Гуржияз мадугьалзабазде мугъ рехуларо

«Гуржиязул анищалъул» лидер, миллиардер Бидзина Иванишвилица къватΙисеб политикаялъул приоритетазул бицунаго кΙвар буссинабулеб буго улкаялъ Европаялде ва НАТОялде интеграция гьабиялъул курсалдаса инкар гьабизе гьечΙолъиялде. Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго Россиялъулгун гьоркьорлъабиги рукΙалиде рачине гΙамал гьабизе бугин.
Кинал рукΙине бегьулел гуржиязул цΙияб нухмалъиялъул гьоркьорлъаби регионалда мадугьалзабигун, хасго Шималияб Кавказалъул республикабазулгун? Саакашвилил командаялъ ахирисеб заманалда гΙемер хΙалтΙи гьабулеб букΙана Шималияб Кавказалъул республикабазулгун гьуинлъи гъварилъизабиялъе. Мисал хΙисабалда политологаз рехсолеб букΙуна чаркессазул геноцид букΙин къабул гьаби, Шималияб Кавказалъул гΙадамазе визаби гьечΙого гуржиялъе нух рагьиялъул ва цогидаб. Кавказалъул халкъазул конфедерациялъул нухмалъулев Саал Касрелишвилица абулеб буго, цΙиял шартΙазда гьел гьоркьорлъаби тΙадеги лъикΙлъизе ругин. Аммаян абулеб буго гьес черкесазул суал кколирила гΙицΙго Саакашвилил командаялъул галиян.

Саал Касрелашвили,Кавказалъул халкъазул конфедерациялъул нухмалъулев

Саал Касрелишвилица: "Черкессазул геноцид букΙиналъул хΙужжа къабул гьаби, парламенталда гьоркьоб лъун юридикияб къагΙидаялда тасдикъ гьабигурони, гьеб кколаро Саакашвилица ва гьесул нухмалъиялъ гьабураб гали. ХΙакъикъаталдаги гьеб букΙана гуржиязул халкъалъе бокьараб гали. Гьеб букΙана кавказалъул халкъазул анищ. ТΙоцебе Кавказалъул халкъазул конфедерациялъ къабул гьабуна черкессазул геноцидалъул хΙужжа, хадуб нижедаго цадахъ цогидал жамгΙиял гΙуцΙиязги загьир гьабуна гьеб идея. Гьебго мехалда нижер къадру Кавказалда гΙодобе ккезабиялъул ва жиндирабго цΙиккинабиялъул мурадалда улкаялъул нухмалъиялъ инициатива жинхъего бахъана. Дир пикруялда, Саакашвилица гьеб гали живго ургъун гьабураб гьечΙо.»

Касрелашвилица абуна жинда мухΙканго лъаларила гьанжеги кинаб къагΙидаялда цΙияб нухмалъиялъ регионалияб политика загьир гьабизе бугебали. Амма жиндир ракΙ чΙараб бугила, Иванишвилил командаялъ лъикΙаб нух бищизе букΙиналдайила.

Саал Касрелишвилица: «Щиб гьабизе бугеб букΙинесеб нухмалъиялъ гьанжеги баянаб жо кколаро. 20 октябралда букΙине буго цΙияб парламенталъул тΙоцебесеб данделъи. Гьеб мехалда баянлъизе буго гуржиязул цΙияб нухмалъиялъул регионалияб политикаялъул курс. Амма кин букΙанинги, дида ракΙ чΙун абизе кΙола, Шималияб Кавказалъул, Армениялъул, Азербайджаналъул халкъазулгун гьоркьорлъаби квешаб рахъалдехун хисуларо. ГΙагсалда гьеб хисизе буго лъикΙаб рахъалдехун. Щай? Щайгурелъул гьанжелъезегΙан букΙаралде тΙаде жубазе буго гьединго экономикиял проекталги. Гьел проектал гΙумруялде рахъинаризе руго цадахъго. Чанго проекталдани дунгоги гΙахьаллъулев вуго.

КΙудияб жавабчилъи тΙаде босун, дида кΙола абизе, регионалияб политикаялъул, ай, Кавказалъул политикаялъул гьоркьорлъаби лъикΙлъизе ругин. «Кавказалъул политика» абулеб мехалда, гьеб ккола ЧΙегΙараб ва Каспий ралъадазул бассейназул цадахъал проектал ва социалиябгун экономикиял гьоркьорлъаби абураб. Гьеб политикаялъул курс букΙине буго хурхараб регионалда рекъел ва парахалъиялда чΙезабиялда. Гьеб щула гьабизе буго цохΙо рагΙабигун конференциялдалъун гуребги, мухΙканал экономикиял проектал гΙумруялде рахъинариялъул къагΙидаялдаги. Нижер гьанждеялдего руго жамгΙиял, экономикиял ва маданияталъул проектал.»

Касрелишвилица кΙвар буссинабулеб буго Кавказалъул регионалда хурхун къватΙисел пачалихъазул ругел интерсаздеги. Гьес абулеб буго гьел къватΙисел рахъаз жидерго интресал гΙумруялде рахъинарулем мехалда гьезда кΙочоне тезе бегьуларила бакΙалъулал хΙалкъазул интересал.

Саал Касрелишвилица: «Кавказалда хурхарал гΙемер интересал руго батΙи-батΙиял пачалихъазул. Руго Кавказаллда хурхарал Магърибалъул интересал, руго Кавказлда хурхарал интересал Россиялъул. Руго исламалъул интересал Кавказалда, руго Европаялъул, руго Азиялъул. Кавказалъул халкъазул конфедерациялъ суал лъолеб буго «Кир ругел гьел сияхΙазда кавказалъул халкъазул интерсал?» абураб. Жидерго пачалихъазул Кавказалда ругел мурадазул бицунеб мехалда, нилъеца тΙоцебе суал лъезе ккола, данде кколищ гьезул мурадал нилъеразде абун. Гьеб гьедин батани, бегьула гьоркьорлъаби гΙуцΙизе ва гьел щулалъизаризе. Гьединаб буго нижер гΙуцΙиялъул мурадги."