Грозныялдаса ахирисел баянал

Грозный, 04Дек2014

Грозныялда 4 декабралъул сардилъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб ккараб рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда, цересел баяназда рекъон, чIван вуго 10 полициявги, 9 тIадекIанцIи гьабуравги. Лъукъун вуго 28 полицияв.

СултIанов АхIмад: «Гьеб кинабго байбихьанин абизе бегьула 4 декабралъул радакь сагIат лъабгоялда. Грозныялъул Заводской абулеб авалалде бачIун буго лъабго такси. Гьел рукIун руго ГIурус-Мартан мухъалде цереккун изну гьечIого яргъидгIуцIараз ахIун рачIарал таксиял. БетIергьабазухъа гьелги рахъун, гьезда жаниб ярагъги лъун, яргъидгIуцIараз нух босун буго Грозныялде. Шагьаралде рачIунеб бакIалда нухда хъаравуллъи гьабулел полицияз чIезарун руго гьел хал гьабизе. Гьениб ккараб кьвагьа-гъанхъиялда чIван вуго лъабго полицияв. Цинги гьел ун руго шагьар бакьулъе ва гьез балагьун буго жидеего санагIатаб бакIал. Кверде босун буго басмаханаялъул 7-8 тIалаялъул мина. Гьенир кьабула республикаялъул киналго газетал ва гьенибго буго шагьаралъул телевидениеги пачалихъияб радиоги. Гьенив щивго вукIун гьечIо. Гьеб кинабго буго официалиял баяназда рекъон дица бицунеб бугеб жо.

Гьезго лъазабухъе, чанго сагIаталдасан гьенире рачIун руго аскариялги байбихьун буго кьвагьизеги. Мина тIубанго бухIун буго.

РакIалде кколеб буго яргъидгIуцIаразухъ букIарабщинаб кьвагьулеб жо лъугIун бугин. Гьанже гIадамаз телефоназдасан цоцахъе рехулел руго яргъидгIуцIаразул тIутIурал жаназабазул суратал. РакIалде кколеб буго гьел жалго жидецаго кьвагьизарун ругин.

Официалиял баяназда рекъон, гьезул гьенив вукIун вуго анлъго чи.

Грозныялъул централда лъазабун буго контртеррористияб операциялъул низам ва ралагьулел руго гьенир хутIун ратизе рес бугел яргъидгIуцIарал.

Бицен букIана шагьаралъул школаги яргъидгIуцIараз кверде босун бугин абураб. Гьел гьенире рачIун ругин радакье гьенив чи гьечIеб мехалдайин. Абулеб буго гьенибги рагъ букIанин. Жеги лъалеб гьечIо гьеб букIанищали ва букIараб батани, гьелъул хIасилал кинал ккабали».

ЭР: Лъазабиял рукIана гIадамазда шагьаралъул батIи-батIиял бакIазда кьвагьиял рагIулел ругин. Гьелъул хIакъалъулъ дуда лъалеб жо щиб бугеб?

СултIанов АхIмад: «Рес буго гIадамазда гьединал кьвагьиял рагIине. Гьел дандерижиял ратизеги рес буго, жибго низам кьваризабиялъ гьанир-дора кьвагьдолел низам цIунулелги рукIине рес буго. Шагьаралда къватIахъ чиго вихьуларо, машинабиги дагь руго. Низамги кьваризабун буго нагагь шагьаралда тIадекIанцIи гьабуразул чи хутIун ватани, гьел гьениса рорчIизе ричIчIаларедухъ. Кинабго бакIалъул ва гIадамазул хал гьабулеб буго. Шагьаралде жаниве чи вачIине ресго гьечIин абизе бугьула».

ЭР: РукIана цоги лъазабиял шагьаралде жаниве 100-200 гIан яргъидгIуцIарав лъугьун вугин.

СултIанов АхIмад: «Ахирисел баяназда рекъон, дандечIей гьабулел рукIарал бакIал къезарун руго ва гьанже унел руго цIех-рехалъул хIалтIаби. Официалиял баянал гьединал ругоха. Официалиял гурел баяназул хал гьабизе рес гьечIо гьаб сагIаталда».