Дагъистаниязе «хIикматаб» улкаялъул асар

Дагъистан - Коррупциялде данде тlобитlулеб митинг, Махlачхъала, 04Oкт2011

Дагъистаналда ахираб заманалда тIоритIулел митингал ялъуни гIадамал рикъиялде данде рукIуна ялъуни коррупция тIагIинабигун ракьалъул суалазда хурхарал рукIуна. Гьеб кIиабилеб магIнаялъул митингазда гуржиязда кумек гьарарал ахIиялги рукIунин хъвалеб буго «Регнум» сайталъул редактор хисулев Константин Казениница гьал къоязда кьураб макъалаялда.
Шималияб Кавказалда щай цIикIкIунеб бугеб Гуржиялъул асар? Гьединаб цIаралда гъоркь Регнумалда гьал къоязда кьураб макъалаялда гьелъул автор Константин Казениница абулеб буго Гуржиялъул хIакъалъулъ лъалеб гIемераб гьечIониги Шималияб Кавказалъул халкъазда, хасго дагъистаниязда гьеб цо кинабалиго хIикматаб улкалъун бихьулеб бугин, гьедин гьелдехун цIайиги цIикIкIунеб бугин. Гьес хъвалеб буго гуржияз дагъистаналъул интеллигенциялъе асар гьабулеб бугин, Тбилисиялде конференциязде гьел ахIулел ругин абун.

Эркенлъи Радио: Биччанте интеллигенция Тбилисялда конференциязда гIахьаллъизе. Интеллигенциялъул дагъистаниязе жакъа кинаб асар бугеб? Жакъа Дагъистаналда жамгIияталъе асар гьабулеб буго кверщелгун гIарацги кодоб бугеб нахъа къуватги бугел гIадамаз.

Константин Казенин: «Дица хъвараб макъалаялда Гуржиязул ишазул бицунеб гьечIо. Хасго гьелъул аслияб бутIаялда. Амма гуржияз гьабулеб бугелда сверун гьенибги абуна дица, гьанжеги абила, гьез дагъистаналъул интеллигенциягун хIалтIи гьабулеб буго. Гьелъие батIи-батIияб кьезе бегьула къимат, амма гьединаб хIалтIи гьабулеб буго».

Эркенлъи Радио: «ГуржиязгIан кIудияб гурони гьабулеб гьечIищ Россиялъ Дагъистаналъе асар? Кремлалдасан чваххулеб бюджеталъул иццуда кIал чIварал дагьалищ ругел республикаялда гIамадал? Щай Кремлалде мугъги кьун Тбилисиялдехун гьел руссине кколел?»

Константин Казенин: «Дун гIемер кIалъана Дагъистаналда ругел батIи-батIиял багъа-башариязул вакилзабигун, активисталгун. Гьез бицаралдасан дида бичIчIана жидеца ахIи балеб бугеб улкаялъул хIакъалъулъ гьезда абизегIанасеб жо лъалебцин гьечIолъи. Гьеб гьезие цо кинабалиго символлъун бугин абизе бегьула».

Эркенлъи Радио: «Дуца макъалаялда хъвалеб буго Дагъистаналда тIоритIарал цо-цо митингазда рукIанин «Гуржия, кумек гьабе нижее демократия гIуцIизе!» абурал игIланалин. Щай халкъалъ гьезде ахIи балеб бугеб? Гуржиялъ коррупция тIагIинабиялъул ва эркенал информалатал рукIинариялъул мисалалдай бихьизабураб дагъистаниязда?»

Константин Казенин: «Дица бицен гьабулеб проблема халкъаздагьоркьосеб проблема гуро, гьеб россиялъул проблемацин гуро. Гьеб буго гьеб региналъул проблема. Гьебги жибго регионалда-Дагъистаналда жанир ругел рагIалде рахъинчIел суалаз бижизабураб. Гьенисан бижараб буго хIикматаб улкаялъул идеяги».

Эркенлъи Радио: «Гуржияца къабул гьабуна Паччаясул Россиялъ чергесазе геноцид гьабун букIанин абураб пакт, гуржияца рагьана кавказиязе визаби гьечIого эркенго ине-рачIине жидерго гIурхъаби, гуржиязул парламенталда буго Кавказалъул политикаялда сверун хасаб комитетцин. Кинаб бугеб Шималияб Кавказалда Гуржиялъул политика?
Щай Россиялъул цо-цо журналистазул бижун бугеб Гуржиялъ Шималияб Кавказалъе ва хасго Дагъистаналъе асар гьабулеб бугин абураб пикру? КьучI гьечIел ругин абизе бегьулищ гьединал лъазабиязда?»

Гьел суалал нижеца кьуна Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалъул мухбир Коба Ликликадзее.

