Дунял тарихазулъ
9977-гьеб буго дунялалда тIад бищунго халатаб Китаялъул Иву шагьаралдаса Испаниялъул Мадридалде маххул нухалъул халалъи. Гьеб буго Китаялъул ЦIияб Дарайдул Нухалъул проекталъул бутIа.
45-гьеб буго дунялалда холелщинал лъималазул ракъун хваразул процент.
35-гьеб буго дунялалда психологияб букIа яги жинсияб букIа жал жидеда тIад гьабулел руччабазул процент. Цо-цо улкабазда гьеб 70% бахунеб буго.
615 млн. доллар-гьеб буго Туркиялъул президент Ражаб ТIагьиб Эрдогъанил цIияб кIалгIаялъул багьа. Гьениб буго 1000 рукъ.
93-гьеб буго Киевалъул Майданалда халкъалъ Украиналъул президент Виктор Янукович парламенталъул хIукмуялда рекъон нахъе рехизегIан рарал къоязул къадар.
Дагьалдаса босун, 846000 доллар щола щибаб къойил «Исламияб пачалиахъ» абулеб экстремистияб къукъаялъе нартихъ.
0 –гьеб буго, Россиялъул Централияб Банкалъул баяназда рекъон, улкаялъул экономикаялъе 2015 соналда щвезе бугеб хайир.
9-гьеб буго 1939 соналъул 17 ноябралда Германиялъул оккупациялде данде рахъарал чехазул студентазул нацистаз чIваразул къадар. 50 соналдасан гьел ракIалде щвезаризе къватIибе халкъ бахъараб демонстрациялъ рачана Чехословакиялда коммунист режим реххиялде ва революциялде.
89-гьеб буго киданиги интернеталдаса пайда босичIел пакистаниязул къадар.
88 млрд. доллар-гьеб буго G20 гъорлъе унел улкабаз щибаб лъагIалица газ, нарт, тIурчIчIи бахъулел бакIазул цIех-рех гьабизе харж гьабулеб гIарац.
9.150.000-гьеб буго Дунялалъул ТIоцебесеб рагъда хварал, лъукъарал, асирлъуде ккарал яги риларал Россиялъул аскариязул къадар. Россиялъул Империялъ гьеб рагъде битIун букIана аскариязул бищунго цIикIкIараб къадар.
5-гьеб буго официалияб куцалда коммунистияллъун жалго рикIкIунел улкабазул къадар: Китай, Куба, Лаос, Вьетнам ва Шималияб Корея.
100.000-гьеб буго 1961-1988 соназда гьоркьоб ГДРалдаса магърибалъул Германиялде лъутизе хIаракат бахъарал гIадамазул къадар. Гьезул 600 чи чIван вукIана гIурхъи бахунаго.
3300 млн.-гьеб буго дунялалдаго диван къотIизегIан туснахъ гьарурал гIадамазул къадар. 660 млн-гьеб буго гьел киназго туснахъалъур ралел къоязул гIаммаб къадар.
48% –гьеб буго Советияб заманаялъул репрессиял жидеда рихьизе рес бугин рикIкIунел Россиялъул гIадамазул къадар.