Халкъ ахIуд бахъине бугищ?

Дагъистан-кодобе ярагъ босарал гIадатиял гIадамал, Болъихъ мухъ,1999 сон.

«Дагъистан Республикаялда жамгIияб гIадлу-низам чIезабиялъе гIадатиял гIадамаздаса хасал къокъаби гIуцIизе ккей» абураб хIукмуялда гъоркь гъулбас гьабуна республикаялъул бетIер МухIамадов МухIамадсаламица.

Гьединал къокъаби гIуцIизе ккеялъул пикру загьир гьабун букIана ЧIикIаса СагIид-Афанди чIван хадуб, Дагъистаналъул хIукуматалда тIобитIун букIараб ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул шураялъул данделъиялда республикаялъул бетIерас ва данделъараз гьеб пикруялъул рахъги ккуна.

Гьанжейин абуни, гьединаб хIукму къабул гьабидал, гьелда рекъон, муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез, жанисел ишазул хIалтIухъабазда цадахъ, 15 октябрь тIаде щвелалде гьединал къокъаби гIуцIиялъул иш рагIалде бахъинабизе ккола.

«Халкъалда, гьединго, хIалтIухъабазул коллективазда гьоркьоб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабизе ккола жамгIияб гIадлу-низам чIезабиялъе щивав чияс гIахьаллъи гьабизе кколеблъи бичIчIизабиялъул мурадалда», - абун хъвалеб буго республикаялъул бетIерас гъулбасараб указалда.

Щибха гьелъул магIна? ХIакъикъаталдаги, жанисел ишазул хIалтIухъабазухъа гIадлу-низам чIезабун бажарулеб гьечIолъийищ яги гьезие тIадеги кумек хIажат букIинищ?

Гьеб суалалъе жаваб кьолаго ГIахьвахъ мухъалъул администрациялъул бетIер Муслимов ХасмухIамадица бицана гьеб кколила советияб гIуцIи букIараб заманалда хIалтIизабулеб букIараб къагIидаялдаса пайда босизе гьабулеб хIалбихьи.

Муслимов ХасмухIамад: «Жакъа ГIахьвахъ мухъалда вуго полициялъул 42 хIалтIухъан. Щибаб росулъ цо-цо участковый гурони вукIунаро. Цебе, жакъа гIадинаб хIапу-чапурги гIала-гъважаги букIинчIелъул, гьединлъидал батилин ккола дида доб цебе букIараб хIалбихьи гьанже хIисабалде босулеб.

Гьелдалъун бихьулеб буго тIалъиялъул къуват гIолеб гьечIолъиялда бан, халкъалде ахIи балеб бугебги. Халкъалдасан кумек къваригIун бугин абилъун бичIчIула дида гьединал къукъаби гIуцIиялъул магIна. Гьебги гьабулеб буго нилъеего парахалъи букIинелъун. Амма суал буго кинаб иш гьезда тIадкъазе бугебин абураб. Гьезухъе кьезе батиларо ярагъги».

Муслимов ХасмухIамадица бицухъе, рохьгIадин гIарацги кьун хIалтIизе тIамурал къуваталъулал идарабазухъа гIадлу-низам чIезабиялъул иш букIине кколедухъ гьабун бажарулеб гьечIеблъи бихьулеб бугила.

ХIакъикъаталдаги, халкъалъул кьеразулъа гIуцIаразухъе ярагъ кьезе рагIуларо. «Къануналда рекъон, ярагъ гьезухъе кьезеги бегьуларо. Ярагъ кьезе ккола гьелъие ихтияр бугезухъе, ай жанисел ишазул идарабазул бербалагьиялда гъоркь хIалтIулел хъаравуллъиялъулал идарабазул хIалтIухъабазухъе.

Халкъиял дружиникалин абуни яргъидалъун хьезаризе нижеда ракIалда гьечIо», - ян лъазабуна Дагъистаналъул бетIерас «Россия» телеканалалъе баян кьолаго.

Ярагъги кодоб гьечIого хъаравуллъи гьабулездасан абизегIанасеб пайда ккезе гьечIин рикIкIунеб буго журналист Сулейманова Кавсаратица.

Сулейманова Кавсарат: «Гьединалго къокъаби гIуцIун рукIана 1999 соналдаги. Росабалъ гIуцIун рукIана жалго цIуниялъул къокъаби. Доб мехалда гьезие кьолеб гIарацги букIинчIо. Амма гьез жидерго росдал гIурхъалаби цIунулел рукIана сордо-къоялъухъ балагьичIого.

Росабазул цо-цо гIадамазин абуни абулаан нагьагь боевик аскIове вачIани бадиб хIацIуйищ твизе бугеб яги гьев тIилицайищ вухизе вугевин абун. Гьелдаго релъараб жо ккезе бегьула гьанжеги».

Кин батаниги, нижеца цIех-рех гьабуразда ва хасго мухъазул нухмалъулезда лъикIаблъун бихьулеб буго гьединал къокъаби гIуцIи. Амма хIажатабщиналдалъун лъица гьел хьезаризе ругелали жеги мухIкан гьабун рагIуларо.