Гуржиялъул маххул нухаздасан
ТIубараб къоялъ Тбилисиялда гIурччинлъи биччизе ун рукIарал руччаби росулъе тIадруссунел руго.
Цхинвалалъул мухъ. Росдадаса чанго километралъ рикIкIад бугеб иццухъа лъимги босун рачIунел руго руччаби.
Тбилисиялда хасалил сордо
Боржомиялъул кIкIалахъан унеб поездалъул гордухъан валагьун вуго вас.
Тбилисиялдаса Кутаисиялде унеб поездалда рекIарал.
Хасалил сордоялъ шагьаралъул рагIалда.
Уплисцихеялда аскIосан унеб поездалъусан ралагьарал гIадамал.
2008 соналда Россия Гуржиялде бачIаралдаса заманаялъ гIадамал гочинарулел рукIараб бакIалда аскIосан бахъараб пассажирасул сурат.
Тбилисиялда рехун тарал поездалги хъалиян цIалев чиги.
Маххул нухда бугеб басриябго минаялъуб гIумру гьабулеб хъизан – кьера-кьераб махх бакIарун бетIербахъи гьабулеб буго гьез.
Руставиялда рехун тараб маххул нух.
Боржомиялдасан Тбилисиялде нуеб поездалъул гордухъан паркъун унеб нух.