РагIул эркенлъиялъе гIурхъи чIвазе буго

ФСБ-ялъул аслияб офис, Лубянка, Москва

Россиялъул хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул Федералияб хъулухъалда ракIалда буго улкаялъул киналго интернет сурсатазда ва социалиял сайтазда хадуб халкквей цIикIкIинабизе. Пачалихъияб Думаялъул халгьабиялде босун буго гьединаб къануналъул проект. «Вымпелком» гIадал интернет провайдераз ахIи бахъинабулеб буго гьеб къануналъ инсанасул ихтиярал хвезаризе ругилан.

Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун федералияб хъулухъалда ракIалда буго интернеталда бугеб информациялъул максималияб контроль гьабизе.

«Коммерсант» газеталъ хъвалеб буго хасал хъулухъаз дандбанин «Минкомсвязи» идараялъул буюриялъул проект ва гьелда рекъон, 2014 соналъул 1 июлалдаса нахъе киналго интернет-провайдеразда тIадаб букIине бугин интернет-трафикалда хадуб хал кколеб, гьеб хъвалеб ва 12 сагIаталъгIаги гьеб цIунулеб аппаратура босизе.

Гьедин хасал хъулухъазухъе щвезе руго интернеталда ругезул телефоназул номералги, IP-адресалги, социалиял сайтазда ругезул баяналги, электрониял адресалги ва гьезул хважаинзаби ругеб бакIазул баяналги.

Улкаялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалухъе гьединаб ихтияр кьолеб хIукму гIумруялде бахъараблъун рикIкIине бегьулилан хъвалеб буго цоги баяналда. Арааб анкьалъ къануналъул проект пачалихъияб Думаялъул халгьабиялде босун буго. Депутатазги гьелъул рахъкколеб бугеб гIадаб хабар буго.

Кинабха букIине бегьулеб гьеб къануналъул проект гIумруялде бахъани цо-цо машгьурал соц сайтазул ва интернет-провайдеразул къисмат? Абизе бегьулиш жакъа хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул тIубараб халкквеялда гъоркье ккани гьел социалиял сайтазул хIаракатчилъи чIунхутIизе бугилан. Гьеб суал нижеца дандбана Дагъистаналдаса цо-цо эксперталгун.

Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухълъ гьалдаса цебеги хал кколеб букIанин интернет сурсатазда хадуб щибниги гьелдалъун хисизе жо гьечIилан рикIкIунеб буго «Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовас. Гьеб цо, кIиабизе бугони гьез халгьаби цIикIкIинабулеб бугелъул гьелъие хIажатаб къайи-цIа босизе гIемераб гIарац харж гьабизе бугин улкаялъул бюджеталадса. Гьединлъидал гьадингоги жидеца гьабулеб хIалтIулъ цо кIудияб цебетIей гьечIел хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъчагIазе гIемераб гIарац щвей гурони тIокIаб хисизе жо жинда гьениб бихьулеб гьечIилан абулеб буго журналистас:

МухIамад МухIамадов: «Интеренет провайдер абураб жо щиб кколеб? Гьеб буго чиясул пикрабиги, каламги цогидаздаги рагIизе, рихьизе рес кьолеб информациялъулаб сурсатлъун. Пачалихъалъ кидаго хIаракт бахъан гьединал эркенлъиялъе гIурхъи чIваез, гьебго жо гьабизехъин буго гьанже хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъги. Гьединаб гали цеб лъолеб бугони чияс цогидаб цIаралдалъун, электронныяб адрес хисизабун цогидал бокьарал ресалги хIалтIизарун бокьараб нух балагьизе буго интернеталда жанибе. Пачалихъалда кколеб бугони гьединал гIурхъабиги чIван социалиял сайтазда экстремистиялгун криминалиял гIуцIаби загьир гьаризе кIвелилан гьеб буго цIакъго ахIмакъаб пикру. Къанун хIисабалда щула гьабизе ккараб жоги гьеб гуро».

ХIасил-калам жидеца хIалтIи гьабулеб бугилан абун бихьизабизе гIоло гьабулеб гIадаб жо бугин хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулхъалъилан абуна МухIамадица хадубги. Гьез хадуб халклолеб буин лъарав чияс жидирго гуреб батIияб цIарал цо гуреб цо анцIго батIиябги гIуцIизе бегьулин интернеталда сайт. БетIер хIалтIулев чияс жиндего цIодорлъи гьабизе чанго нух батулин информация тIибитIизабулел алатазе гьелдалъун щибниги зарал кколарилан абулеб буго МухIамадица.

«Вымпелком» гIадал цо-цо провайдераз абулеб буго хасал хъулухъазда гьабизе ракIалда бугелъ Конституциялъ гарантия кьураб ва инсанасул хасаб гIумруялда хъвангутIизе бихьизабураб ихтияр хвезабулеб бугин.

Гьелда тIад рекъолев вуго МахIачхъалаялдаса юрист Сулейманов Сулейманги. Дуца чияхъе хъвалеб кагъатги, бицунеб хабарги цогидабги гьеб кколин мун бетIергьанаб калам, гьелда гьоркьове лъугьине ихтияр гьечIин я хIукуматалъул, я хасал хъулухъазулилан абулеб буго адвокатас

Сулейманов Сулейман: «КIиго батIияб рахъалдаса балагьизе ккола гьелде. Мисалалъе киназего гIаммаб публикация, баян гьеб батани, гьелда хадуб халкквезе хIажалъи бихьуларо дица. Амма мисалалъе, амма дуцахъалеб хабарал гьоркьоб диналда чиясул ихтияралда хъатIулеб калам бугони гьеб батIияб иш буго. Гурого дуцаги дицаги бицунеб хабаралда гьоркьоб гьоркьохъанлъи гьабулел чагIи рукIине бегьуларилан рикIкIуна дица.

Амма гьеб хIалтIи гьабулеб бугони гьелъие хIажатаб жо хIадур гьабизе ккола, гIадамазе махIниги бигьаяб жо гуро гьеб. Амма пачалихъалъеги бигьалъи букIине гьечIо, щай абуни гьеб буго гIадамасдаса хIинкъун гьабулеб пиша. Цоцаздехун ругьел битIизеги кагъат хъвазеги цохIо интернет гуребги телефонги бугелъул гьелда хадубги чIезабеха гьедин батани хъаравуллъи».

МТСалъ, «Ростелекомалъ» «Яндексалъ», Google ва Mail.ru Groupалъул пресс-хъулухъаз инкар гьабун буго «Коммерсанталъул» макъалаялъе комментариял кьезе.