ГьатIанкъоялъул сардилъ Хасавюрталда чIварав ункъояв изну гьечIого яргъидгIуцIараб къукъаялдаса чагIи рукIанин лъазабуна 24 сентябралда терроралда данде чIараб Миллияб комитеталъ. Рицана гьезул цIаралги. Гьел кколел руго Хасавюрталдаса АхIмадов Ибрагьимги Гебертаев Вахаги, гьединго гьениб аскIоб бугеб Новосельское росулъа Темирбулатов ИсмагIилги Гагаев ГIимранги.
Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъулаз бицунеб буго документазул халгьабизе чIезарулеб мехалда автомобилалъусан кьвагьдезе лъугьанин гьел полициялъулазде. Гьедин данде кьвагьдон полициялъулаз гьелги чIванилан. Низам цIунулезе ккараб къварилъи гьечIо. Автомобилалъубги Калашниковасул кIиго автоматги, цогидаб ярагъги, динияб литератураги, дарабиги ратанила.
Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъ гьел ункъаздего гIунтIизабулеб гIайиб буго 13 сентябралда полициялъулазде тIадекIанцIи гьез гьабунилан. Гьедин Хасавюрталдаги Гъадари росдадаги гьоркьоб бугеб шагьранухда чIарал полициялъулаздеги кьвагьдон, низам цIунулезул цояв чIван, жеги кIигояв азарханаялде хъамун вукIана.
23 сентябралъул сардилъ Хасавюрталда чIварал ункъоял унголъунги гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъиялъе нугIлъи гьабулел хIужаби рехс гьечIо жеги терроралда данде чIараб миллияб комитеталъ. Гьединлъидал цо-цоязул щаклъи бижулеб буго гьелда тIасан. Хасго интернеталдаса пайда босулел дагъистанияз гьал къоязда бицунеб буго YouTube абулеб сайталдасан Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул подполковник Алексей Тухватулиница гьабураб хитIабги. Хасаб хъулухъалъул рагъухъан хIисабалда Дагъистаналде ритIун рукIун руго гьел 2009 соналда.
Гьедин 2 декабралда Хасавюрталда Кандауровасул къотIноб хасаб операцияги тIобитIун, жиндирго минаялъув чIванин изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цояв – ХIамзаев Муслимилан лъазабуна доб мехалда низам цIунулез. Тухватулиница баян гьабулеб буго гьев чи киналгIаги яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъги вукIинчIин, жидеего шапакъатал щвезе ургъараб жо бугин гьез гьеб кинабго.
Тухватулиница бицунелда рекъон, Константин Обушев абурав подполковникас граната рехун буго ХIамзаевасул гъоркьарокъобе. Гьелъ гьев чIван гьечIо. Гьеб мехалда щуго-анлъго метраялъ нахъегIанги ун, автоматалдасан кьвагьдезе лъугьун вуго гьев ХIамзаевасде. Гуллбиги ботIролъ щун, гьесул расуда цIа рекIун буго. Гьеб мехалда Обушевас гьеб цIа чакмабаз свинабула.
Алексей Тухватулин: «Деминицаги Обушевасги гьев чи чIвана гIицIго спецназ хIисабалда жидерго бугеб кIвар бихьизабизелъун. Гьезул руго тIадегIанал пачалихъиял шапакъатал. Демин ккола полковник, Обушев – подполковник. Амма цониги нухалда гьел чагIи рагъулъ гIахьаллъичIо. Гьединго Дагъистаналда ругеб заманаялъ нижер къокъаги гIахьаллъичIо гьел боевикал абулел чагIазулгун гьабулеб рагъулъ.
Рокъоре щвейгун дора ругезда бицине жо букIинелъун батилаха гьединаб хасаб операция тIобитIизе хIукму ккараб гьезул. ТIадежоялъе командировкаги букIана рагIалде щолеб, щвезехъин рукIинчIо шапакъаталги. Дида лъавухъе, гьеб операциялдаса хадуб Обушевасги Деминицаги жалго рихьизаруна шапакъатазе мустахIикъаллъун. Амма дагь-дагьккун гьеб кинабго къватIибе загьирлъизе байбихьидал, шапакъатазе рихьизарурал документал тIагIинаруна».
Тухватулиница рехсолел гIадал хIужабазул Дагъистаналда гIемерисез бицуна. Амма низам цIунулез абула гьел ругин изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIагарлъиялъ гьел рацIцIад гьаризелъун ургъулел маргьаби. Гьединабго «маргьулъун» рикIкIунеб букIана гьез цо заманалда Хасавюрталдаса Байсултанов Маматханица кIвар буссинабулеб хIужаги.
2006 соналда низам цIунулез хасаб операция тIобитIана гьесул вас ХIасанил рокъоб. АсхIаб Бидаевасул чагIи ралагьулел рукIун руго гьенир. Низам цIунулез абулеб букIана ХIасан Байсултановас кумек гьабулеб букIанин гьезие. Операциялъулъ чIвана лъимаде йикIарай гьесул лъади Саниятги. Хадуб якъинлъана аскарияз хасаб операция мекъи тIобитIун букIин.
Маматхан Байсултановас жинцаго тIатинаруна гьелъие гIайибиял чагIи, амма гьанже гьесул тату хвезабулеб буго гьезие диваналъ хIукму къотIунгутIиялъ. Гьелъие квалквал прокуратураялъги цIех-рехалъул комитеталъги гьабулеб бугин рикIкIунеб буго гьес. Гьеб суалалъ Байсултанов дагьалъ цеве республикаялъул нухмалъусухъеги ун вукIана. Гьеб дандчIваялдаги жиндир вас гIайибиявлъун чIезавулев вукIана республикаялъул прокурор хисулев Дибиров МухIамадилан бицана ЭР-ялъе Маматханица.
Байсултанов Маматхан: «Дур васдила Бидаевасул вац вукъулеб бакIалда вукIун вугила. Рокъове щведал гьикъидал, васас абуна вукIинчIин, амма вукIараванигицин, гьелъул бегьунгутIи щибдила бугеб? Жинда гIайиб букIарабани, дозда цадахъ чIун бахъараб сурат бихьулаанила дуда гьез, ялъуни диктофоналде кIалъай бахъулаанила. Дица Дибировасдаги абуна дица бицен гьабулел хIужаби цойиде росараб флешка бугин дихъ. Нужерабгоги бихьизабейин».
Диваналъул хIукму къотIизегIан течIого гIадамал чIваялда цадахъго Дагъистаналда руго гIадамал тIагIиналъул хIужабиги. Гьедин жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго 21-22 сентябралда республикаялда щуго тIагIанилан.