Гэллапил институталъ 148 улкаялда тІобитІараб цІех-рехалъул хІасил гьабураб докладалъул автораз кІвар буссинабулеб буго 2010 ва 2011 соназда тІолабго дунялда хІалтІи гьечІезул къадар бихьуледухъ хисичІого, 8 проценталъул даражаялда хутІун букlиналде.
ХІалтІигьечІолъиялъул бищунго борхараб даража буго ГІагараб машрикъалдаги Шималияб Африкаялдаги – 22 процент. Сахараялдасан жанубияб рахъалъул улкабазда 17 процент.
Гьеб рахъалъан захматал хІалалда ругел улкабзда гъорлъ рехсолел руго Жанубияб Африка, Ботсвана, Свазиленд, Иран, Ирак, Палестинаялъул территорияби. ХІалтІи гьечІезул бищунго гьитІинаб бутІа буго Азиялъул улкабазда. Гьениб хІалтІи балагьулезул щугогурони процент рагІунаро.
Гьеб рахъалъан захматал хІалалда ругел улкабзда гъорлъ рехсолел руго Жанубияб Африка, Ботсвана, Свазиленд, Иран, Ирак, Палестинаялъул территорияби. ХІалтІи гьечІезул бищунго гьитІинаб бутІа буго Азиялъул улкабазда. Гьениб хІалтІи балагьулезул щугогурони процент рагІунаро.
Гэллапил институталъул гІалимчагІаз гьединго кІвар буссинабулеб буго, жакъасеб дунялалда хІалтІи балагьизе бищунго гІолилазе захІмалъун букІиналде. Докладалда гьез рехсолел руго гьединазул 15 соналдасан 29 соналде щвезегІан гІелалъул гІадамал. Гьеб кколеб рагІуна – 15 проценталъул даража. Гьелдаго цадахъ 30 соналдасан 49 соналде щвезегІан гІелалъул гІадамазул хІалтІи гьечІого хутІаразул къадар 5 процентгурони рагІунаро. Гьелдаго релъараб даража бихьизабулеб буго гьединго 50ялдасан 69 соналде рахарал гІадамазда хурхунги.
ТІолабаго къоялъулгурел хІалтІабазда ругел гІадамазулги рагІуна аслияб къагІидаялда тІоцебесеб гьелалъул категориялдасан гІадамал. ГІолилазда хурхун Геллапил институталъул цІехх-реххчагІазул буго дагьалъ позитивияб пикру. Гьез хъвалеб буго, 50 – 69 соналъул гІелалъул категориялъул хІалтІухъабазде данде ккун гІолилазул хІалтІул къадру хІалтІикьолезе пайдаяб букІунилан. Гьеб кколила гІолохъанаб гІелалъ хІалтІул базаралда жидеего бакІ балагьиялъе хІаракат бахъулеб букІиналъул ишарайила.
Дунялалда щибаб лъабабилев, ай, 1 миллиардгун 100 миллион чиясул гьечІо хІалтІи яги гьес гІумру гьабун буго бищунго гІодобегІанисеб, мискІинлъиялъул даража тун квеш, язихълъиялда. Ай, къоялъе Цолъарал штатазул кІиго долларалдасан дагьаб гІарац хвезабун. Гьедин лъазабуна дагьалъ цебе Халкъазда гьоркьосеб хІалтІул гІуцІиялъул генералияв директор Хуан Сомавияца. Гьесги кІвар буссинабуна, бищунго гІемер хІалтІи щвечІого ва бугеб хІалтІиялдасан махІрумлъулел гІадамал гІолилал кколел рукІиналде. Гьесул рагІабазда гІолилазул лъабго нухалъ цІиккун буго шансал хІалтІи щвечІого хутІиялъул, гІелалъул цогидал категориязде дандеккун. Гьесул халкъазда гьоркьосеб идараялъул хІисабалда, хІалтІи камурал гІолилазул къадар дунялада бахунеб буго 75 миллион чиясде. ГІагарисеб І0 сонида жаниб дунялалъул жамгІияталъе рахІат хвезабулеб хІужжалъун хутІизе буго гІадамазда гьоркьоб ращалъи гьечІолъиялъул хІакъикъат тІадеги хІалуцІи ва хІалтІи камиялъул цІиккараб даража, хасго гІолилазда гьоркьоб. Гьедин лъазабулеб буго «Глобалияб рискал 20І2» абураб ТІолабго дунялалъул форумалъул докладалда.
Амма Риком Траст абураб инвестициязул компаниялъул кІудияв аналитик Владислав Жуковскияс Росбалт абураб сайталъе комментариял гьарулаго абулеб буго, хІалтІул бакІазул къадаралда хурхун Россиялда бугеб ахІвал гІуралъ квешаб бугила Росстаталъул бихьизабулеб ахІвал-хІалалдасанги. «ХІалтІулезул 11 проценталъул гІумрудул квербакъиялъул официалияб минимум - 6200 гъурщидецин бахунареб букІин, тІад релъаралгІадал харжал ракІалдеги росун, абизе бегьула хІалтІгьечІолъиялъул даража 17-ялдасанги цІиккун проценталъул бугилан. Гьелде тІадеги, харж цІунуларел гІодоркъоял, хІалтІи гьоркьоб къотІизаби яги тІолабго къоялъулгуреб хІалтІи риккани, гьелъул даража бахун букІине бегьула 20-ялдасанги цІиккун проценталъилан, лъазабун буго аналитикас.
Кинабха бугеб хІалтІи гьечІолъиялъул даража Дагъистаналда? Официалияб статистикаялда хурхинабун, республикаялъул бетІер МахІамадов МахІамадсаламица абулеб буго, хІалтІизе бажаралеб халкъалъул къадар босун хІалтІи гьечІолъиялъул даража республикаялда кколила 3 процент. Амма нилъер республикаялъул официалияб статистикаялде хІакъикъат данде кколеб букІиналда божулел гьечІо чанги политологал. Гьез риккунеб буго хІалтІи гьечІолъиялъул цІиккараб даража кколила республикаялда ва регионалда ярагъгун официалияб нухмалъиялде дандечІей загьирлъулеб букІиналъул аслияб багьанабазул цоябиланин.
Жийгоги анцІгогІанаб соналъ профессиялде данде кколеб хІалтІи гьечІого хутІун йикІарай Республикаялъул социалияб идараялъул психолог МахІамадова Зарипат:
«Базаразда аслияб къагІидаялда институтал лъугІарал чагІи руго. Тукабаздаги гьединалго руго. Шоферзабилъунги гІемер руго гьединал. Гьезул гІемерисезул тІадегІанаб лъай буго. Таксисталги, дида ккола, гьединал чагІи гІемер ругин. Руччабазеги щолеб гьечІо хІалтІи.. Пенсиялде унеб мехалдайищ щвезе кколеб хІалтІи?»