Федерациялъул Шураялъул вице-спикер Александр Торшиница рикIкIунеб буго Россиялда заман щун бугин эркенго хIара къокъаб ярагъ бичизейин ва гьеб суал референдумалде босизе кколин. Гьелда хурхун хIадур гьабураб ва дагьаб цебегIана Федералияб Шураялда къватIибе загьир гьабун букIана 100-гьумералъулаб документ.
Гьеб тIадехун рехсараб документалда кьолеб буго Россиялда ва цоги улкабазда такъсирал гьариялда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул ва ярагъ кодоб букIиналда сверун гьабураб мухIканаб анализ гьединго тунчулгун револьверал эркенго ричизе тезе ккеялъе аргументация. Руго ярагъ эркенго бичизе тезе кколарин рикIкIунелги.
Машрикъалъул Европалда криминалиял чIвай-хъвеязул къадар бащалъулеб буго 100 азарго чиясда гьоркьоса анкьгоялда, Россиялда абуни, 100 азарго чиясе кколеб буго гьединаб 13 чIвай-хъвей. Гьединал баянал кьолел руго «Независимая газетаялъ».
Экспертазул шураялъ хал гьабулеб буго хIара къокъаб яргъие легализация гьабиялъул суалалда сверун гIолел –гIоларел рахъазул ва тIасанкIалъаязул 20I2 соналъул сентябрь-октябралде къануналъул проект хIадур гьабизелъун ва Пачалихъияб Думаялде гьеб босизелъун. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсанталъ».
Докладалъул автораз абулеб буго жакъа россиялда гьабураб таманчаялъул багьа ичIазарго гъурущ бугин ва гьеб босизе рес бугин 11 миллионгIан чияс. Щуго соналъ гьел тунчул ричулел ругони гьезухъ щвезе рес рагIула 700 миллионалдаса цо триллионалде щун гъурущ.
БисавгIалиев МухIамад: «Яргъие легализация гьабуни, ярагъ бича-хисулаго жакъа рагIдукь бугеб гIарац пачалихъалъе ине буго. Тукадаса босулеб яргъил жиндирго номерги букIуна, гьеб лъихъ бугебали регистрацияги букIуна. Бюджеталде гIарацги бачIуна».
Гьедин абуна Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналда щибаб анкьица къватIибе бачIунеб «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица.
Амма Торшиница бицунеб рекIее гIолеб гьечIо ЖамгIияб Палаталъеги Жанисел ишазул министерлъиялъеги. Гьеб суалалда сверун цо ккураб пикру гьечIо Торшинил коллегаби «Цогояб Россия» партиялдаса чагIазда гьоркьобги.
«Гьеб къанун къабул гьабиялъул хIасилалда цониги чи чIваялде иш кколеб бугони, азарго нухалъ ургъизе ккола гьеб къабул гьабилалде цебе»,- ян рикIкIунеб буго Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Ирина Яроваялъ.
Депутат Павел Крашенинниковасул рагIабазда рекъон, жакъа Россиялъул туснахъазда ругезул лъабабилеб бутIа буго рукIа-рахъиналъул кьучIалда ккарал такъсиразухъ жанир тIамурал. «Гьел руго цоцалъ рагъунин яги нус къабунин жанире ккарал чагIи, цебе чIезабеха гьезухъ ярагъ букIарабани щиб ккезе букIарабали»,-ян абулеб буго Крашенинниковас.
Федерациялъул Шураялда яргъида сверун реформа гьабиялъул хIакъалъулъ экспертазул къукъаялъул доклад цIалун хадуб талат къоялдаго (июлалъул 24билеб) Торшиница жинцаго абуна журналистазда Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъ ва президентасул администрациялъ гьесул инициативаялъул рахъ кколеб гьечIин.
Президентасул администрациялъе гьеб инициатива рекIее гIолеб гьечIониги, гьеб иш жибго теян жинда лъицаниги абичIин лъазабуна вице-спикерас.
Бицен гьабулеб къануналъул проекталда ярагъ кодоб букIине бегьулел гIадамазул градация чIезабизеги рес бугин абулеб буго Торшиница. Масала цоязе изну кьезе буго ярагъ гIицIго рокъоб, хъизан-рукъ цIунизелъун хIалтIизабизе, цогиязе изну кьезе рес рагIула ярагъ рокъобги автомашиналъубги цадахъ букIине, лъабабилезе абуни изну кьезе бегьулеб буго ярагъ сордо-къоялъ цадахъ босизе.
