Дунял тарихазулъ
Цолъарал Штатазул Федералияб авиациялъул администрациялъул лъазабиялда рекъон, дроназ, ай пилот гьечIого роржунел аппаратаз I93 нухалда низам хвезабуна ва хIинкъи бакизабуна аэропланал роржиялъе улкаялъул аэропортазда ва гьезда аскIобеххун. The Wall Street Journal
Stat of the Day -- 90x50 dimensions (meters) SpaceX landing barge size for Falcon 9 "reusable" first rocket stage
2015 соналда жаниб Россиялдаса къватIибе ине бегьулеб капиталалъул къадар, Россиялъул Центробанкалъул бетIер Эльвира Набиулиналъул хIисабалда, бахине бегьула 120 миллиард долларалде.
2001 соналда 1.5 миллион чияс гIумру гьабун букIараб Кабулалъул халкъалъул къадар бахана 6 миллионалде. Жакъа гьеб шагьар гъорлъе унеб буго бищунго хехго жиндир халкъ цIикIкIунеб шагьаразул щуйилабалде гъорлъе.
Журналистал цIуниялъул комитеталъул хIисабалда рекъон, 2014 соналда дунялалдаго туснахъалда вукIана 220 журналист.
ТIоцебесеб гьабураб накIкIигъвет бичун буго Британиялда 1886 соналда. Гьеб гъветI гьанжеги рагIула Британиялъул херал рос-лъадиялъул рукъуб. Гьез гьеб гьанжеги къачIалеб рагIула гьеб щияб цIияб соналде.
Кабулалда сверун пачалихъалде данде чIарал яргъид гIуцIарал къокъабазул къадар Афгъанистаналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялъул бетIер РахIматулла Набилиль рагIабазда, кколеб рагIула 107.
2006 соналда гъурущ тIубанго буссинабизе бегьулеблъун лъугьараб мехалда цо долларалъухъ кьолеб букIана 26, 5 гъурущ.
2014 соналда дунялалда чIвана 66 журналист.
Минимум 75 миллиард доллар хвезабун буго Россиялъул централияб банкалъ гъурщил къимат къваригIараб даражаялда чIезабиялъул мурадалда.
ТIолабго 1978 соналъул экспорт Китаялъ жакъа гьабулеб буго 6 сагIтида жаниб.
Россиялда гьоркьохъеб къагIидаялда къоялда жаниб 200 чиясде бахунеб буго СПИДалъул вирус.
Пакистаналъул хасал школазул ассоциациялъ лъазабураб «Дун Малала кколаро!» абураб акциялъул рахъ ккуна ассоциациялъул 150 000 школалъ. Гьединаб къагIидаялда гьез абулеб буго Нобелил ракълил премиялъул лауреаталъул биографиялдаса зарал бугин исламалъеги Пакистаналъул идеологиялъегиян.
Щибаб соналда жаниб Пакистаналъул школазда гьоркьохъеб къагIидаялда 183 тIадекIанцIи гьабулеб буго мугIалимаздеги цIалдохъабаздеги.
ГIиракъалдеги Сириялдеги "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялда гъорлъ вагъизе арав 550 Германиялъул гражданазда гъорлъан нахъ вуссун вуго 180 чи. 60 гIанав чи хун вуго гьел улкабазда. Reuters
2014 соналда Афгъанистаналда 2240 квадратияб километралда бекьун букIана опиялъул мак. Гьеб кколеб рагIула дунялалдаго рекорд.
Соналда жаниб алкоголь гIорхъаби лъачIого гьекъей сабаблъун хвалде гIагарлъарав 500 000 гIанав чи хвасар гьавулев вуго Россиялъул медиказ.
Россиялъул президент Владимир Путиница жиндирго санайилаб хитIаб миллаталде загьир гьабулеб заманалда жаниб долларалде дандеккун гъурщил къимат гIодобе ккана I.23 проценталъ.
Россиялъулазул 58 процент данде буго Украиналде Россиялъул рагъулаб интервенциялде.
2014 соналъул тIоцебесеб микьго моцIида жаниб Россиялдаса эмиграция гьабурал гIадамазул къадар кколеб буго 203 000 чи.
