Низам цIунулезул хIукмуялда рекъон щуго сордо-къоялъе къалеб бугин Гендерил тоннелилан лъазабун букIана Жанисел ишазул министерлъиялъ 17 абилеб сентябралъ.
Тоннель къаялъе гIиллалъунги ккун буго 17 сентябралда Буйнакск ва Унсоколо мухъалда хасал тадбирал тIоритIулел рукIин. Генуб росдада аскIоб бугеб гьитIинабго Временный абураб бакIалда тIобитIулеб хасаб операция жакъа къоялъги лъугIун гьечIилан лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.
Гендерил тоннель кколеб буго федералияб кIвар бугеб нухлул бутIалъун. Халатбахъараб цIигьабиялда хурхун гьарулел хIалтIаби лъугIун хадуб 2012-абилеб соналъ рагьана тоннель.
Гьенисан нух рагьигун Унсоколо, Хьаргаби, Хунзахъ, Болъихъ, Гумбет, Шамиль, ЛъаратIа, ЦIумада, ЦIунтIа, ГIахьвахъ, БежтIа мухъалъул гIадамазе гIемер бигьалъана гIодоблъиялде хьвадизе. Ахираб щуго къоялъ, нух къан букIиналда бан, киналго гьел мухъазул автотранспорт хьвадулеб буго Лаваша мухъалдасахун. Гьенисан ругел нухазул хIалги цIакъго къадараб бугилан абулеб буго гIадамал раччун Хунзахъе нахъе хьвадулев ХIусейнов МухIамадица.
Унсоколо мухъалдаса МухIамадов Рашидица бицана жив шагьаралде азарханаялде эмен вачун унеб мехалде рагьилин тоннель абун хьул букIанилан, амма жеги рагьичIин. Гьединго гьенир ругел рагъулазулги щибго гIадамазулъа жого хутIун гьечIилан, гьесул рагIабазда рекъон, рагъулал цIакъ согIго, щибго адаб гьечIого кIалъалел руго гIадамаздехун. Гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.
Рашид МухIамадов: « 6 къо буго тоннель къан. Гьенисан хьвадулаан 7-8 районалдаса гIадамал. Временный поселок сверун къан букIиналъ къан буго гьеб. Гьеб Временный абураб бакI буго гьитIинаб бакI. Гьеб асаргIан бакI сверун къан букIиналъ къан буго нух. Гьебго заманаялъ Генуре гIадамал хьвадулел руго. Кида гьеб рагьилебалеги лъалев чи гьечIо»
МухIамадовас гьединго бицана , гьеб бакI сверун ккун бугила 9000 гIанасел рагъулаз. Амма гьеб хIалалъ кIвар кьезе кколеб бакI гьечIила гьеб, щайгурелъул гьениб гIицIго 4 гIемертIалаяб минаги цо чанго рукъги гурого гьечIелъул.
Экспертазул пикруялда Временный бакIалда хасаб операция тIобитIи буго чIобогояб гIилла, тоннелалъусан хьвади къаялъе ругила батIиял гIиллаби , Дагъистаналъул бетIерасги кIвар кьезе ккелила, низам цIунулез гIадамазе гьабулеб бугеб квекIеналдейилан рикIкIунеб буго гьез.