Анкьил тIаса рищарал суратал. Август, 21-27.
Лондоналъул Олимпиадаялда мазгаралъул медаль щварав Афгъанистаналдасан Рогьула Некпа тхэкводндоялда Британиялдасан 68 килограмм бугев Мартин Стамперидасан бергьиналдасан воххун эхеде кΙанцΙараб мехалда бахъараб сурат.
Лондоналъул Олимпияб стадионалда Ираналдасан спортсмен Лейла Раджаби кьеркьолей йиго медалалъухъ ядро реххун.
Афгъанистаналъул Самангун провинциялъул мажгиталда Рамазан моцΙалъул как балев чи.
Оппозициялъ жидерго акция хΙисабалда аэропланалдасан парашютазда хун рехарал чΙартил мишкабазул сурат бахъиялъе гΙоло туснахъалде рехарав Антон Супаринил рахъ кквей загьир гьабун Белоруссиялъул фотомухбир Юлия Дорошкевич эхетун йиго Минскалъул диваналъул
Лондоналъул Олимпиял хΙаял. Россиялъул спортсмен Гульнара Галкина гΙахьаллъулей йиго 3000 метралъул квал-квалазул сангараздасан тΙасса кΙанцΙун рекериялъул къецалда.
Лахоралда шагьаралдасан пакистанияс хал гьабулеб буго Рамазан моцΙалда кваналеб бакъвазе бараб хасаб вермишелъул.
Македония. Скопье шагьар. Температура бахун буго 43 градусалде. Треска гΙоралда чурдолел лъимал.
Халалъуде кΙанцΙариялъул кьецазда гΙахьаллъулей Украиналдасан Людмила Йосипенко.
Гьадин къабул гьабуна олимпиадаялъул боксалда жийго къей Таджикистаналъул спортсмен Мавзуна Чориевалъ.
Казахстаналдасан Илья Ильин цΙакъ воххун вукΙана Олимпиадаялда штанга борхун щвараб бергьенлъиялдаса.