«Каспий ХIалал-ЭКСПО»

«Каспий ХIалал-ЭКСПО» рагьиялъул тадбир, 23Aвг2013

Каспийскалда араб рузман къоялда рагьана халкъазда гьоркьосеб «Каспий ХIалал-ЭКСПО» абулеб экспозиция. Тадбиралъул гIуцIарахъабазул мурад буго Дагъистаналда хIалалаб куцалда квен, ретIел хьит цогидабги къайи-цIа киналго рахъаздаса лъикIабги пайдаябги букIин бихьизаби. Экспозицялда жидерго кванил нигIматал ва цогидабги магIишаталъул бутIаялъул тайпаби рихьизаруна Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъаздаса ва шагьараздаса вакилзабаз.

Тарихалда жанибго тIоцебесеб нухалъ хIалалаб магIишаталъул кванил нигIматазул ретIел хьиталъул къайи-цIа бихьизабулеб тадбир букIана гьеб.

СагIат анцIгоялда выставкаялъул тадбир рагьизе гьенире ракIарун рукIана гIадамал. Официалияб тIалъиялъул рахъалдаса гьениб гIахьаллъи гьабуна ХIукуматалъул нухмалъулев хисулев Хархаров Абусупьяница. Дагъистаналъул муфтий АхIмад-хIажи ГIабдулаевас, рукIана гьединго Казахстаналдаса Татарстаналдаса, Туркиялдаса гьалбалги. «Эркенлъи» радиоялъ цебеккун бицун букIана гьединаб тадбир тIобитIизе букIиналъул.

Рисалат Холдинг абураб гIуцIиялъ гьелд щвезегIан Москваялдаги тIобитIун букIан гьединаб даражаялъул выставка. Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев Мокъушдибиров МухIамадица данделъаразе бицана Дагъистаналда хIалал абураб цIаралда гъоркь хIадур гьабулеб къайи цIаялъул экспозиция тIобитIиялъе бищун квербакъарав чи кколин ХIукуматалъул нухмалъулев Хархаров Абусупьян.

Жиндирго кIалъаялда вице-премьерас абулеб бугоан жиндир хьул жакъа Дагъистаналда тIобитIулеб гьадинаб тадбиралдаса хадуб хIалалаб магIишат хIадур гьабиялул рахъалъ лъикIаланго туркIи лъугьинин Дагъистаналда, щайгурелъул жакъа гьелъул рахъалъ республикаялда загIипаб къагIидаялъ бугин иш. Гьал ругин жакъа тIамулел тIоцересел галаби. Гьелъул рахъалъ лъикIаланго хIасилаз цере ун ругин Пакистан, Индия, Малайзия гIадал хIукуматал:

Хархаров Абусупьян: «Жакъа гьарин рихьизазарура проектал руго аслияб куцалда хIалал индустрия Дагъистаналад цебетIеялъе ругел галабилъун. Нижер руго жеги чIахIиял проекталги. РакIалед гьез дагъистаналъул экономика цебетIеялъулъ гьез кIудияб бутIа лъелин хадубккун. Гьаниб цIакъ битIун абуна муфий АхIмад-хIажи-афандияс, бусурманчияс конеб квен хIалалаб бацIцIадаб нигIмат букIиналде тIаде кIвар кколеб бугони гьелъул кIудияб пайда букIине бугин гьесул пикрабиги роцIцIун хIалтIизе, гьес гьабулеб кинабго гIамалги битIараб нухде гьев тIовитIизе квербакъулел.

Нилъеца гьелде цIакъ дагьаб кIвар кьолеб букIана жакъалъагIан, гьанже Дагъистаналдги Россиялдаги исламалъе нух гIатIид гьабулеб буго. Дие кIудияб баркала кьезе бокьун буго гьанире рачIарал киналго гьалбадерие, Гьаб тадбиралде ниж рачIана захIмалъабиги нахъа тун рукIана гIемерал квал-квалал, лъабкъого гIанасев батIи-батIияв вакил вуго жакъа гьанив гIахьаллъулев. РакIалде ккола хадусеб соналде гьезул къадар лъикIаланго цIикIкIинилан».

«Каспий ХIалал-ЭКСПО», 23Aвг2013

Выставкаялда гIахьалъи гьабуна Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъаздаса шагьараздаса рахьдал гьанал, пихъил нигIматал хIадур гьарулел магIишатазул вакилзабаз. Гьенир

рукIана Хьаргаби мухъалъул КIикIуни росдал консервал хIадур гьарулел заводалдаса, Могьохъ росдал, Гъуниб мухъалъул Гьонода росдал цIаралда бугеб гьединабго нигIматал хIадур гьарулеб магIишаталъул вакилзаби, Гъизляралдаса Налчикалдаса рахьдал нигIматал хIадур гьарулеб магIишаталъул церехъаби, рукIана ретIел хьиталъул исламияб литератураялъул ва цогидабги къайи-цIаялъул батIи-батIиял тайпаби.

Мисалалъе умумузул заманалдаса нахъего Дагъистаналда хIадур гьарулел давагьабазул, квасул щватабазул, къандалъабзул чанго батIияб тайпа бачIун букIана выставкаялде Хунзахъ мухъалъул БакьагьечIиса МухIидинова ПатIиматица. МагIарулазул гIадаталда рекъон росасе кьолей ясалъул къайиялда цадахъ чара гьечIого кьезе кколеб жоялда гъорлъе унаанин давагьинги. Гьанже гьеб гIадат къотIизе теялда рази гьечIого йигоан гьей:

МухIидинова ПатIимат: «Гьаб кинабго бугоха нилъкрго квераз бацIцIадаб квасудаса гьабураб жо. Къимат лъалев чиясе гьелдаса кIудияб жо щибха букIинеб? Дир хьул бугоха гьадинал тадбираздаса хадубгIаги цIебе хIадур гьабулеб букIаралъул I0 процентгIаги нахъбуссинабизе кIвелародайилан. 1993 соналдаса нахъе гьелда тIад хIалтIулей, гьеб цIунизе кIвелародайилан къеркьудилей йиго дун. Гьелда тIасан хъвараб диссертацияги буго дир. Дицаго гьабуна, цогидазда малълъана, бичизе къватIиса хIукуматалде хьвадана. Мисалалъе Турказ гIемераб унаан гьеб босун. Щайгурелъул дозул дора чIарбида гьарурал рукъзал рукIиналъ гIодор тIамизе цIакъ квегIенлъи буго гьезие нилъер давагьабазул.

ХIабургъарал 90 соназда гьаниреги рачIун нилъее учузаб къимат гьечIеб квасул тIансабиги кьун нилъер умумузул заманалдаса нахъего рукIарал къиматал давагьаби ана гьез ракIарун. Гьедин къимат гьабулеб буго нилъер миллияб къайи-цIаялъул чияр чагIаз. Нилъеца абуни миллат гьабичIо гьелъул. Гьанже нилъеца гьеб цIунизе тIалаб гьабичIони наслабаз щибилан абизе бугеб нилъеда?».

«Каспий Экспоялда» унеб тадбир жеги кIигоги къоялъ халалъизе буго Дагъистаналда. Гьелъухъ балагьизе бокьарал гIадамал раччизе хасаб транспорт чIезабун буго тадбиралъул гIуцIарухъабаз. Гьелда рекIине бокьарал рачIине бегьула МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда аскIоре.