Россиялъулазе "риччарал" сонал къокъаллъун хутΙулел руго...

"The Lancet" абураб британиялъул журналалъ талат къоялда бахъараб медикияб цΙех-реххалъул хΙассилалда рекъон, Совет Союз бихаралдаса къого сон аниги, СНГялъул улкабазда, Магърибалъул Европаялде данде ккун, инсанасул гΙумру хΙутΙулеб буго гΙуралъ къокъаблъун.
ТΙоцебего гьелъие гΙиллалъун кколеб рагΙула рекΙелгун бидурихьазул ва инфекциязул унтаби, лъимадул хвеялъул борхараб даража, сахлъи цΙуниялъул къадар гΙодобе ккей ва гьеб сфераялъе биччалеб гΙарцил къадар дагьлъизаби.
ТΙоцебесеб бакΙалда рекΙелгун бидурихьазул унтаби рукΙиналъе багьаналъун, цΙех-рехалъ бихьизабулеб буго, алкоголь ва тамахьо гьоркьохъеб гΙелалъул гΙадамаз ва гΙолилаз хΙалтΙизаби бихьулеб къагΙидаялда цΙикΙкΙун букΙиналда.
Россиялдаги, мисалалъе, хвелалъул гΙиллабазда гъорлъ буго тΙоцебесеб бакΙалда рекΙелгун бидурихьазул унти.

ЦΙех-рехалъул автор Лондоналъул гигиенаялъул ва тропикияб медициналъул школаялъул Европаялъул жамгΙияб сахлъи цΙуниялъул профессор Мартин Маккица Лондоналда 2 апрелалда тΙобитΙараб пресс-конференциялда загьир гьаруна жиндирго аслиял пикраби.

Мартин Макки: «Щиб кколеб бугеб? Буго чанго жо, амма гьездаго горлъ бищунго аслияб хасго Россиялда, Украиналда, Белорусалда ккола алкоголь. ЦΙакъ кΙудияб проблемалъун ккола алкоголизм. Жибго гΙаракъи гуреб проблема. Аслияб къагΙидаялда водкаялъ гурел гΙадамал чΙвалел ругел. ЧΙвалел руго техникияб спирталда, гьересияб гΙаракъиялъ, одеколоналъ ва росабалъ гьабулеб самогоналъ. ГΙадамаз гьекъолеб букΙин бихьун, бичулеб буго 95 процент этанол жиндилъ бугел лъамалъиял. Гьеб гΙадамаз гьекъолеб буго. Россиялда «запой» абураб рагΙул магΙнаялда нахъ бугеб жо цо гΙодорчΙей гуро, гьеб ккола гьекъолдиялъул чанго къо. Алкоголалда хурхараб цΙакΙ кΙудияб проблема буго.»

Россиялда гΙумру къокълъизабулел факторазул сияхΙалда гΙуралъ бихьулеб бакΙ кколеб буго гьединго инфекциялъул унтабаз, мисалалъе, туберкулезалъ ва СПИДалъ, ва нухазда кколел аварияз.

Россия мисалалъе бачун ахирисеб 20 сон босани загьирлъулеб буго гьадинаб хΙакъаикъат: 1990 соналдаса 2000 соналде щвезегΙан гьоркьохъеб къагΙидаялда инсанасул гΙумру 63 соналдаса гΙодобе ккана 58 соналде щвезегΙан. Хадуб 2000 соналдаса 2009 соналде щвезегΙан гьеб къадар цΙикΙкΙана, бахана 62 соналде. Руччабазул гΙумрудул халалъи цого даражаялда хутΙулеб бугин абизе бегьула - 74 сон. Гьеб цифра дагьалъ гΙодобе, 72-ялде ккун букΙана 2000 соналде. Амма хадуб буссана жиндирго цебесеб даражаялде.

Белорусалдаги Украиналдаги бихьиназул гΙумруялъул халалъиялъул даража гΙодобе ккана 64 ва 62 соназде щвезегΙан. Казахстаналда жака гьеб даража буго 59 соналда бихьиназул, СНГялъул хутΙараб микьго улкаялда гьеб цифра тΙаде унеб буго. СНГялде нахъе араб Грузиялдаги инсанасул гΙумру халалъулеб буго.
Евроцолъиялъул улкабигун дандбани, бихьиназулги руччабазулги гΙумру гьениб 6 соналъ халалъун буго рехсараб болжалалда жаниб. Европаялда бихьиназулги руччабазулги шансал цΙикΙкΙарал руго ункъого соналъ гΙумру гьабиялъул, рехсараб гΙелмияб хΙалтΙиялъул хΙассиалазде балагьун.

Эужен Тамюк, ЭР