Босняказе жидерго тарихияб цIар нахъе кьезехъин буго

3000-гIан босняк жидерго иргадулаб митингалда 18Июн2013. Сараево

Босниягун Герцеговинаялда гьаб анкьида байбихьила 1993-95 соназда букIараб рагъдаса хадуб лъидаго-бачIеблъи щвараб гьеб улкаялъул халкъалъул тIоцебесеб хIисаб гьаби. ьеб тадбиралъ бихьизабизехъин буго киндай гIемер миллаталъулаб пачалихъалда кIвараб жиндирго миллияб бичIчIи ва миллияб хаслъи гIуцIизе.
Дур миллат щиб? Сундул мацIалъ мун кIалъалев? Дур дин щиб? Гьале гьадинал суалал кьолел руго гIадамазе анкетаялъ.

Балагьани, гьел бигаял суалал руго, амма гьезда тIад ургъичIого битIараб жаваб кьезе гIадамазда кIоларо. Мисалалъе - Сараевоялда гIумру гьабулей Ясна Тамезица абулеб буго гьадин.

Ясна Тамез: «Дида лъаларо кинаб миллат хъвазе кколебали. Лъаларо, щибдай абилеб. Дида жеги жаваб батичIо. Дин – гьеб проблема гуро. Амма этникияб хаслъи!...

Америкаялъул гIадамаз жидеда американиялилан абула. Гурищ? Щайха нижееги бегьулареб ниж боснякал руго ян абизе?

Гьадинаб халатаб цIар рехсезе кигIан захIматго бугониги, хасго гьадинаб цIар битIараб буго.

Дир гьадинаб пикру буго. Дун талихIай йикIина жий босниялъулайин йиго ян абизе дие рес щвани».

1993-95 соназда букIараб рагъул хIасилазукьа рорчIизе къасд гьабулеб улкаялъ къасд гьабулеб буго мульикультурияб аслуялда цолъараб миллияб, этникияб хаслъи гIуцIизе.

Сараевоялдаса политикияв цIех-рехчи Аднан Хускичица гьабулеб буго гьадинаб баян:

Аднан Хускич: «Къого соналъ цебе букIараб рагъул хIасилазухъ балагьани тIоцебесеб иргаялда ракIалде щолеб буго конфликталъул аслияб гIилла ай -бидулал этникиял чисткаби.

Гьединлъидал жакъа цIакъ цIодорго рукIине ккола гьениб бугеб лъабабго этникияб къукъаялъул гIадамалгун, хорваталгун, боснякалгун ва сербалгун».

Хускичил пикруялда халкъалъул хIисаб гьабиялъ политиказе цIакъ пайдаяб ва кIудияб асар бугеб информация кьезехъин буго. Ва гьелдалъун Евроцолъиялдехун галаби тIамизе, интеграция гьабизе бигьаго бегьила.

Ахирисеб нухалъ халкъалъул хIисаб гьениб гьабун букIана 1991 соналда. Ва гьеб гуребги 1996 соналда Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъги тIобитIиана гьениб гьединабго тадбир 1996 соналда рагъуе ахир лъураб Дейтонил къотIи къай къабул гьабун хадусала.

2011 соналда статистикияб агентлъиялъ бихьизабуна Босниягун-Герцеговинаялда лъабго миллионгун нусиялда кIикъоялда анцIгогIан чи вугин.

2008 соналда батIи-батIиял агентлъабазул гьарурал хIасилахда рекъон улкаялда ругел гIадамазул 45 процент бусурбаби ккола. 36 процент – гIисал диналъул сербал, 15 процент католикал сербал ва хутIарал – цогидал.

Байбихьуда хиял букIана халкъалъул хIисаб 2012 соналда гьабизе, амма гьеб нахъе бахъун букIана политикиял рагIирекъонгутIиял ккедал.

Гьанжейин абуни гьеб тадбиразе квалквал гьабулеб гьечIо лъицаниги.

Социолог Езуф Зигаца абулеб буго цебе, мухIканал статистикиял баянал гьечIеб мехалда, политикиял партияз тIасан ккарал тIалабал гьарулаан жидерго пайдаялъе. Гьесул хьул буго цIиял баяназ гьединал тIалабал цереккунго нахъ чIвазе бегьиялда.

Езуф Зига: «Дида ккола политикиял хIилла-макраби гьабизе ресал дагьлъилин гьелдалъун. Гьанже гьезие захIматго букIина мекъал баянал гьаризе, мисалалъе сербазул, ялъуни хорватазул къадаралда бан».

ГIемерисезе бокьулареб ишлъун букIина Босниялъул бусурбабазе жидеда боснякалинал абизе рес щвей. Гьел ккола серб мацIалъ кIалъалел бусурбаби, сербазийн абулеб буго гьадинаб миллат гьечIин.

Сейфудин Токич ккола гьеб проект ургъаразул цояв.

Сейфудин Токич: «ТIоцебесеб нухалъ босняказе рес щвезехъин буго жидерго миллаталъул цIар рехсезе официалияб къагIидаялъ. Австро-Венгриялъул заманалда гьабураб халкъалъул хIисабалъул хIасилалда гьел рехсон руго мухIамадиялилан абураб цIаралда гъоркь».

Югославиялъул къираллъиялда гьадинаб миллат хIисабалде босун букIинчIо, советияб Югославиялда гьезда абулаан сербал- ялъуни хорватал-бусурбабиилан.

1993 соналда гьез байбихьана билълъанхъизабизе жиндирго тарихияб цIар, ГIусманияб империялда баккараб.

Амма гIемерал босняказул рахIат хвезабулеб буго гьеб хIужаялъ. Гьез гьеб проект рикIкIула хIат хун политикияблъун. Гьел хIинкъула гьелдалъун магъало цIикIинабизе ялъуни чIобогоял рукъзал нахъе росизе бегьиялдаса. Босниялъул хъулухъчагIаз кIудияб гIамал гьабуна гьадинал харбал нахъ чIвазелъун.