Сенаторасул пикруялда, лъабабилеб къукъаялде гъорлъе ине рес рагIула почта щвезабулел, «хехаб кумекалъул» торхтурзаби ва социалиял хIалтIухъаби.
Цебе гьес лъазабулеб букIана хIара къокъаб яргъие легализация гьабиялъул суал референдумалде босизе кколин.
Торшиница гьединго абулеб буго гьеб къануналъул проект жеги тIубанго хIадурун гьечIин, гьелде гIемерал тIадежураял ва хиса-басиял гьаризе кколин ва гьениб гъалатI ккезе тезе бегьуларин.
Экспертазул къукъаялъул докладалда абулеб буго Россиялда хIара къокъаб яргъие легализация гьабизе кколин гIадамаз жалго жидецаго цIунизелъунин, гьебги гIадамазул хIинкъигьечIолъиги, сахлъиги, буголъиги цIунизе пачалихъалда бажарулеб гьечIеб мехалдайин.
Гьебго пикру гIахьал гьабулеб буго БисавгIалиев МухIамадица ва абулеб буго къисас босиялъухъ хIакъ букIунарин.
БисавгIалиев МухIамад: «Къисас босиялъухъ хIакъ букIунаро шаргIалда рекъон. Узухъда, руго гьелъиеги хасал рихьизариял. Масала цо чияс дуе яги дур гIага-божаразе зулму гьабулеб бугони, гьев чи чIвазе бегьула. ЧIвазе гIураб такъсир гьечIого дур гIагарав чи чIвани-къисас босизе дур нух буго».
Жиндир гIага-божарав чIварав чи чIваялде щун рецIел босизе ккани, гьелъие къадияс гьабураб хIукму букIине кколин ва чияс жинцаго тIамихI гьабиялъул къотIи къотIизе кколарин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналъул бусурбабазул рухIияб идараялъул пресс-хъулухъчи ГIумаров МухIамад-расулица. Гьес абуна къисас абураб бичIчIиго гьечIин шаргIалдайин ва бичIчIизабуна чи чIваялъухъ кинаб рецIел букIине бегьулебали.
ГIумаров МухIамад-Расул: «Къисасин абураб жо исламалда гьезего гьечIо. Къисас боси-гьеб буго магIарулги цоги миллатазулги гIадат. Исламалда, шаргIалда гьединаб жоялда цIар буго дият. Диятин абула нагагь чи чIвани гьесул гIагарлъиялъе кьезе кколеб рецIелалда. Бидухъ-би абураб жо букIунаро, масала, шаргIияб пачалихъги бугони, шаргIалъул къануналги хIалтIулел ругони, къадияс хIукмуги гьабулеб бугони. Масала цо чияс цогиясда кьабун бугони, гьадас кьабураб бакIалда гьесдаги кьабула. Гьелда къисасин абизе бегьуларо, гьеб буго шаргIияб хIукму. Амма чияс чи чIван вугони, гьесда тIаса лъугьин-лъугьунгутIиялъул иш цо букIуна, цоги жо буго шаргIалъ гьесдаса дият бахъизе тIами. Цо-цо мехалда нусго вараниялдаги бащалъула дият».
Эркенлъи Радио: РецIел босунин абун чи чIвазе нух бугищ шаргlалда рекъон?
ГIумаров МухIамад-Расул: «ЧIвазе нух гьечIо, чIвазе нух букIинищха?! ЧIвазе нух буго, мисалалъе, шаргIияб пачалихъги бугонаги, рукIине кколел хIукмабиги ругонани, шаргI билъанхъулеб бакIги бугонани, къадияс гьабураб хIукмуги бугонани, чи чIварав чи чIвазе рукIуна хасал хIукмаби. Гьеб жо къисас кколароха. Гьеб ккола шаргIалъул хIукму рагIалде бахъинаби. Гьелда къисас босийин абизе бегьуларо.
Къисас абула, масала, дир эмен-вацI нагагь чIварав чи бухIулъего векерун дица чIвай-гьеб буго къисас. ШаргIалда гьедин чияс жинцаго тамихIалъе хIукму къотIизе (самосуд) биччаларо, гьабизе ккола шаргIияб хIукму».
Жакъа пачалихъиял идарабазда гIадамал цIунизе бажарулеб гьечIеб мехалда чияс живго цIуниялъул иш жиндего тIаде босизе кколин рикIкIунеб буго БисавгIалиев МухIамадица.
