Чиатураялъул кварил нухал

Чиатура  

Реваз Ачвадзе кварил нухдасан унеб къалинивги рукlун унев вуго рокъове  

 

Станциялда жанир пассажирал

Шагьаралъул бакьулъа марганец бахъулеб магlданалде щвезегlан унеб "Рекъел" абулеб трамваялъул гордухъан хъалиян бухlулев чи. Магlданал рахъулел компаниязул буголъилъун кколел трамваязда эркенго гlадатиял гlадамалги рекlине бегьула.   

Чиатураялъул кварил нухазул аслияб станция.

Трамвай бачlинегlан чlарал.

Чиатураялъул магlданал рахъулел советияб заманаялъул плакаталда.   

Гlурул гамачl cокlкlун Ленингун Сталинил сипатазул мозаика. Гьеб буго Чиатураялъул аслияб станциялда. Бицен буго пачаясул полициялъухъа лъутун революционер Сталин Чиатуриялда вахчун вукlанин.  

Чиатура рагlалда бугеб марганецалъул завод. Гьеб хlалтlула сордо-къоялъ чlечlого.  

Оператор

 

Ракьалдаса 150 метралъул борхалъула унеб трамвай.  

Квирила гlуруда тlасан  

Станциялда пассажирал рачlинегlан чlарай оператор.  

25 трамваялъул кабинаялда жаниб бугеб телефон.

СССРалъул заманаялда гьабураб 25-билеб трамвай чlечlого хlалтlулеб буго 1954 соналдаса нахъе. Гьеб хисизе буго 2014 соналда.

Цо-цо нухазда гьечlо кабина чlезабулеб система. Кваралдаса хъущтlани кабина гьеб cтанциялде щвезегlан хъамизе буго. Гьедин ккун букlана Тбилисиялда 1990 соналда. Гьеб мехалда хун вукlана 20 чи. Нух жидедасан цlарал кваразул цо метралъул бакlлъи буго 12 килограм.  

25-билеб трамвай 1950 соналдаги жакъаги.

Трамваял 1960 соналдаги 2008 соналдаги.