Рожоца гьаризе толарел лъимал

Россиялъул Пачалихъияб Думаялде хал гьабизе босун буго ражи кванаялъе гIурхъаби лъезе бугеб «Ражи кванаялъул хIасилаздаса гIадамал цIуни» абураб къануналъул проект.

Гьеб документ гьанжеялде лъун буго гIарзабазул хал гьабулеб сияхIалда ва битIун буго Думаялъул спикерас гIулбасизе. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул вебсайтаз.

Гьеб проекталъул автор ЛДПРалъул франциялдаса Сергей Ивановас бичIчIизабулеб буго гьеб бугин «чиясул сахлъи ва инсанасул сверухълъи» гIадинал къочIолал ихтиярал цIунизе гIуцIараб документин.

«Ражиялъул букIунеб квешаб махI сабаблъун Россиялда щибаб лъагIалица гьабулеб гьечIо чанго нус-нус лъимер», ян хъвалеб буго гьес документалда цадахъ букIунеб бичIчIикьеялъул кагътида.

Гьединго абулеб буго ражи кванарав ва ражидул махI жиндаса бачIунеб чиясда аскIов вукIине ккеялъ гIадатияв россиялъуласул гIумру 9 соналъ къокълъулеб бугин.

Гьеб «балагьалдаса» рорчIизелъун ражиялдаса эркенго пайда босиялъе гIурхъаби лъезе кколин абулеб буго проекталъул автораз, ай ражи цIункIизе, чIамизе, гьелъул махI сунтIизе гьукъизе рес буго. Авторазул пикруялда ражи кваназе бегьизе буго гIицIго хасал гьелъие рихьизарурал ва лъикIго гьури-муч чIвалел бакIазда. Гьединго гьезда лъикIаблъун бихьулеб буго культураялъул, лъай кьеялъул, сахлъи цIуниялъул идарабаздаги, поездаздаги, аэропланаздаги, жамгIияб транспорталдаги, лифтаздаги, вокзалаздаги, лъимал расандулел бакIаздаги, петераздаги, пачалихъиял идарабаздаги ражи гьукъизе.

Гьебго документалда рекъон ражи бичизеги гьукъизе рес буго хасал бакIада хутIизегIан. Гьеб бичизеги гьукъизе бегьула лъимадуе йигей ва лъимер хахулей гIаданлъе, культуралъул хIалтIухъабазе, хIукуматалъул хIалтIухъабазе ва 18 сон бачIел лъималазе.

Гьел тадбирал гIумурялде рахъинаруни ражи кванаялдасан рукIунел унтабиги дагьлъизе ругин, демографияб ситуацияги лъикIлъизе бугин, жамгIияталда моралиябгун психологияб ахIвал-хIалги лъикIлъизе бугин абулеб буго гьелъул автораз.