БисавгIалиев МухIамад: «Дица рикIкIуна, ярагъ гьадингоги гIадамазул кодоб бугеб мехалда гьелъие легализация гьабизе кколин. Щайгурелъул жакъа Дагъистаналда низам цIунулел идарабаздаги пачалихъалдаги кIолеб гьечIо чиясул гIумруялъе, рукIа-рахъиналъе, къадруялъе, намусалъе хIинкъигьечIолъи чIезабизе. Гьединлъидал чияс живго цIунизе босизе ккола ярагъ. Гьеб хIакъикъаталдаги гIадамазул кодоб бугеб мехалда, къанун хвезабулеб буго. Гьединлъидал къанун хвезабиларедухъ гьеб ярагъ кодоб букIин къануналде гъоркье бачине ккола.
Щайин гьикъани, щайгурелъул, Дагъистан букIун исламияб республика. ШаргIалда рекъонги бусурбан чиясе бецIцIараб, суннатаб буго жинда тIад ярагъ букIин. Амма хIукумуталъ хIисабалде босизе ккола цо рахъ: ярагъалъе легализация гьабулеб мехалда гьересиял, цере ккарал, ричун росулел гурелха, хIакъикъиял тохтурзабазул комиссияз кьезе ккола ярагъ босулев чи психикаялъул рахъалъ сахав вугин абулел кагътал».
Гьеб пикруялда разияй гьечIо МахIачхъалаялъул тарихалъул музеялъул директор Дадаева Зарема. Гьелъул пикруялда яргъие легализация гьаби, жакъа Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал бихьун, тункIи-хералде аскIобе цIа босарабгIадаб жолъун ккезе буго.
Дадаева Зарема: «Жакъа яргъил легализация гьабиялъул къанун къабул гьабуни, Шималияб Кавказалда гьеб ккезе буго тункIи-хералде аскIобе цIа босарабгIадаб жо. Щивас живго-жинцаго цIуниялде ккун ругин абураб аргументги тIубанго битIараблъун бихьуларо дида. Низам цIунизе тараб системаги гIицIго лъугьа-бахъин ккун хадуб реакция гьабизе бугеб система гурелъул. Лъугьа-бахъин ккелалде яги такъсир гьабиялде цебесеб хIалтIи гьабизе кколелъул гьез гьединал ишал ккеларедухъ.
Такъсирал рукIинаредухъ цебеккун гьабулеб хIалтIи нилъер гьаниб гьезего гьечIо. Нилъер "багьадуразул" низам цIунулезул хIалтIи буссун буго жиндаса сурав босулев такъсир гьабиялъе мукIур гьавиялде. Дица рикIкIуна, гьеб проблема рагIалде бахъинабизе ккани низам цIунулезул хIалтIи букIине кколедухъ гIуцIизе кколин».
Низам цIунулез гьабизе кколеб хIалтIи гIемераб бугин, амма гьанже ругел шартIазде балагьун чияс живго жинцаго цIунизе кколев вугин абулеб буго нахъеги БисавгIалиевас ва рачунел руго мисалал.
БисавгIалиев МухIамад: «Яргъие легализация гьаби бигьаяб буго гIадамазул кодоб жакъа бугеб ярагъ нахъе босиялдаса. Чанго нухалда гьеб нахъе босулеб бугин лъазабуниги, кIолеб гьечIогури пачалихъалда халкъ яргъидаса махIрум гьабизе. Масала, дица кьун гIарацгун босана травматикияб таманча. Нагагь цо чияс дун хIакъир гьавуни, дица ярагъ хIалтIизабизе ккараб бакIал бугони, дун божуларо низам цIунулел идарабаз, полициялъ дун цIунизе вукIиналда.
ГIарзалгун гьезул офисал мерхьине ккезе руго дица. Гьеб цо. КIиабилеб-киназго бицунеб буго автомашинаби цоцазда тунканицин цоцазде кьвагьдолеб бакIалда ярагъ бегьуларин. Кутакалда бегьула. Цогиясухъги ярагъ букIин лъани, гьеб лъицаго къватIибе бахъуларо. Гьелъ республикалда такъсиралцин дагьлъизе рес буго.
ТiабигIаталда кIиго загьруяб борхьица цоцазда кIал кьабуларо. Аллагьас тIабигIат гьедин бижун буго цоцазда хIанчIун гьел борхьазул тайпа дунялалдаса тIагIинаредухъ. Гьел цоцазда бутIрул кьабун рагъулел руго.
Кинавго чиясул кодоб ярагъ бугеб лъани, полициялъулги, гIадамазулги, гъачагъазулги, хIалихьатал-нахъегIанал чагIазулги тIасанкекей букIунаро.
