Январь моцIалъул анцIго ва май моцIалъул ичIго къо, Россиялъул тIалъиялъ гIодоркъояллъун лъазариялъул хIасилалда, материалиябгун финансовияб рахъалъ улкаялъе кIудияб зарал гьабизе бугин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьез гьарурал хIисабазда рекъон, халатрахъарал гьел байрамкъоязул хIасилалда, тIадеялъул улкаялъул федералияб бюджет махIрумлъизе рагIула 200 миллиард гъурщидаса, гьединго, улкаялъе щвезе гьечIила жанисеб гIаммаб нигIматазул цо триллион гъурущин хъвалеб буго «Российская газеталда».
«ФБК» абураб аналитикияб департаменталъул нухмалъулев Николаев Игорил пикруялда рекъон, улкаялъе гьединаб зарал ккезе рагIула тIубараб 20-гIанасеб къоялъ индустрия чIун хутIиялъул хIасилалда. ГIадамазул гIумру гьабиялъул даража цIакъго гIодобегIанаб улкаялъул ихтияр букIинчIо гьединаб куцалда байрамкъоязул къадар халат бахъинабизейин рикIкIунеб буго Николаевас.
Январалъул байрамкъояз улкаялъул экономика загIиплъиялдаго цадахъ, дагьабгIаги хайиралда хIалтIулел бутIабилъун кколел руго туризм ва гIаракъи-чагъир бичулел бакIал. Амма гьез улкаялъул экономикаялда букIине кколедухъ рухI речIчIизабуларин рикIкIунеб буго «ХIакъикъат» газеталда экономикиял суалазул хъвалей ГIумарова Марьянаца.
ГIумарова Марьяна: «ГIодоркъоял гIемерлъи буго улкаялъул экономикаялъе заралалъе букIунеб жо. Цогидал церетIурал пачалихъазда, масала, Кореялда, Япониялда гьединаб куцалда халатрахъарал гIодоркъоял рукIинего рукIунаро. ХIатта хIалтIулел гIадамазе, нилъер гьанибгIадин моцIалъ гуреб, анкьалъ гурони хlалхьи гьабизе къоял кьоларо. Гьеб гуребги, гIалимзабаз чIезабураб хIужа буго, халатрахъарал гIодоркъояздаса хадуб, букIине кколедухъ инсан хIалтIизе ккани гьес жеги тIадеги лъабго-ункъо къо базе кколин хIалтIуде ругьунлъуларого. Гьедин хIисаб гьабуни, гIодоркъоязул гIемерлъиялъ экономикаялъе цIакъго кIудияб зарал гьабулеб буго».
ГIодоркъоязул гIемерлъиялъул заралияб гуребги хайириябги рахъ бугин абулеб буго аналитиказ. Хайир бугеб, пайдаяб рахълъун рехсолеб буго хъизан-лъималазда цадахъ цIикIкIун заман базе рес щвей, май моцIалъин абуни – хуриб-ахикь хIалтIаби гьаризе рес ккей.
ГIумарова Марьяна: «Щибаб жоялъул лъикIабги квешабги рахъ букIунеблъи якъинаб жо буго. Амма, лъица щиб бицаниги, гIодоркъоял гIемерлъи пачалихъалъул экономикаялъе гуребги, жалго гIадамазегицин заралияб буго. Пуланаб иш гьабун ругьунлъарал, хIалтIи гьечIого чIезе кIоларел гIадамалги гIемер рукIунелъул, гьединазул сахлъиялъеги квешаб буго хIухьбахъи гьабиялъул заман халалъи».
Россиялъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялда рекъон, 2013 соналъ россиялъулаз цIияб соналъул заманалда, ай 30 декабралдаса бахъараб 8 январалде щвезегIан хIухьбахъи гьабизе ккезе буго. Гьединго, цогидал байрамалги данде кьабун, май моцIалдаги 9 къо лъазабун буго гIодоркъояллъун.