Дунялалда 19 миллион чиясда лъалеб гьечIо жиделъ СПИДалъул вирус букIиналъул хIакъалъулъ. Дунялада гIаммаб къагIидаялда гьеб вирус щварал гIадамазул къадар бахун буго 35 миллион чиясде.
Араб соналда жаниб гIага-шагарго 2400 чи чIвана Китаялда диваналъул хIукму тIубазабун. ЦIияб докладалда рекъон, гьеб кколеб буго 2012 соналде дандеккун 20 проценталъ дагьаб къадар.
9977-гьеб буго дунялалда тIад бищунго халатаб Китаялъул Иву шагьаралдаса Испаниялъул Мадридалде маххул нухалъул халалъи. Гьеб буго Китаялъул ЦIияб Дарайдул Нухалъул проекталъул бутIа.
45-гьеб буго дунялалда холелщинал лъималазул ракъун хваразул процент.
35-гьеб буго дунялалда психологияб букIа яги жинсияб букIа жал жидеда тIад гьабулел руччабазул процент. Цо-цо улкабазда гьеб 70% бахунеб буго.
615 млн. доллар-гьеб буго Туркиялъул президент Ражаб ТIагьиб Эрдогъанил цIияб кIалгIаялъул багьа. Гьениб буго 1000 рукъ.
93-гьеб буго Киевалъул Майданалда халкъалъ Украиналъул президент Виктор Янукович парламенталъул хIукмуялда рекъон нахъе рехизегIан рарал къоязул къадар.
Цолъарал Штатазул Капитолиялда цебе жидер бюст лъеялъе мустахIикълъана ункъго европаялъулав – Британиялдаса Уинстон Черчилль, Швециялдаса Раоул Валленберг, Вергриялдаса Лайош Кошут ва Чехиялъул республикаялдаса Вацлав Гьавел.
Дагьалдаса босун, 846000 доллар щола щибаб къойил «Исламияб пачалиахъ» абулеб экстремистияб къукъаялъе нартихъ.
0 –гьеб буго, Россиялъул Централияб Банкалъул баяназда рекъон, улкаялъул экономикаялъе 2015 соналда щвезе бугеб хайир.
9-гьеб буго 1939 соналъул 17 ноябралда Германиялъул оккупациялде данде рахъарал чехазул студентазул нацистаз чIваразул къадар. 50 соналдасан гьел ракIалде щвезаризе къватIибе халкъ бахъараб демонстрациялъ рачана Чехословакиялда коммунист режим реххиялде ва революциялде.
89-гьеб буго киданиги интернеталдаса пайда босичIел пакистаниязул къадар.
88 млрд. доллар-гьеб буго G20 гъорлъе унел улкабаз щибаб лъагIалица газ, нарт, тIурчIчIи бахъулел бакIазул цIех-рех гьабизе харж гьабулеб гIарац.
Европаялъул космикияб агентлъиялъул «Rosetta» абураб космикияб аппарат Чурумов-Герасименко абураб кометаялде рештIиналда цебе, чIун букIана моцIрода, Марсалда, Венераялда, Сатурналъул моцI Титаналда ва кIиго астероидалда.
9.150.000-гьеб буго Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда хварал, лъукъарал, асирлъуде ккарал яги риларал Россиялъул аскариязул къадар. Россиялъул Империялъ гьеб рагъде битIун букIана аскариязул бищунго цIикIкIараб къадар.
5-гьеб буго официалияб куцалда коммунистияллъун жалго рикIкIунел улкабазул къадар: Китай, Куба, Лаос, Вьетнам ва Шималияб Корея.
100.000-гьеб буго 1961-1988 соназда гьоркьоб ГДРалдаса магърибалъул Германиялде лъутизе хIаракат бахъарал гIадамазул къадар. Гьезул 600 чи чIван вукIана гIурхъи бахунаго.
3300 млн.-гьеб буго дунялалдаго диван къотIизегIан туснахъ гьарурал гIадамазул къадар. 660 млн-гьеб буго гьел киназго туснахъалъур ралел къоязул гIаммаб къадар.
48% –гьеб буго Советияб заманаялъул репрессиял жидеда рихьизе рес бугин рикIкIунел Россиялъул гIадамазул къадар.