIабазда рекъон.
Жеги хIасил ккечIого буго Дагъистаналъул «Черновик» газетаялъул вукIарав бетIерав редактор Хажимурад Камалов чIваялъул цIех-рехги.
«Черновик» газетаялъул гьанжесев бетIерав редактор Биякай МухIамадовас абулеб буго жиндирго бералда бихьанин гьеб чIвай хъвай абун.
МухIамадов Бияхъай: «Дидаго бералда вихьана хIажимурад чIварав чи.Кьвагьи гьабуна нижер офисалда цебе. 6-7 секундалъ нижер басмахана жаниб бугеб минаялъул лъабабилеб этажалдасан балагьун вукIана дун. Гьев чIварав чи дидехун мугъги рехун вукIана. ЧIвалеб лахIзатги бихьана дида».
ХIажимурадида гьединго лъалеб букIанин живго чIвазеги ирга щвезе букIинин абулеб буго «Черновик» газетаялъул бетIерав редакторас
МухIамадов Бияхъай: «Гьел чIваял байбихьаб заманаялъ-2009 соналда Эстемировалъулги цогидал инсанасул ихтиярал цIунулезулги ХIажимурадица абуна.КидагIаги дай ниж чIвазе бай бихьила-абун.Гьесул рагIаби ритIараллъунги ккана.КIиго соналдасан ХIажимурад живгоги чIвана».
Дагъистаналъул черновик газетаялъул бетIерав редактор Биякай МухIамадовас гьединго кIвар буссинабулеб буго ХIажимурад Камалов чIвалаго МахIачхъалаялдаго бищун цIунун букIунеб къватIалда гьеб къоялъ цониги чи вукIинчIолъиялде. Ва хас гьабун гьеб иш къуватал структурабаз жидехъ къуват букIин бихьизабизелъун гьабураб букIиналдеги.
МухIамадов Бияхъай: «ЦебечIезабуни чIвайхъваялъул хат –чIван вуго махщел гьечIого. Амма чIвазе тIаса бищараб бакIалъухъ балагьун абизе бегьула –нижехъ кодоб къуват буго –ян абизелъун бищун бугин. ЧIвайхъваялда гьоркьор къуватал структурабазул чIагIи рукIанин ракI чIун абизе бегьула.Щай гурелъул гьеб буго бищунго щулаго МахIачхъалаялда цIунун букIунеб къватI.
Гьенисан хъвадула президентасул кортеджги, гьенисан хъвадула МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров –гьев вуго бищун цIакъ Россиялдаго цIунарав чи. 300-гIанасев полициялъул хIалтIухъан чIола гьев вачIунев нухги цIунун анцIго метраялъ аскIовегIан къвзе чиги течIого.
Гьеб бакIалда кидаго чIезабун букIуна нухлул полицияги.Гьеб къоялъ гIаламатго гьеб нухлул полицияги гьенисан нахъе ун бугоан.Гьеб бакIалдасан 100 метраялъ добегIан кидаго хъаравуллъуда нухлул полиция букIунаан.
ЧIвай хъвай гьабуралдасан анна 7 моцI гIанаб заман .Уголовияб ишалъул цIехрех гьаби цебехун туркIун цин гьечIо. Гьениб анцIго техьалъ жанибе бачараб материал бакIарун буго.Гьел руго нижер журналистазул жавабал.
Цониги чиясул хIисаб суал босун гьечIо, чIвай хъвай гьабун батизе бегьулесухъа гIадинги цин .Гьарун рукIана экспертизаби, амма гьезул кинаб букIаниги хIасил ккун гьечIо».
Рузманкъоялъ Москваялда Интерфаксалда тIобитIараб пресс-конференциялда инсанасул ихтиярал цIунулез кIвар буссинабулеб букIана инсанасул ихтиярал цIунулел чIваялда бан байбихьараб уголовияб иш Россиялда такъсирчагIиги ратизарун лъугIулареблъиялде.