Гьал къоязда магIарулаз гIумру гьабулеб Гуржиялъул Къварел мухъалде щун рукIана аваразул миллиябгун культурияб автономиялъул вакилзаби. Сапаралъул аслияб мурад букIанин Къварел мухъалда бугеб лъабго росулъ магIарул мацI малъиялъе хIажатал тIахьал гьезухъе щвезариян бицана рехсараб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца. Гьединго гьев ккола Дагъистаналда биччалеб «Новое Дело» газеталъул бетIерав редакторги.
Сапаралда Маркъода цадахъ гьединго вукIана Къварел мухъалдаса Бадрудин Ибрагьимовги. ГьабсагIат Дагъистаналде гочун рачIарал гуржиязул жамгIияталъул цевехъан ккола гьев. Маркъоца бицана ЭР-ялъе цебесев нухалда гуржиялъе щведалги лъалел-хъвалез бицен гьабун букIанин жинда Къварел мухъалда ругел Тиви, Гургин росу ва Росохъ абурал лъабго росдал школазда лъималазда магIарул мацI малъизе гIурал тIахьал гьечIилан, ругелги тIутIу-хъухъун хIалтIизаризе бегьиялдаса ун ругин.
Россиялдаги Грузиялдаги гьоркьор ругел политикияб ахIвал -хIал сабаблъун, Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялдаса гьел тIахьал тIалаб гьабизеги рес букIинчIин. Гьединлъидал тIахьал щвеялъе хасав чиясул кумек хIажат букIанилан бицана Маркъоца, гьелъие квербакъи гьабун буго Хасfвюрт шагьаралъул нухмалъулев Сайгидпаша ГIумахановас. Гьединго аваразул миллиябгун- культурияб автономиялъул президиумалъул нухмалъулевги ккола гьев.
Маркъо ШагIбанов: «ТIоцебесеб классалдаса 11-абилеб классалде швезегIан цIалдохъабазе тIахьал швезаруна нижеца гьенире. Гьел къваригIун рукIана, щай абунани гьеб лъабабго росулъ рукIинчIо гьанжелъизегIан цониги сахаб магIарул мацIалъул, я адабияталъул тIехь. Ругелги тIутIун ун пайда босизе бегьиялдаса ун рукIана, гьелъ тIахьазул ксерокопия бахъун гьелдаса мунпагIат босулеб букIана гьез. Цевесев нухалда гьениве шведалги букIана жамагIаталъул гьари, цIалуе хIажатал тIахьал швезе рес букIинарищан. Батана гьелъие рес, Сайгидпаша ГIумахановасул кумекалдалъун гьел тIахьал щвана Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялдасан».
ГIицIго миллиял мацIазул тIахьал гьечIеблъи гуребги рехсараб лъабабго щколазда гьединго гIолел гьечIин магIарул мацI малъизе махщел камилал мугIалимзабигиян абуна Маркъоца хадубги. Гьединлъидал ракIалда бугин бачIунеб соналдегIаги Дагъистаналъул пачалихъияб, педагогикияб университет лъугIарал мугIалимзаби гьенире ритIизе. Гьеб суалалда жаниб захIмалъи дандчIваларин кколин жинда.
Гьединго гьеб сапаралда борхараб цойги кIвар бугеб масъалаялъулги бицана гьес хадубги. ТIадехун рехсараб лъабго росулъ рагIуларо жакъа къоялъ гIадамазе рузманалул как базе санагIалъи бугеб цониги мажгит. 1957 соналъ Чачаналдаса гьел гочинарун хадуб росулъ мажгит базе Совет хIукуматалъ гьукъун букIараблъиги киназдаго лъалеб жо кколелъулха. Хадуб 90 -абилел соназда киса- кирего мажгитал разе байбихьидал гьениб бачIого хутIун буго, гьел гьениса Дагъистаналде гочинариялъул хабар баккун букIиналда бан.
Маркъо ШагIбанов: «ГьабсагIат гьениб мажгиталъе хIалтIизабулеб мина буго хабалазул бакьулъ. Исламалъ бицунелда рекъон нилъеда лъала мажгит хабалазда жаниб букIине бегьулареблъи. Гьединлъидал хIукму ккана лъабабго росдае жамагIат гьабун рузман как базе Тиви росдал бакьулъ цIияб кIудияб мажгит базе. Гьелъие хIажатал шартIалги руго, гьединго руго гьелъие кумек гьабизе бокьарал чагIиги-Туркиялда ва Дагъистаналда ругел магIарулал. Гьеб базе ракьги, хIажатал кагъталги тIалаб гьабиялда тIад хIалтIиги байбихьун буго. Хьул буго хасалиде цIияб мажгиталъе кьучI лъезе».
Гьаниб тIадежубазе ккола Азерабайджаналде гъорлъе унел магIарулазул Белокан ва Закатала мухъазде дандеккун балагьани, Къверел мухъалда ругел магIарулал ккола аслияб куцалда Дагъистаналдаса гьенире гочинарурал наслуялъул чагIи.
21 августалда Тиви ва Гургин росулъ кIодо гьабизе бугин росдал къойилан бицана Маркъоца хадубги. ГьанжелъизегIан рехсараб росулъ гьединаб кIудияб тадбир тIобитIун букIинчIин. Гьанже гьеб тIобитIиялъе гIиллаги бугин Чачаналдаса гьел гьенире гочинаруралдса августалда 55 сон тIубалеб букIин.