"Гуржиязул анищ" анищалде щвана

Парламенталъул рищиязда бергьараб "Гуржиязул анищ" коалициялъул лидер, миллиардер Бидзина Иванишвили. 02Окт2012

Цереккунисел хІассилазда рекъон, гуржиязул парламенталъул рищиязда бергьунеб буго «Гуржиязул анищ» абураб коалиция. Лъазабиязда рекъон, гьелъие щун рагІуна гьаркьзул 50-гІанаб процент. «Цолъарал миллияб багъа-башари» абураб нухмалъиялъул партиялъе щун буго 40-гІанаб процент.
Гьанже нухмалъиялъул партия буссунеб буго оппозициялде. Гьединаб лъазаби гьабуна халкъалде хитІаб гьабулаго партиялъул лидер ва улкаялъул президент Михаил Саакашвилица.

Михаил Саакашвили: «Цолъарал миллияб багъа-башари» гьанже унеб буго оппозициялде. Ахирисеб микьго соналъул икъбаллъун ккола «Розабазул революция». Гуржиязул гІемерал гІасрабазул тарихалда жаниб гьеб революция ккола цІакъ кІвар кІудияб хІужжа. КІвар кІудияб хІужжа гьеб ккола гьединго тІолабго дунялалъеги. Дир ракΙ чІараб буго, гІагарисел моцІазда букІа, соназда букІа, щиб кканиги, кинал хІинкъиял церечІаниги, гьелъул бергьенлъиял хвезаризе бегьулареблъиялда.»

Саакашвили мукІурлъана гьел рищиязда миллиардер Бидзина Иванишвилица нухмалъулеб «Гуржиязул анищ» абураб коалиция бергьунеб букІиналда. Цереккунисел хІассилазда рекъон, гьесул гІуцІиялъе щун буго гьаркьазул 50-ялдасанги цІиккун процент. Саакашвилил партиялъе - 40-гІанаб процент. ХутІарал политикиял гІуцІиязе щун рагІула гьаркьазул лъабгоялдасанги дагь процент.

150 бакΙ бугеб гуржиязул парламенталде претенденталлъун ккола І6 партиялъул гІахьалчагІи.

Гьаркьал кьеялда хадуб хал ккун букІун буго 62 азарго гуржиязул ва І600 къватІисел пачалихъаздасан тоххалчагІаз. Гьезда гъорлъ вукІун вуго Чехиялдасан публицист ва дипломат Ондржей Соукупги. Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, гьес абун буго гуржиязул рищиял ракІбацІадал ва ритІухъал рукІанин абизе бегьулин жибго гьаркьал кьолеб къо ракІалде босаниян. Амма рищиял халатаб процесс букІин хІисабалда босани, абизе бегьулин оппозициялъе агитация гьабиялъе кІвекІенал рукІанин, телеэфиралъул рахъалъанги оппозициялъул захмалъаби рукІанин. Амма хІинкъиял загьир гьарулел рукІаниги, къанунал хвезариялъул инцидентал гьаркьал кьолеб къоялда дагьал рукІанин, риккунеб буго тоххалчияс.

ОБСЕялдаса, ПАСЕялдаса, Европарламенталдаса ва НАТОялдасан тохалчагІаз талат къоялда тІибитІизабуна цадахъаб лъазаби. «Гуржиялъ кІвар кІудияб гали гьабуна демократиял рищиял тІоритІиялъе, амма цо-цо кьучІиял суалал рагІалде рахъинариялъул масъалаби хутІулел руго» - ян абулеб буго лъазабиялда.

Парламенталъул аслияб политикияб къуваталъухъе кватІичІого щвезе бегьула нухмалъиялъул киналго ресал. 2013 соналда улкаялда хІалтІизе байбихьулеб буго цІияб редакциялда гъоркь бахъараб Конституция. Гьелда рекъон, Гуржи президентасул республкаялдасан буссунеб буго парламенталъул республикаялде. Пачалихъазул бетІерасул тІадкъаял гІуралъ дагьлъизаризе руго. ХІакъикъаталдаги пачалихъалъул тІоцевесев хъулухъчиясде вуссунев вуго премьер-министр. Гьевин абуни, тІамизе колев вуго парламенталъул аслияб коалициялъ.

Михаил Саакашвилил президент хІисабалда кІиабилеб ва ахирисеб болжал лъугІунеб буго хадусеб соналда. Иванишвилица лъазабуна, жиндие бокьун бугин цебесеб соналда жинхъа бахъараб гуржиялъул гражданлъи нахъ буссинабун, премьер-министрлъун вахъинеян.

Талат къоялда миллиардерас гьединго лъазабуна, жинца рахъ кколила НАТОялде ва Евроцолъиялде гъорлъе улка лъугьиналъул хІаракаталъул. Гьелдаго цадахъ жинца гІамал гьабизе бугин Россиялъулгун гьоркьорлъаби рукІалиде руссинаризеян, жубалеб буго гьес.