Коба Ликликадзе

Коба Ликликадзе: «Кремль хIинкъула киналъукьаго: Гуржия лъидаго бачIеб букIиналъукьаги, НАТОялде гьеб лъугьиналъукьаги, мадугьалихъ ругел кавказалъул халкъалгун лъикIал гьудуллъиялъулал бухьенал чIезарулел рукIиналъукьаги. Гьел халкъалгун абуни, Гуржиялъул кидаго рукIана лъикIал гьоркьорлъаби. Тбилисиялъул Университеталда букIана кавказалъул мацIазул факультет. Гьенире цIализе рачIунаан мадугьалихъ ругел республикабаздаса Чачаналъа, Гъалгъаялъа (Ингушетиялдаса), Дагъистаналдаса гIолилал.

Гуржия кидаго букIана кавказалъул халкъазе культурияб центрлъун. Кинаб букIаниги кIудияб политика гьел гьоркьорлъабазулъ гьечIин ккола. Амма 2008 соналъул августалда букIараб рагъдаса хадуб Тбилисиялда ва Кремлалда гьоркьор гьечIо кинал рукIаниги бухьенал.

Гьебго заманалда Шималияб Кавказалъул регионазадаса гIадамазул цIайи цIикIкIунеб буго Тбилисиялдехун. Гьеб бихьун батила Россиялъ Гуржиялде данде чIараб политикаялъул сценарий гIуцIулеб ва Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб букIиналъул гIайиб гьелда гьабулеб бугеб.

Кавказалъул халкъал гIагарлъизе бегьиялъул бицунел гIелмиял конференциязул кинаб хIинкъи букIине рес бугеб? У, гуржияз къабул гьабуна чергесазе Россиялъ геноцид гьабун букIанин абураб пакт. Амма гьеб кинго данде кквезе бегьуларо Россиялъ гьеб регионалъул сепаратистиябин рикIкIунеб букIараб республикаялда гьабуралде данде.

Гуржиялъ Шималияб Кавказалъул регионалда кинал рукIаниги къуватазул рахъ ккун гIарац бичIчIалеб бугин кин абилеб жибго Гуржиялъул гIарац гьечIеб мехалда. Дагъистаналъул, Чачанлъиялъул, Гъалгъаллъиялъул территориялда ругищ гуржиязул аскарал? ГьечIо. Гьаниб абизе бегьула гIицIго цо жо- Гуржиялъ хIаракат бахъулеб бугин жиндирго тарихияб роль хIазейин».

Шималияб Кавказалъул республикабаздаги бихьулеб бугелъул хаос, гражданияб рагъ, коррупция ва гIодобе ккараб экономика букIараб Гуржиялда гьанже кинабго хисун букIин.

Ликликадзел пикруялда мадугьалихъ ругел республикабазда парахалъи бугонагIан ва гьел церетIурал ругонагIан лъикI букIине буго Гуржиялъе. Щайгурелъул, чIечIого кьвагьиял рукIунел ва гьитIинал ругониги рагъулал тунка-гIусиял камулареб бакIалъан мадугьалихъеги асар щвечIого хутIуларелъул.

Коба Ликликадзе: «Дида лъаларо гьев эксперт, лъаларо кинал бербалагьиязул чи гьев вугевали, амма гьес бицунеб цIакъ релъараб буго Кремлалъул официалияб позициялда.

Мадугьалихъ бугеб улкаялъ демократияги цебетIезабулеб бугони, эркенал инфоралатазе нухги рагьулеб бугони, базаралъулаб экономикаги гIуцIулеб бугони цогияздаги гьеб кинабго бихьиларищха. Гуржиялъ кинабго букIине кколедухъ бугин дица абиларо, амма Жанубияб Кавказалъул цоги республикабазде дандеккун-Гуржия бетIералъ тIокIаб буго. Гьебго заманалда гьенир жеги тIурачIел суалалги хутIулел руго.

Гуржиязул гIемерал гIолилал балагьула магърибалъухъ. Шималияб Кавказалъул республикабаздаги бихьулеб бугелъул хаос, гражданияб рагъ, коррупция ва гIодобе ккараб экономика букIараб Гуржиялда гьанже кинабго хисун букIин. Цебе гьениса чачанал нахъе лъутулел рукIун ратани, гьанже гьезие бокьун буго тIадруссине.

Гьелъухъ балагьун Россиялъ гIуцIизе ккола Гуржиялде яги Кавказалде данде жиндирго версиял. Биччанте гьезги гIурхъаби рагьизе. Гьеб мехалда гIемерал гуржиял ине руго гьезул демократиялъухъ балагьизе. Гуржиялъ Шималияб Кавказалда гьабулеб бугеб гьабизе Россиялда лъица толеб гьечIеб?

Зачисткабазул, хасал операциязул, гIадамал рикъиялъул бакIалда кье Россиялъги гьел республикабазе культурияб рахъ цебетIезабизе рес. Демократия щиб жо кколебали бихьизаби гурони Гуржиялъ щибго гьабулеб гьечIо. Россиялда абуни, цо щив вукIаниги хIинкъун ватизе рес буго гьезие «тушманаб демократиялъул» лъица букIаниги импорт гьабизе рес букIиналдаса».

Гьединаб баян гьабуна Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалъул мухбир Коба Ликликадзеца Шималияб Кавказалда Гуржиялъул асар цIикIкIиналда сверун суал рагьулаго.