Щайгурелъул гьезда лъалеб букIун жиндир дандиясухъги ярагъ букIин. Гьеб мехалда киналго цIакъ цIодорго чIезе руго.
Цебе магIарухъ кIодекIаниб щибав чиясул рачалухъ бан букIанаан ханжар. Доба чиясул къадру-къимат хвезабулеб цониги тохаб рагIи борчIулароан. Чи инжит гьавураб цониги калима букIунароан магIарулазда гьоркьоб-гьезда лъалаан гьебго лахIзаталъ гьениб ханжар хIалтIизе букIин. Дир пикруялда, гьелъ такъсирчилъи дагьлъиялдеги рачуна».
Тарихалда жаниб ярагъица дагъистаниязул гIумруялда жаниб кколеб букIараб бакI жакъа яргъица кколеб гьечIин рикIкIунеб буго Дадаева Заремаца.
Дадаева Зарема: «Дагъистаниязул ва кавказиязул костьюмалда кидаго букIана яргъие бакIал, ханжар-нус букIаниги кьвагьулеб ярагъ букIаниги, ретIа-къаялда гьелъие хасаб бакIал букIана. Доб мехалда кавказияз гIумру гьабулеб букIараб къагIида ракIалде щвезабуни ярагъ даим цадахъ букIинеги кколеб букIана, щайгурелъул хIинкъи цIикIкIараб букIун. Бокьараб мегIералда нахъасан тушман ваккизе рес букIана, гьединлъидал ярагъ кодоб букIине кколеб букIана».
Жакъаги дагьал гьечIин гъачагъалги, рукъ бикъулелги, тIадекIанцIиял гьарулелги. Гьединлъидал чияс жиндирго хъизан-рукъ цIуниялъул суал нахъе бахъун гьечIин рикIкIунеб буго ГIумаров МухIамадрасулица.
ГIумаров МухIамад-Расул: «Жакъа нилъер пачалихъалда дур рокъоре кIанцIун, дуе зулму гьабулев чи вугони, гьев дуца чIвазе шаригIаталъ изну кьолеб буго. Чиясда тIадаб буго жиндирго хъизанги рукъги цIунизе».
Эркенлъи Радио: Жакъа гIадамазул кодоб ярагъ букIунищ лъикI, гьечIогойищ?
ГIумаров МухIамад-Расул: «Нус-нус соназ кодоса ярагъ биччачIел яги рочлохъа гьеб камизе течIел умумузул наслаби руго нилъ, гьединлъидал дица рикIкIуна жакъа щибав дагъистаниясул кодоб ярагъ букIине бегьилин».
Цебе ярагъ кодоб букIарал умумузул букIанин гьеб къватIибе бахъиялъул ва хIалтIизабиялъул кьварарал къанунал. Ярагъ къватIибе бахъулев чияс лъалаго гьелъул жавабчилъи жиндего тIаде босулеб букIанин гьанже гьел гIурхъаби лъицаго цIунун гьечIин рикIкIунеб буго Дадаевалъ.
Дадаева Зарема: «БичIчIине ккола, нилъер жамгIият, хасго жакъасеб дагъистаналъул жамгIият гьеб суал рагIалде бахъинабизе хIадураб гьечIолъи. Америкалда, Канадаялда ва яргъие легализация гьабурал Европалъул цоги улкабазда релъон ярагъ эркенго бичизе тезе бегьуларо гьаниб. Цо бугони, нилъ руго хехго ццим бахъунел гIадамал, хасго ахираб заманалда гIадамал квешлъун руго.
Цебе ярагъ кодоб букIарал умумузул букIана гьеб къватIибе бахъиялъул ва хIалтIизабиялъул кьварарал къанунал. ГIилла гьечIого ярагъ къватIибе бахъарав чияс гьеб параялъго кьезе кколеб букIана гьелъул жаваб. Ярагъ къватIибе бахъулев чияс лъалаго гьелъул жавабчилъи жиндего тIаде босулеб букIана. Жакъа нилъер жамгIияталда гьединал гIадамал ругин кколаро дида, ратаниги, гьединазул къадар цIакъго дагьаб батизе буго. Нилъераз ярагъ бертабалъ кьвагьула, лъималгун руччабазул цIураб бакIалда. Лезгинкаялъул бакъан рагIарабго кьвагьизе рортула. Кинаб жавабчилъи гьениб бугеб?»
