ГIарцуца талихI борцунаро

Цебесеб къоялъ нужер букIараб щуго лъикIаб ва щуго квешаб эмоция рехсезе кIолищан абураб суал кьун буго «Гэллап» абулеб жамгIияб пикру лъазабиялда сверун америкалъул институталъ дунялалъул I50 улкаялда гIумру гьабулел гIадамазе. Киналха рукIарал гьеб цIех-рехалъул хIасилал?
Дунялалдаго бищунго эмоциял дагьаб улка Сингапур ва бищунго эмоциял цIикIкIараб улка Филиппинал ругин бихьизабулеб буго гьеб цIех-рехалъ. Эмоциял гьечIезул сияхIалда кIиабилеб бакI кколеб буго Гуржиялъ, ункъабилеб Россиялъ. Гьединазда гьоркьор рехсолел руго Совет Союзалде гъорлъе унел рукIарал улкабазул цIикIкIунисел.
Эмоциял цIикIкIаразул сияхIалда цересел бакIазда руго Бахрейн, Оман, Колумбия, ЧилигIадал улкаби. Перу, Америка, Испания, ГIарабазул Цолъарал Эмиратал, Гватемала, ЭквадоргIадал улкабиги рагIула гьединал.

Ццим бахъи, стресс, пашманлъи, физикияб унти ва рахIат хвейгIадал квешал эмоциял ва хIухь бахъи, нужедехунго адаб, рекIее лъикIаб асар, гьими ва релъигIадал лъикIал эмоциял рукIанищ цебесеб къоялъ абураб суал кьолеб букIун буго Гэллапалъ.

http://www.gallup.com/poll/158882/singapore-ranks-least-emotional-country-world.aspx

Квешал эмоциял рукIанин бицун буго ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкалъул улкабазул гIадамаз. Палестиналъул гIадамазулгогIадин Индиялъулгун Туркиялъул гIадамазулги квешал эмоциял рукIин тIатинабун буго гьеб цIех-рехалъ.
ЛъикIал эмоциязул рахъалъ дунялалъулго лидерлъун ккун руго Латиназул Америкалъул улкаби.

Щибизе гьарун рукIарал гьел цIех-рехал?
Гэллапалъул хIалтIухъабаз рикIкIунеб буго гьединал эмоцияз бихьизабулин улкабазда жамгIияталъул хIакъикъияб ахIвал-хIал ва халкъалъул бечелъийин. Гьеб борцизе цебе гIадатияб куцалда хIалтIизарулел рукIарал жанисеб валовияб продукталъул проценталъги 40 сагIаталъулаб хIалтIул анкьалъги гIамасул эмоциязе кIудияб асар гьабулеб букIаниги хIакъикъаталдаги гIамасул ахIвал-хIал кинаб бугебали бихьизабуларин рикIкIунеб буго гьез.

ЦIикIкIун харж щолел гIадамазул эмоционалияб ахIвал-хIал гIарцуца пуланаб даражаялде щвезегIан гурони лъикIлъизабуларинги чIезабун буго Гэллапалъ.

Масала, экономикаялъул рахъалъ Нобелил премия щварав Америкалдаса Дэниэл Кэнеманида ва Пристоналдаса экономист Ангус Дитонида кIун буго чиясе лъагIалие 75 азарго доллар щолеб бугони, гьелде тIадеги щвараб гIарцуца эмоционалияб рахъалъе гьабулеб асар дагьаб букIунин абураб чIезабизе.

Гьеб контексталда дунялалдаго хIалтIи гьечIезул къадарги бищунго дагьаб, жанисеб валовияб продукталъул процентги кIудияб Сингапуралъул хал гьабураб мехалда бихьулеб буго гьеб улкаялъул халкъалъул лъикIал эмоциял абизегIан гIемерал гьечIолъи.

Жидерго гражданазул гIумру хадубги лъикIлъизабизе ракIалда батани Сингапуралъул хIукуматалъе лъикIаб букIинаанин гIадатияб куцалда экономикияб рахъалъе гуребги кIвар гIаммаб стратегиялъеги кьуниян рикIкIунеб буго рехсараб институталъул хIалтIухъабаз.

Гэллапалъ эмоционалияб хIалалъул цIех-рехал гьарун рукIун руго телефоналдасанги гIадамалгун дандчIванги. Суалал кьун рукIун руго щибаб улкаялда 15ялдаса цIикIкIун сонал ругел 1000гIан чиясе. ЦIех-рехалги гьарулел рукIун руго 2009-билелдаса 2011 соналде щвезегIан.
Гьел цIех-рехазда статистикалъул гIалатIазул процент бащдаялдаса ункъгоялде щвезегIан букIине бегьулин абулеб буго цIех-рехчагIаз.