Грозный: лъица ва щай гьабураб гьужум?

Грозныялъул базар, 4Дек2014.

Хамиз къоялъул радакь Грозный шагьаралде гьабураб тIадекIанцIиялда сверун жеги хутIулел руго гIемерал суалал. Официалияб куцалда тIадекIанцIарал тIагIинарунин лъазабуниги гьеб хасаб операциялъул мухIканлъаби жеги кватIире загьир гьарун гьечIо.

4 декабралъул радакь сагIат 3 тIубараб гIадинаб гIужалда Грозныялда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъ чIвала нухда хъаравуллъи гьабулеб полициялъул лъабго чи ва гьез кверде босула шагьар бакьулъ бугеб басмахана. Гьелгун букIараб рагъулаб тунка-гIусиялда чIвала анцIго полицияв ва лъукъула 28-яв. Гьединго лъазабула яргъидгIуцIаразул 9-чи чIван вугинги. Щиб мурадалда гьел рачIун рукIарал Грозныялде? Чан чи гьезул вукIарав? Жеги шагьаралда гьезул чи хутIун вугевищ? Гьел ва цоги гIемерал суалал хутIун руго официалияб куцалда лъугIараблъун лъазабураб хасаб операциялда хадуб.

Шималияб Кавказалъул цоги цо-цо республикабазде дандеккун Чачанлъиялда парахатаб ахIвал-хIал бугин абураб пикру гIатIидго тIибитIизабун буго Россиялъул информалатаз. Гьеб республикаялъул бицунеб мехалда аслияб куцалда гьенир ралел ругел бакIазул, рагьулел ругел батIи-батIиял объектазул бицуна. Амма парахалъи гьениб тIубараб гьечIин абизе бегьула кIиго моцI цебе 5 октябралда-Грозныялда шагьаралъул къо кIодо гьабулеб мехалда букIараб теракт ракIалде щвезабуни, яги августалда гъванщилъ речIчIун полицияв чIваялъул хIажаялъул бицани.

5 октябралда букIараб теракталда хурхун оперативияб информацияги букIун полициял гьелде данде чIезе хIадурал рукIун ратани, 4 декабралда букIаралда хурхун гьезул кинабгIаги хIадурлъиги букIин яги гьезухъ кинал рукIаниги баянал рукIин бихьулеб букIинчIин рикIкIунеб буго «Новая газетаялдаса» эскперт Милашина Еленаца.

Елена Милашина: «Гьаб нухалда гьеб тIадекIанцIи гIуцIун букIараб куцалде, шагьаралде лъугьарал яргъидгIуцIаразул чан чи вугевали баянал гьечIолъиялде балагьун абизе бегьула полициялъул хIалтIи гIемерго лъикI гIуцIун букIинчIин. Низам цIунулезда гьезие дандечIей гьабизецин щиб гьезда гьеб гьужумалъул лъалебцин букIун гьечIин абизе бегьула.

Гьеб киналъго бихьизабулеб буго официалияб нухмалъиялде дандечIарал къувалъулел рукIин. Бихьулеб буго гьезул тактикаги стратегияги букIараблъи. Гьезул кьеразулъ пуланал процессал унел рукIин бихьизабулеб буго гьединал акцияз».

«Альфаялъул» ветераназул Ассоциациялъул президент Сергей Гончаровасул пикруялда Шималияб Кавказалда яргъидгIуцIаразул ишал хурхарал рукIине рес буго ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда бугеб «Исламияб пачалихъин» абулеб радикалияб къукъаялъул хIаракатчилъиялда.

Сергей Гончаров: «Кавказалъул республикабазда гьоркьоб гIемерал соназ Чачанлъи рикIкIунаан парахатаб республикалъун. Гьелъие гIемераб хIалтIи гьабуна Къадиров Рамзаница.

Гьанже гьениб бугеб хIалуцин дица хурхинабулеб буго Россиялъе ва Къадировасе хIинкъаби кьолел рукIараб «Исламияб пачалихъалъул» хIаракатчилъиялда. Къадировасги гьезие кьун букIана исламиял экстремистал тIагIинаризе жал хIадурал ругин абун кьварараб жаваб.

Цоги гьеб бараб букIине бегьула Сириялда рагъулел рукIарал чачанал тIадруссиналда. Гьезул гьенив 500-гIан чи вуго. Рес буго чачаназул территориялда къеркьезейин абун гьезул цо-цоял тIадруссун ратизеги».

Чачан республикаялда телефоназдасан цояз-цогиязухъе рехулеб буго 4 декабралда Грозныялде вачIаравин абулеб яргъидгIуцIаравгун Къадиров Рамзанил гара-чIвари.

Къадиров Рамзан, Москва, Кремль, 31 май 2013

ЯргъидгIуцIарав: «Дун вуго Аллагьасул нухда жигьад гьабулев вугев мужагьид...»

Къадиров Рамзан: «Дунги вуго Аллагьасул нухда жигьад гьабулев, басмаханаялъул минаялда нижеца киналго чIвана, мунги сверун ккун вуго, чIвазеги вуго...дун Рамзан Къадиров вуго».

ЯргъидгIуцIарав: «Гьа, мунищ гьав вукIарав?! Мунха дие къвагIигIун вукIарав».

Къадиров Рамзан: «Дуда лъалищ Аллагьасул къанун щибали?»

ЯргъидгIуцIарав: «Узухъда, лъала. Дица Къуръан лъазабун бугелъул дида гьеб цIакъ лъикI лъала».

Къадиров Рамзан: «Цо жогIаги дуца битIун гьабулеб букIин дуца бихьизабуни, дица гьабула дуца абурабщинаб жо, вачIа къватIиве, кIалъазе ругин!»

ЯргъидгIуцIарав: «Дица дуе бачина Къуръаналдаса аят...»

Къадиров Рамзан: «Дицаги бачина дуе Къуръаналдаса аят...дуца аятазе тафсир гьабе...гьабе тафсир гьел сундул хIакъалъулъ ругелали...»

ЯргъидгIуцIарав: «Аллагьас абун буго киналго мунапикъал тIагIинегIан жигьад гьабейин...»

Къадиров Рамзан: «Щайха, гьедин батани, Авараг(с.т.гI.в) вагъичIев гьел лъугIинегIан...нижеца чIвала мун, чIвазегIанго вачIа къватIиве, кIалъалин...»

ЯргъидгIуцIарав: «Нужеца абулеб буго гьадинаб ретIел ретIе, додинаб ретIейин, дир гьечIебищ ихтияр диего бокьараб жо ретIине?»

Къадиров Рамзан: «Нилъер руччаби гIицIго хьвадулел ругин лъица абулеб бугеб? Гьезда Къуръан рекIехъе лъала...мун чIвала гьаб сагIат, дур яцалъул яги хъизамалъул тIалаб лъица гьабизе бугеб? Нижеца исламалде вуссинавуна 1500 чи, Къуръанаялъул аятал аза-зар чияс рекIехъе лъазаруна, рана аза-азар мажгитал...дуца щиб лъикIаб жо гьабурабали бице! ВачIана мун гьаниве, чIвана гIайиб гьечIел гIадамал...Гьебищха дур «гъазават» ?!»

Лъалеб гьечIо гьеб яргъидгIуцIарав кив вахчун кIалъалев вукIаравали, гьезухъе цоцазул телефоназул номерал кин щваралали ва гьесул хадусеб къисмат кинаб букIарабали.