Суал борхичIого борхулареб хIеж

Гьал къоязда кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна татаразул цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз исанасеб хIеж борхиялъул суалалда сверун. Гьез гIайибал гIунтIизарулел руго Россиялъул Федерациялъул Шураялъул нухмалъулев хисулев ва хIежалъул суалазда сверун Шураялъул бетIер ГIумаханов Ильясиде.
Интернеталда бахъараб макъалаялъул автор Халида ХIамидуллиналъ абулеб буго ГIумаханов Ильясица ХIеж борхиялъул суалазул рахъалъан гьеб Шура гIуцIанин жиндир пайдаялъе гIоло ва гьебго мурадалда жиндирго кумекчилъун ХIамзаев МухIаммад тIамунин.

ГIумахановасда бараб ХIамидуллиналъул ва гьелъул рахъ ккуразул разилъи гьечIолъиялъул магIна гьадинаб буго: Исанасеб хIежалъе бакIал бикьулаго гьезул цIикIкIараб къадар бихьизабун буго Дагъистаналъе – 8000, Чачан Республикаялъе – 4000, Гъарачайгун-Чергессиялъе, Адыгеялъе ва Шималияб Осетиялъе – 1200 бакI. ГIаммаб къадаралда Шималияб Кавказалъе кьун буго гIага-шагарго 15 000 бакI.

Цого мехалъ миллион-миллион чи вугеб Татарстаналъеги, Башкортостаналъеги, Повольжеялъеги, Уралалъеги, цогидал Россиялъул централиял регионазеги бакIал кьун ругилан гьелдаса чанги нухалъ дагьаб къадаралда.

ТIадехун рехсарай ХIамидуллиналъги, цогидал авторазги тIалаб гьабулеб буго ГIумаханов Ильясгун дандчIвай. Нижеца бухьен гьабуна "Хадж-Миссия России" абулеб къукъагун.

Жиндир цIар эфиралда рехсоге ян гьарарав гьелъул вакилас Эркенлъи радиоялъе баян гьабулаго абуна ахирисеб мехалъ гIемерал гьединал макъалаби Интернеталда загьирарун ругин батIи-батIиял регионазул бусурбабазда гьоркьоб питна багъаризаби мурадалда.

Вакил: «Руго цо-цо гIадамал бахIс багъаризабизе бокьулел. Гьез телефоналъ ахIула, чIечIого хьвадула гьенире, дагIба бала».

ХIеж борхиялъул суалазул рахъалъан рехсараб гIуцIиялъул вакилас абулеб буго жиндаго жиндир коллегабаздаги лъалеб ругин гьединаб къец багъаризабулезул цIарал. Гьел кколила цо-цо турфирмабазул бутIрул. Сундул мурадазе гIоло гьез гьеб гьабулеб бугебин абураб нижер суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Россиялъул ХIеж борхиялъул суалазул рахъалъан къукъаялъул вакилас:

Вакил: «Ниж цо пуланаб контора гуро, кинабго хIалтIи нижеца гьабулеб буго планалда рекъон, заманалъул тартибалда рекъон. Нижеца гIадамалгун данделъаби тIоритIула хIежалда цереги, хIежалда хадурги. ТIад чIезабулеб буго болжалги. Ахираб хIасил нижеда гуро - СагIудиязул ГIарабустаналъул вакиллъиялда хурхараб буго.

Гьадинаб тартибалда рекъон нижеца цереккунго хIадур гьарулел руго документал. Турфирмабазде нижеца ахIи бан букIана къватIисел паспортал ругезул сияхI хIадур гьабеян абун.

Гьалеха, гIадамазухъа гIарац бахъун амма гьединал сияхIал заманалъ хIадуризе кIвечIел цо-цо гIисинал фирмабазул бутIруз гьел рехсарал гьересиял макъалаби хъвазе тIад къана».

Жиндирго интернет сайталда Россиялъул ХIеж борхиялъул суалазул рахъалъан къукъалъ мухIканаб жаваб кьолеб буго киналго дагIбадул суалазе, ян абуна ахиралда гьелъул вакилас.

Нижеца бухьен гьабуна эркенай журналист Халида ХIамидуллинагун. Гьелъ абуна
горкьисалаги жидедехун руссун, Россиялъул Динияб Идараялъул вакилзабаз гьарулеб букIана хIеж борхиялъул проблемаялъул цIех-рех гьабеян абун.

БатIи-батIиял суалал рукIун руго рорхизарун - фирмабазул монополизацияги, санагIалъи кьолел фирмаби тIаса рищизе рес гьечIолъиги ва цогидал суалал рукIун руго рехсон. Гьел киналго суалал рукIалиде ккезарун жинца кагъат битIанин ГIумахановасул кумекчи АхIмаевасухъе. Гьес жидеде абунила цо-кIиго къоялда жаниб жаваб кьелилан. Амма жаваб жеги швечIин, абулеб буго ХIамидуллиналъ.

ХIамидуллина Халида: «Абулеб букIана хIежалъул суалазул рахъалъан Россиялъул Муфтиязул Шураялъул вакиллъун Рашид Хазрат Халикъов вищун вугин. Гьеб Шураялъ тIобитIараб данделъиялда цIидасан гьоркьоб лъун букIана хIажизабазул квотабазул суал.

Гьединго абулеб букIана Централияб Россиялъе кьолеб 2000 бакI - гьеб цIакъ дагь бугин. Дихъ бугеб баяналда рекъон ГIумахановас абуна нужее резервалъул квотаби тIубанго кьезе ругин. Амма киналго сияхIал хIадур гьарун хадуб баянлъана - гьел резервалъул абулел квотабиги цоги регионазе кьун рукIин».