Къануналда рекъон босараб ярагъ хIалтIизабулеб мехалда къануналда цебе жавабчилъи букIунин рикIкIунеб буго БисавгIалиевас.
БисавгIалиев МухIамад: «Къануналъухъ гIенекIкIулев чи кодоб ярагъ гьечIого хутIулев вуго, хIалихьатил кодоб ярагъ буго. Гьединлъидал ярагъ эркенго босизеги бичIчIан киналго къануналъул гIурхъабалъе рачине ккола. Гьедин бугони, кьвагьулев чиясда лъала, къануналда цебе жиндир жавабчилъи бугеблъи. Гьеб мехалда гьес ярагъ гIабдаласгIадин ккаралъубги-ккечIелъубги хIалтIизабуларо.
Таманча къватIибе бахъулев чиясда лъазе буго гьединабго таманча дандиясухъги букIине рес букIин. Къисасги лъицаниги нахъе бахъун гьечIо. ГIурусазе бокьаниги бокьичIониги шаргIалъул къануналги гьанир хIалтIулел руго, къисас босулеблъиги лъала гьезда. Цоги нухалда абила, гьеб мехалда такъсирчилъи дагьлъизе буго. Пуланав чиясухъа жо бахъизе чи ине гьечIо гьесухъ ярагъ букIин лъани».
Къануналде данде кколареб куцалда жакъа ярагъ кодоб бугел чагIахъ гьеб нахъеги хутIизе бугин, гьединлъидал БисавгIалиевасгогIадин къануналъухъ гIенеккулезул ресал гьелъухъ гIенеккуларезулалда бащад гьаризе кколин абулеб буго Мух1амад-расулица.
ГIумаров МухIамад-Расул: «Гьукъунин абун къанун гIадахъ босуларел чагIи яргъидаса махIрумлъуларогури. Гьединлъидал киназулго ресал бащад гьаризе ккола. Дир пикруялда, Дагъистаналда кинавго чиясе ярагъ букIине изну кьезе ккела. БукIинеги ккела щибав бихьинчиясул кодоб ярагъ. Нилъеда лъала ярагъ хIалтIизабизе. Дагъистан Россиялда гъорлъ бугеб республика буго. Дир пикруялда, тIолабго Россиялдаги яргъие легализация гьабиялъул бегьунгутIи гьечIо».
Умумузухъ букIанин абун нахъ балагьичIого ярагъ кодобе босизе жакъа Дагъистаналъул жамгIият хIадураб гьечIо Дадаевалъул пикруялда.
Дадаева Зарема: «Нилъер умумуз кIудияб адаб гьабулаан яргъил. Ярагъ борчун букIиналдалъун гьез бихьизабулеб букIана жалго цIунизе хIадурал рукIин. КъватIибеги гьеб бахъулеб букIана живго, жиндир гIага-божарал ва къадру цIунизелъун. Гьанжейин абуни, цо-цо дагъистанияз чIухIдае цогиязда бихьизабизелъун бахъула къватIибе ярагъ, гIадада кьвагьула. Дида ккола гьеб бугин цоги кинаб букIаниги къагIиялъ жалго рихьизаризе бажаруларел чагIаз гьабулеб жойин. Цо-цо мехалда гьезда тIад релъизецин бачIунеб буго.
Гьеб суалалъул киналго гIолел-гIоларел рахъазул халги гьабун дица абила жакъа нилъер жамгIият хIара къокъаб яргъил легализация гьабиялде хIадураб гьечIин. Жакъа гIисиназ чIахIиязул адаб гьабулареб, чIахIиял гIисинлъараб мехалда гIадамазухъе кодобе эркенго кин ярагъ кьезе бегьулеб. Ярагъ цIуниялъулги гьеб хIалтIизабиялъулги культура жакъа гьечIо. Цебе умумузул гьеб букIана, гьанже цоги-цоги лъикIал гIадаталги рилизе тарабг1адин, ярагъ хIалтIизабиялъул культураги билизе тун буго».
Россиялъул инфоралатазда ва хасго интернеталда рукIунел форумазда дагьал гьечIо ярагъ кодоб букIиналъ ккарал трагедиязул биценал, гьединго руго ярагъ кодоб букIарабани гьел трагедиял ккезе рукIинчIин чIезабулелги пикраби.
«ЖамгIияб пикру» абулеб фондалъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго россиялъул гражданазул 74 процент яргъие легализация гьабиялде данде букIин. Гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго гIицIго 14 проценталъ. Амма гьединаб изну щвани жидеца ярагъ босизе бугин абун буго 19 проценталъ.