Цолъарал Штатаздаса эксперт Роберт Капланица дагьалъ цебе къватIибе биччараб «Географиялъ босулеб къисас» абулеб тIехьалда гьадинаб пикру кьолеб буго: «Дунялалда ругелщинал конфликтазе гIиллабилъун кколел руго географиялъул картазда кколел хиса-басиял». Роберт Каплангун гара-чIвари гьабуна Вашингтоналда йигей нижер мухбир Хизе Маарица. Гьанжесеб Россиялъул гIурхъабазул хIакъалъулъ Роберт Капланица мухIканго бицунеб буго гьеб гара-чIвариялда.
Географиялъул картабазул цIех-рех гьабуни рукIинесел конфликтал цереккунго лъазе рес швезе буго ян абулеб буго жиндир тIехьалда Роберт Капланиица. Эркенлъи радиоялъе интервью кьолаго гьес гьадин дурус гьабулеб буго гьеб жиндирго пикру:
Роберт Каплан: «Географиялъул картабаз пачалихъалъул позиция гуребги, гьелъул къуватги, гьелъул ресалги рихьизарула. Босе мисалалъе КIудияб Британия. Гьеб буго чIахIияб чIинкIиллъи. Ва ракьул гIурхъаби гьечIеб гьеб пачалихъалъе ракьалдаса хIинкъи щолеб гьечIо. Хасго гьеб сабаблъун нус-нус соналда жаниб гьелъие ресал щола квал-квал гьечIого цебетIезе. Гьебго сабаблъун доба демократияги цIакъ цебетIураб буго.
Балагье Цолъарал Штатазул картаялде - гьелъул машрикъалъул ралъдал рагIаллъиялде. Гьенир руго гIемерал тIабигIиял гаванял – ай гуми чIеялъе бакIал. Ва гьелдалъун гьениб 13 колонияги тIад чIезабун букIана.
Гьебго мехалъ Африкаялъул ралъдал рагIаллъиялде балагьани нужеда бихьула гIурхъаби рихьулареб гьелъул гIатIилиялда тIабигIиял гаванял гьечIолъи. Ва гьеб хIужа цебетIеялъе квал-кваллъун букIун гьечIищха.
Балагье Россиялде. Гьелъул халалъиялъ дунялалъул картаялда цIикIкIараб бакI кколеб буго. Амма гьелъул тIабигIиял гурхъаби гIемер гьечIолъиялъ улка рагьараб буго чанги рахъалъан. Россиялъул хIинкъи гьечIолъиги щулияб гуро ва гьенир ругел гIадамазул щакдарулеб миллияб хасиятги буго».
RFE / RL: Кколищ гьеб хIужа Россиялъул Президент Владимир Путиница хIалтIизабулеб кьварараб политикаялъе аслияб гIиллалъун?
Роберт Каплан: «Магърибалъул прессаялъе цIакъ бокьула Путин какизе гьев либиралияв политик гуревлъидал. Амма гьезда лъазе ккола Путинил низам – тоталитарияб гуреб низам бугин. Гьев ккола гIурусазул гIадатияв диктатор махIав чи, жиндирго географиялъул гIурхъабазул тIалаб-агъаз гьабулев ва гьелдалъун неоимпериализмалъул бербалагьи босарав.
ГIурус падишагьазго ва большевиказул коммисаразго гIадин Путиницаги Европа рикIкIунеб буго хIинкъи кьолеблъун. РакIалде щвезаризин жиндир заманалда Европаялдаса гьенире рачIарал шведалги, полякалги, алманалги, литовцалги, гIемерал цогидалги....
Гьалеха Советиял бутIрузего гIадин гьесиеги бокьун буго буфериял зонаби гIуцIизе. Гьесие бокьун буго Балтиялъул улкабазе цIикIараб асар гьабизе, гьесие бокьун буго Машрикъалъул Европаялда буфериял зонаби. Гьев инагьдулев вуго Варшаваялъул къотIиялъухъ. Ва гьесда лъала гьадинабго къотIи жинда цIигьабизе кIолареблъи. Шай? щай гурелъул НАТОялъул мушавара-улкабилъун кколел Балтиялъул улкабазда тIад гьанжеялдаса контроль гьабизе жинда кIвеларо.
Амма гьес батIияб къагIидаялда гIаммал гьабулеб буго гьел улкабазде тIадецуй гьабизе - газ бачунеб рогIороялдалъун, такъсирчилъиялъул къукъабаздалъун, кибер-гьужумаздалъун. Гьадиналго ишал гьес гьабулеб буго Украиналдаги, Белоруссиялдаги. Гьадинабго мурад букIана 2008 соналда Гуржистаналда рагъ багъариялъулши.
ПалхIасил гьеб буго загIипал тIабигIиял гурхъаби ругеб цIакъ гучаб ракь. Гьелъие гIолеб гьечIо ралъдал пачалихъазул бугеб гIадаб океаназ кьолеб шулалъи».
Гара-чIвари гьабуна Вашингтоналда йигей Эркенлъи Радиоялъул мухбир Хизи Маарица.